Вторник, 23.04.2024, 16:25 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Май » 20 » ХЪИЗАНАЛЪУЛ КЪОЯЛЪУЛ Х1УРМАТАЛДА. ГУРХ1АЛИЛАБ АХ1ВАЛ-Х1АЛАЛДА.
23:47
ХЪИЗАНАЛЪУЛ КЪОЯЛЪУЛ Х1УРМАТАЛДА. ГУРХ1АЛИЛАБ АХ1ВАЛ-Х1АЛАЛДА.

15 маялда Россиялда к1одо гьабула халкъазда гьоркьосеб хъизаналъул къо. Кинаб г1илла бугеб хас гьабун гьеб къо к1одо гьабиялъе? Нилъеда сверухъ г1емер дандч1вала  зах1матаб ах1вал-х1алалде ккарал, ресукълъиялда ругел, лъимал-инвалидал, бесдалал хьихьарал хъизанал. Гьединазул кумек-т1алаб гьаби, гьезул рахъкквей нилъер пачалихъалъул гуребги, сверухъ ругел, аск1ор х1алт1улел, г1адамазулги Аллагьасулги рахъалъан кириги щолеб, г1адамазул рахъалъан босани, баркалаги к1удияб х1алт1и ккола. Гьеле гьединал хъазанал лъазариялъул, гьезде цойги нухалъ к1вар кьеялъул мурадалда, Россиялдаго к1одо гьабулеб гьеб къо рохалилаб ах1вал-х1алалда т1обит1ана Хунзахъ г1адамазе комплексниялъулаб хъулухъ гьабиялъул централдаги хъизаназе ва лъималазе цадахъаб хъулухъ гьабиялъул централдаги хъизаназе ва лъималазе цадахъаб хъулухъ гьабиялъул отделалъул х1алт1ухъаби Набиева  Байзатил, Макъсудова Мадинал, Г1абдургъаниева ва Х1ажиева Раисатазул жигарчилъиялдалъун.

Нилъер районалдаги камун гьеч1о зах1матаб ах1вал-х1алалде ккарал хъизанал. Киналго ах1ун бажаринч1ониги, централде ах1ун рук1ана гьединазда гьоркьосан цо-цо хъизанал. Кванил ниг1матаздалъун бечед гьарурал столазда нахъе г1одор  ч1арал улбузул бук1ана гьанжесеб зах1матаб заманалда, лъималазул ц1алиялда, тарбия кьеялда хурхарал г1ара-ч1вариялда, цоцазе малъа-хъваял, цоцаде бикьулеб ургъел.

Улбузда хъизаназул къо баркизе яч1арай районалъул руччабазул комитеталъул председатель Пат1имат Набиевалъ г1одорч1аразе бицана хъизаналъул к1варалъул. – Бищунго нилъее  рокьулел, бищунго нилъее г1агарал г1адамал данде  руссараб свери-хъизаналда, лъимер куцала  к1удиязул адаб  гьабизе, гьит1иналгун рекъон рук1ине, мадугьалихъ х1еренго, цадахъ ругелгун гьуинго рук1ине.  Гьеб киналъулъго гьезие мисаллъун рук1уна эбел-эмен, к1вар бугеблъун ккола эбел-эмен  цадахъ рекъон х1алт1изе. Г1емер дандч1валелъул гьезул цоялниги камурал, х1атта к1иялгоцин гьеч1ел хъизаналги, гьезие нилъедасан бач1араб кумек гьаби, гьеб т1оцебесеб  к1варалъул ишлъун кколилан,- ян абуна Пат1иматица.

Пат1иматица баркала кьуна киг1ан къо бихьаниги, жидер борч бах1арчилъиялда т1убазабулел улбузе.

К1алъазе рахъарал лъимал-инвалидал хьихьарай Гъонохъ росулъа Казбекова  Батучица, бесдал лъималазул улбул Байикьа Г1абдулгъапурова Заираца, Хунзахъа Мух1амадова Мухлисатица, Г1ашилт1аса Малачиева Г1айшатица, Заг1иса яцг1алалъул яс ва гьелъул лъимал хьихьарай Мух1амадова Пат1иматица рак1-рак1алъулаб баркала кьуна жал к1одо гьарун г1уц1араб данделъиялъухъ комплексалъулаб хъулухъ гьабиялъул централъул х1алт1ухъабазе. Гьарана гьезие рохел, талих1, ресукъазе кумек гьабизе, бесдалазда гурх1изе тавпикъ ва бажари.

Риччанте, нилъер районалда хъизамал щулалъизе, риччанте, нилъер бук1инесеб – лъимал роц1ц1араб зобалда ва гвангъараб бакъалда гъоркь т1угьдул г1адин т1егьан рач1ине. Риччанте, киналго хъизанал талих1аллъун рук1ине. Гьеб кинабгойин абуни  хъизаналъулъ буго.

Н. Г1алиева.

Просмотров: 564 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz