Четверг, 25.04.2024, 03:42 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Март » 26 » Х1УСЕН КАЗИЕВАС – 70 - СОН.
09:52
Х1УСЕН КАЗИЕВАС – 70 - СОН.

Авар миллиталъул ва т1олго Дагъистаналъул  ч1ух1и ва рохел

18 марталъ Авартеатралда цойги нухалъ жиндиеги живги хириял маг1арулазул ва цойгидал миллатазул вакилзабазул рак1ал рохизаруна авар халкъалъул бец1аб сардилъ кунч1араб ц1ваг1адаб гвангъараб махщалил инсан, Дагъистаналъул халкъияв артист, Россиялъул мустах1икъав артист, нилъер районалъул ч1ух1и Казиев Х1усен Х1усеновичас.

Гьеб сордоялъ Авартеатралда к1одо гьабуна Х1усен Казиевасул к1ийилаб юбилей – гьесул г1умруялъул 70- сон т1убай ва творчествоялъул 50 сон байги. Г1одобе г1еч бортизеяли киб гурин, т1ут1 ч1езе бак1цин бук1инч1о гьеб сордоялъ театралда, киг1анги т1адег1анаб реццалъеги адабалъеги мустах1икъав вук1аниги, ч1ух1а-къули гьеч1ев, г1адатияв маг1арулав к1одо гьавизе рач1арал г1адамазул г1емерлъиялъ. Гьаб залалъул къварилъиго щибан кколеб бук1ана дида рак1алде. Маг1арул мац1 бич1ч1улеб  гьеч1ониги, Х1усен Х1усенович вихьизеги раг1изеги цойгидал миллитазул г1адамал  рач1иналъги бихьулеб бук1ана г1адатияб халкъалъул бугеб адабалъулаб бербалагьиги рокьиги. Рарал саназги хъулухъ-пишаялъги бижизабуларо г1адатияб халкъалъул лъиде бук1аниги адаб-х1урматги рокьиги.

Гьединаб бербалагьиялъе г1адан мустах1икълъула сих1ирлъи гъорлъ гьеч1еб, г1адатияб, рак1 рагьараб г1амал-хасияталъги, г1адан хиралъиялъги, рак1 унтун, заманалъухъ балагьич1ого, к1вах1-свак тун гьабулеб  рак1бац1ц1адаб х1алт1уцаги.

Казиев Х1усен гьавуна 1945 соналъул 8 октябралда Г1ахьалч1и росулъ. 1964-69 соназ ц1алана  Тбилиссиялъул театралияб институталда музыкалиял  камедиязул факультеталда. Ц1алун лъуг1аралдаса нахъе жакъа  къоялде щвезег1анги х1алт1улев вуго Авартеатралда. Х1усен Казиевас х1ана 100-са ц1ик1к1ун  бат1и-бат1иял ролал: Ц1адаса Х1амзатил «Балагьалъул гъамасалда» - Г1алибулатил, «Айдемир ва Умайгьанатида» - Айдемерил, Мах1амад Г1абасиласул «Саба Меседода» - Баланурил, «Камалил Баширида» - Чангъиласул, З. Г1алихановасул «Муг1руздаса Г1алида» - Г1исал, Расул Х1амзатовасул «Маг1арулалда» - Шаг1ирасул, Г1абдулмажид Хачаловасул «Аманаталда» -  Мирзал, Г. Зейнашевалъул «Ч1ужу яче, К1удада» - Гъапур-дадал, Бомаршел «Севильский цирюльникалда» -  Бартолол, Гарсиа Лоркал «Бидулаб бертиналда» - инсул ва жеги чанги бат1и-бат1иял, кьер-кьерал. Х1усен Казиев ккола г1ат1идаб махщалил артист. Гьесухъа бажарула комедийниял гурелги, рак1 къваридал драмаялъулал, г1адамал пикру гьабизе, ургъизе т1амулел психологиял ва х1еренал, недегьал лирикиял ролал х1азеги.

Жив Авартеатралъул аслияв (ведущий) актер вугин абун, жинцаго гьабураб х1алт1уда г1ей гьабун, цо бак1алда, цо х1алалда киданиги ч1еч1о Х1усен Казиев. Релълъараб х1алт1и-пиша бугониги сценаги, ай  театр, киноги бат1и-бат1иял бак1ал ккола. Гьенир  к1иялъурго ролал х1азе кканиги, х1алт1ул къаг1идабазул хаслъиялъ, киналго артистазухъа гуро т1адег1анаб махщалидаги реццалдаги к1иябго х1алт1и гьабун бажарулеб. Фильмалъул героясул раг1аби, гьесул рилълъин, бербалагьи, гьесул гьими аза-азар г1адамазул рак1азде к1оченаредухъ риун т1езе к1веялъ нуг1лъи гьабула Х1усен Казиевасул бажариялъеги, махщел-гьунарелъеги.

Гьединаллъун лъугьана «Рай под тенью сабель», «Талисман любви», «Салам Москва»  фильмазда гьес х1арал ролал. Гьесул бергьараб махщалие нуг1лъун ккана 201. соналъ «Мой Дагестан. Исповедь» фильмалда  Х1усен Казиевас х1араб Ц1адаса Х1амзатил роль. Гьеб роль х1азе дандеккарав артист валагьулаго, фильм бахъулел чаг1аз г1емерал  цойгидалги театразул актеразда, артистазда гьоркьоса, лъихъа кин к1удияв шаг1ир вихьизавун бажарулебали балагьич1ого, бач1инахъего Х1амзатил роль х1азе Х1усен Казиевасде  божилъи гьабула. Цо ц1ар раг1арав ракьцоясул сипат-сурат, г1амал-хасият, г1умру-яшав цойги ц1ар раг1арав ракьцояс бихьизабула.

«Талантливый человек  талантлив во всем» ан абула г1урусаз. Г1иц1га театралдаги фильмаздаги ролал х1аялдалъун лъуг1уларо Х1есен Х1усеновичасул махщел. Гьес хъвана Авартеатралъул  сценаялда лъурал «Гьит1инав ц1огьор» («Воришка»), «Цер ва хан» лъималазул пьесаби, «Рокьул контора» абураб музыкалияб комедия. Х1усен Казиевасул махщел буго  таржама гьабизеги. Гьес бат1и-бат1иял мац1аздаса маг1арул мац1алде руссинаруна И. Юзеевалъул «Соловьиная песня», Г. Гюнтекинил «Хюледжи»,  Г. Хугаевалъул «Всадники на ослах» абурал пьесаби. Х1усен Казиевасул кеч1 ах1изе бугеб гьунарги лъиениги балъголъи гуро. Авартеатралда хъулухъ гьабиялда цадахъго, Х1усен Х1сеновичас дарсал кьола Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул культураялъул факультеталъул студентазе.

Х1усен Казиевасул гвангъараб гьунаралъе т1адег1анаб къимат кьуна  пачалихъалъги. 1975  соналъ гьев восана театралиял х1аракатчаг1азул Союзалъул членлъун. 1985 соналъ Х1усен Казиевасе кьуна ДАССРалъул мустах1икъав артист абураб ц1ар. 1993 соналъ махщел камилав актер мустах1икълъана ДРялъул халкъияв артист абураб т1адег1анаб ц1аралъе.

2005 соналъ Х1усен Казиев к1одо гьавуна РФялъул мустах1икъав артист абураб ц1аралдалъун. Гьединго к1одо гьавуна ДРялъул  Х1укуматалъул дипломаздалъун ва х1урматиял грамотабаздалъун, ДРялъул Культураялъул министерствоялъул  шапакъатаздалъун. Х1усен Казиевас мустах1икъаб бак1 ккола Авартеатралъул тарихалде арал ц1ар раг1арал артистазул кьерда – театралъул  Меседилаб фондалда.

Авартеатралъул директор  Мух1амадрасул Мух1амадрасуловас  Дагъистаналъул халкъияв артист Х1усен Казиевасда гьесул г1умрудул гьайбатал юбилеялги баркун, гьединаб махщел-гьунаралъул инсанасда цадахъ х1алт1изе щвеялдаса бугеб ч1ух1иги, рохелги, загьир гьабун, Х1усен Х1усеновичасе лъик1абщинабги гьарун, рагьана  юбилеялъулаб сордо. Дагъистаналъул Бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповасул, ДРялъул Х1укуматалъул рахъалдасан  артистасда юбилеял баркана Дагъистаналъул Х1укуматалъул т1оцевесев  председатель Анатолий Шамсутдинович Карибовас. Рахъи бугеб бечедаб зах1маталъулаб нухалъухъ А. Ш. Карибовас Х1усен Казиев к1одо гьавуна т1адег1анаб шапакъаталдалъун – «За заслуги перед республикой» орденалдалъун. Г1иц1го дагъистаназда гуребги, республика тун къват1ибги нилъер ракь цояв лъалев вук1иналъеги, гьев вокьулев  вук1иналъеги, гьез гьесул адаб-х1урмат гьабулеб бук1иналъеги нуг1лъи гьабула нухалъухъ ва цогидалги  квал-квалазухъ валагьич1ого, рик1к1адаб Абхазиялдаса гьезул халкъияв артист, ц1ар раг1арав Скандарбек Тулпаров Х1усен Казиевасда юбилей баркизе  Мах1ачхъалаялде вач1иналъги. Гьоболас Мух1амадрасул Мух1амадрасуловасул ва Х1усен Казиевасул каранда рана шапакъаталги.

Хунзахъ районалъул т1алъиялъул, ракьцоязул рахъалдасан Х1. Казиевасда юбилей баркана районалъул культураялъул отделалъул нухмалъулей Ирайгьанат Мух1амадовалъ.

Баркиялъулал к1алъаяздаса хадуб байбихьана творческияб бут1аялде. Гьеб бачана Авартеатаралъул артистка, культураялъул мустах1икъай х1алт1ухъан Рукъият Халидовнаялъ. Сценаялде вахана Дагъистаналъулго ч1ух1и – Х1усен Казиев. Жив к1одо гьавун  театралде рач1аразе баркалаги кьун, Х1усен Х1усеновичас рак1алде щвезаруна авар адабияталъул классикал Хъах1абросулъа Мах1муд, гьесул гьудул ва учитель Бакьагьеч1иса Ч1анк1а, ах1ана Мах1мудил кеч1ги.

Хадусеб юбилейнияб программа г1уц1ун бук1ана ралагьулезда  ч1алг1унаредухъ:  Авартеатралъул артистаз рихьизаруна бат1и-бат1иял пьесабаздаса бут1аби ва щибаб сценкаялда хадуб цо-цо кеч1 ах1иялъги интересаблъун лъугьана вечер. Вечерги жиндир х1урматалда гьабулеб бугила, живги юбиляр вугила абун цо минуталъги г1одов вук1ун ч1еч1о Х1усен Казиев. Щибаб сценкаялда гьес х1ана ролал, ах1ана куч1дул. Гьеб сордоялъ сценаялдасан рихьизаруна «Нус гуро, месед йиго», «Ах1ун бахъинч1еб кеч1», «Аршин малалан», «Ч1ужу яче к1удада», «» Кавказалдаго берцинай , «К1одоласул ригьин» абурал театразул бут1аби. Х1усен Казиев к1одо гьавун куч1дул ах1ана Ч1арада районалъул хоралъ, нилъер районалдаса ДРялъул  халкъияй артистка Г1айшат Тажудиновалъ, Авартеатралъул артистаз.

Х1усен Казиевасда юбилей баркизе сценаялде рахана гьесул хъизан-лъимал. Х1. Казиевасул хъизанги гьесда дандеккарай йиго – Пат1иматги гьевго г1адин Авартеатралъул артистка ккола. Вечералъул ахиралда киналго артистаз ах1ана Дагъистаналъул гимн.

Х1усен Казиевасул жан-жигаралъги, свак-к1вах1 гьеч1ого гъира-шавкъалда х1арал  ролазги залалда рук1арал  ургъелал, унта-щокълъи, къварилъи-зах1мат к1очон тезабун сах1 гьаруна гьеб сордоялъ. Бич1ч1улеб бук1ана дагьабги, лъик1 к1одо гьавизе Х1усен Казиев мустах1икъав вук1ин.

Кинабго лъик1 бук1аниги, дирго рак1алъги  намусалъги къабул гьабич1еб, кинго дида бич1ч1улареб цо бак1ги ккана. Гьай-гьай Х1усен Казиевасул г1ага-боржарал, ракьцоял залалда рук1ун ратила, бук1аниги росуцояз сценаялде рахун цо-к1иго раг1и абизе кутакалда бегьилаан.

Халкъиял артистал рукъ-рукъалъур гурелъул рук1унел!

П. Гунашева.

Просмотров: 805 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz