Четверг, 25.04.2024, 19:16 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2012 » Февраль » 14 » ХИНЛЪИГУН РОХЕЛ ЖУБАРАБ АХ1ВАЛ-Х1АЛАЛДА.
17:04
ХИНЛЪИГУН РОХЕЛ ЖУБАРАБ АХ1ВАЛ-Х1АЛАЛДА.
Районцоязда рак1алда батила Дагъистаналъул президентги газпромалъул жавабиял г1адамалги рач1ун Т1ануси газ бикьулеб станциялда турбил к1алт1а ц1аги бакун гьеб х1алт1изе кьеялъул рохалилаб дандеруссин т1обит1улеб заман. Т1анусдерил киналгоязде г1агарун рукъзабахъ хъах1илаб ц1атариялдаса пайда босулеб бук1аниги, газ жеги бач1ун бук1инч1о школалде. Аслияб г1иллаги гьелъие бюджеталда г1арац гьеч1олъи бук1ана. Г1емер х1аракат бахъана райадминистрациялъул бет1ер Дарбишев Х1ажияс гьелъие ресал ратизе ва ахирги т1анусдерил школалде газги бачун, рукъзал хинлъизариялъул система гьелда хурхинабиялъул х1алт1и райадминистрациялда цебе бугеб ОАО «Хунзахское СЭУ»ялъул директор Х1амзатов Х1усенида т1адкъана. Цебеги росабалъ газил трубабазул проводка гьабун х1албихьи щвараб г1уц1и бук1иналъ, Х1усенил х1алт1ухъабаз жидедаго т1адкъараб иш рак1бац1ц1адго т1убазабуна. Къокъабго болжалалда балагьана гьелъие х1ажалъулеб т1аг1ел-алат, росана котелал ва г1емерго заман иналде школалда газица бакулеб отопительнияб система х1алт1изе биччана.

Школалда газил печь х1алт1изе кьеялъул рохалилаб данделъиялда г1ахьаллъана райадминистрациялъул бет1ер Дарбишев Х1ажияв, ОАО «Хунзахское СЭУ»ялъул директор Х1амзатов Х1усен, РУОялъул н6ухмалъулев Г1умаров Залумхан, школалъул учительзабазулгун ц1алдохъабазул коллективал ва т1анусдерил жамаг1аталъул вакилзаби. Гьеб тадбирги рагьун жидее хинлъи сайигъат гьабурал х1алт1ухъабазе, хасго гьезул нухмалъулев Х1амзатов Х1усение рак1-рак1алъул баркала кьураб к1алъай гьабуна школалъул директор Дибиров Хъайтмазица. Баркигун баркалаялъул к1алъайгун цеве вахъана райадминистрациялъул бет1ер Дарбишев Х1ажияв.

-Лъимал-гьеб ккола нилъер бук1инесеб. Умумузул мустах1икъал ирсилаллъун рахъине г1унбач1унеб г1елалъе бит1араб тарбияги гъваридаб лъайги щвезе ккани х1ажалъула гьелъие рекъон кколел шарт1ал, гьел г1уц1иялде буссараб бук1ине буго дир хадубккунисебги х1алт1и, х1аракат бахъила районалда лъайкьей цебет1еялъе бажарарабщинаб гьабизе. Баркала Х1усениеги гьабураб х1алт1ухъ. Ресукълъиялъухъ, зах1малъабазухъ балагьич1ого х1алт1ана гьев т1адкъараб иш заманалда т1убазе,- ян абуна Х1ажияв Мух1амадовичас жиндирго к1алъаялда. Районалъул лъайкьеялъул х1алт1ухъабазул рахъалдасан баркиялъулаб к1алъай гьабуна РУОялъул нухмалъулев Г1умаров Залумханица. Росуцоязул, т1анусдерил жамаг1аталъул рахъалдасан баркала кьун к1алъана Абулмуслимов Г1умарасх1аб. Гьабураб х1алт1уе кьураб лъик1аб къиматалъухъ, жиндир коллектив к1одогьабуралъухъ баркала кьун к1алъазе вахъана Х1амзатов Х1усен. Киназулго хъатч1ваялда гъоркь гьесги районалъул бет1ер Х1ажияв Мух1амадовичасги газалъул печь х1алт1изе биччана. Хинлъиги рохелги жубараб ах1вал-х1алалда рихана тадбиралъул г1ахьалчаг1и т1анусдерил школалдаса рокъо-рокъоре.   

Просмотров: 871 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz