Ц1алана гьаб соналъ 29 январалъ Дагъистаналда цогояб информациялъулаб Центр г1уц1и мурадалда муг1рузул газетазда оптимизацияги гьабун, гьел маг1арулазул «Х1акъикъат» газеталде цолъизаризе кколилан Журналистазул Союзалъул председатель Г1али Камаловасул проекталда рекъон «Росдал зах1матчи» газеталда «Районалъул тарихалда зани ч1вазе байбихьидай» абураб бет1ералда гъоркь Россиялъул журналистазул союзалъул член Расул Х1амзатовас хъвараб макъала. Гьебго гьумералда кьун ругоан цо-цо районазул газетазул редакторзабазул пикрабиги.
Церехун рехсарал макъалабазул авторазе г1акълу-лъай кьезе г1ураб гьунаралъул чи дунго гьеч1ониги, 25 соналъ СМИ-язул г1уц1абазда х1алт1ун вугелъул рак1алде ккана гьез рорхулел суалазда сверухъ дирго пикру загьир гьабизе.
Макъала ц1алидал бич1ч1ана гьел киназулго районазул редакциял къаялда сверухъ рах1ат хвей бижун бук1ин. Гьелъул г1аксалда, дир гьеб предложение Камалов Г1алица кьунилан абун кинаб бук1аниги г1ажаиблъи гьабизе бач1инч1о. Районазул газетал «Х1акъикъат» газетагун цолъизаризе кколилан гьес бицунелдаса дагьалдасан 10-15 сон буго. Гьеб г1умруялде бахъинищалиги лъаларо. Бахъаниги х1икмалъизе жоги гьениб щибго гьеч1о. Щайин абуни, щай гурого ахираб заманалда халкъалъе к1вар бугел дагьал г1уц1абийищ нилъер анирги, цогидал бак1аздаги къарал, цолъизарурал яги ц1арги хисизабун филиаллъун гьарурал. Г1адатиял г1адамазе хут1изег1ан лъие жакъа х1ажат ругел районазул газетал, радио, телевидение, нилъерго миллияб рахьдал мац1?
Гьел ц1униялда сверухъ лъица ва кинаб х1алт1и гьабулеб бугеб республикаялда ва жиде-жидер бак1азда? Жакъа босе г1емерисел республикаялъул ва районазул газетал, чан мискин – халкъалъе пайдаял, гьезул г1узраби, унтаби рихьизарурал макъалаби, къанунал гьенир рахъарал. Якъинго лъалеб бук1аниги, чан г1адатияв инсанасда сверухъ гьабураб х1алихьалъи къват1иб ч1вазе гьабураб газетаз?
Гьанже республикаялъул бук1а, районазул рук1а газетал лъугьун руго цо хасаб къокъаялъе хъат ч1валел «далайчаг1илъун». Къанаг1атги бихьуларо гьениб критика. Дагьабниги критика гьабулеб республикаялъул Миллат ва Черновик газеталги т1алъи кодосезе лъугьун руго корохъ хабар бицунел гьерсил газеталлъун, гьезда рахъулел макъалабиги кьуч1 гьеч1ел ругилан рик1к1уна гьез. Щибаб г1уц1иялъе х1укуматалъ бихьизабун бук1уна х1алт1изе кколеб къаг1ида, къанун, закон. Нилъер аниб къанун, т1ад ругел х1акимзабаз абухъе бук1ине ккола. Гьезул зурмихъе бачунеб бакъаналда кьурди-ч1езе гьаниб г1умру гьеч1о, г1азаб тун бат1ияб.
Бич1ч1уларо, жакъа Дагъистаналъул бет1ер миллатги, мац1ги, маданиятгун-адабият ц1унизе ц1иял кунаказул рукъзал разе, росабалъа г1олохъаби лъараг1лъиялде гочинч1ого рук1ине х1алт1аби гьаризе кколилан ах1т1елевги вук1ун цо-цо т1асан ккарал, жидерго хъулухъ-ишалъул гурони ургъел гьеч1ел чиновниказда щай гьес кколеб раг1и абуларебали яги гьел х1аялги гьесда лъач1ого гьарулел ратиларищха?
Жакъа штаталги къокъ гьаруни, х1алт1изе бак1ги гьеч1они, щибха районазул росабалъ ругел г1адатиял х1алт1ухъабаз гьабизе кколеб. Кин гьез хъизан-лъимал хьихьизе ругел?
Дида ккола лъил гьеб предложение батаниги, гьеб суал г1умруялде бахъине тезе бегьуларилан.
Жакъа К1удияб Ват1анияб рагъул заманаялъги, гьелдаса хадуб ккараб чанго хиса-басиялъул заманаялъги ц1унизе к1вараб районалъул газета ц1унизе к1веч1они, кинал районцоял нилъ рук1унел? Рач1а районалъул нухмалъулезги, г1адатиял г1адамазги цадахъ лъугьун х1алт1и гьабизин нилъерго г1агараб газета ц1униялъе г1оло. Васалам. Вакалам.
Гъ. Къурамух1амадов.
|