Вторник, 16.04.2024, 10:12 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Сентябрь » 28 » Х1УРМАТАЛЪЕ МУСТАХ1ИКЪАВ.
22:39
Х1УРМАТАЛЪЕ МУСТАХ1ИКЪАВ.

Дагьаб цебег1ан г1умруялъул 80 сон т1убана Дагъистан республикаялъул лъай кьеялъул мустах1икъав х1алт1ухъан, г1емерал соназ районалъул нухмалъиялъул жавабиял хъулухъазда х1алт1арав, мустах1икъаб х1алхьиялде аниги, районалъул херазул советалъул председательлъун х1алт1улаго щиб, гьеб х1алт1и тун хадубги, районалъул г1адамазул г1умру-яшав берзукьа биччач1ев Мух1амадинов Г1алиасх1аб Ах1мадовичас.

Районалъул нухмалъиялъул хъулухъазда х1алт1улелъул, гьев г1емер цеве вахъунаан «Росдал зах1матчи» газеталъул гьурмаздасан районалда цере ч1арал к1вар бугел суалазул, лъай кьеялда, культураялда, сахлъи ц1униялда, социалиял хъулухъазда данд ч1валел г1олел-г1оларел рахъазул масъалабазул бицун. Гьале жакъаги нижгун дандч1варав Г1алиасх1аб Ах1мадовичасдаги нижедаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари.

1953 соналда Хьиндахъ 7 сонил школаги лъуг1изабун ц1ализе лъугьана Г1алиасх1аб Буйнакскиялъул педучилищеялде. Бергьенлъиялда гьебги лъуг1изабун т1ад вуссарав Г1алиасх1аб Мух1амадинов х1алт1изе лъугьана Г1оч1ло байбихьул школалде учительлъун. Бач1инахъего байбихьула гьес к1удияб жигарчилъиялда х1алт1изе. Школалда дарсал кьеялда г1ей гьабун ч1еч1ого, г1ун бач1унеб г1ел г1агараб ракьалде рокьи бугеблъун, Ват1ан хирияблъун куцаялъе г1оло гьес г1емер т1орит1ула бат1и-бат1иял дандч1ваял, церерахъинал ва цоги-цогидалги тадбирал. Гьебги бихьун Г1алиасх1аб Ах1мадович вит1ула Тельманил ц1аралда бугеб колхозалъул комсомол организациялъул секретарьлъун. Гьенисан районалъул ВЛКСМалъул школазулгун х1алт1и гьабулеб отделалъул заведующийлъун. Кват1ич1ого вищула районалъул ВЛКСМалъул райкомалъул 2-лев секретарьлъун. Гьенибги Мух1амадиновасул х1алт1уде бугеб рокьиги, г1уц1арухъанлъиялъулаб бажариги бихьун, гьев вачуна республикаялъул ВЛКСМалъул обкомалъул г1уц1арухъанлъиялъулаб отделалъул инструкторлъун. Чанго соналъ гьеб хъулухъалдаги х1алт1ун, Г1алиасх1аб вачуна районалъул киносетазул директорлъун. Гьеб заманалда гьоркьоб Г1алиасх1абица лъуг1изабула Ростовалъул Т1адег1анаб партиялъулаб школаги.

Г1. Мух1амадиновасул жигарчилъиялдалъун ва доб заманалда республикаялъул кинофикациялъул начальниклъун йик1арай Губаханова Изумруд Х1ажиевнаялъул кумекалдалъун районалда рагьула муг1рузул районазда гьоркьосеб кинопрокаталъул отделение. Микьго районалъул г1адамазе хъулухъ гьабулаан гьеб отделениялъ. Гьедин, Г1алиасх1аб Ах1мадовичасда к1ола 18 чиясе х1алт1и ва гьел г1одор ч1езе мина балагьизе, т1адеги бала 8 бокс, данделъаби т1орит1изе к1удияб зал. Гьел т1аде разе районалдего т1оцебесеб нухалда рач1инарула железобетониял плитаби. Кинопрокаталъе ралагьана 2 къайи баччулел ва 1 т1адагьаб автомашинаби.

Лъиениги балъголъилъун батиларо, гъоб заманалда ч1ах1иялги, г1исиналги гъираялда хьвадулеб бук1араб кинотеатр «Ц1ум» Г1алиасх1абил жигарчилъиялдалъун Хунзахъ х1алт1улеб бук1иналъеги. Гьениб гурого неоналъулаб реклама гьабулеб бак1 муг1рузул районазда кибниги бук1инч1о. Г1алиасх1абица кинопрокаталде рач1инарулаан, г1иц1го республикаялдаса гурелги, СССРалъул тахшагьар-Москваялдасаги, Ленинградалдасаги, Новосибирскиялдасаги ва цоги-цогидалги шагьараздаса кинофильмал. Росабалъ рагьула киноаппараталъулал будкаби. 12 киноустановка гурого бук1инч1еб бак1алда, гьеб бахинабула лъебералда анкьгоялде. Гьеб х1алалда х1алт1улаго, 4 соналда жаниб районалда х1алт1улеб кинопрокат мустах1икълъула республикаялда хьвадулеб «Баг1араб байрахъалъе».

Г1олиласул жигарчилъи, х1алт1и гьабизе ва гьеб бачине бугеб махщел, гьесул бажари ва гъваридаб лъай бихьун, Г1. Мух1амадинов гьенисанги вачуна райисполкомалъул председателасул заместительлъун. Гьесул жавабчилъиялде ккола районалъул культураялъул отдел, сахлъи ц1уни, лъай кьей, социалияб защита, коммуналияб маг1ишат. Гьебгощинаб г1уц1иялъул х1алт1уда хадуб бербалагьи бук1инабиялда цадахъго, гьесде бач1ана к1удияб жавабчилъиги. Гьелдасаги щибго х1инкъич1ого, къач1ого ц1идасанги жувана гьев х1алт1уда гъорлъе.

Г1алиасх1аб г1емерав хьвадулаан росабазул школазде. Киб бугониги даг1ба-раг1и ккани маслиг1ат гьабулев чи гьев вук1унаан. Г1алиасх1аб г1емер дандч1валаан росабазул зах1матчаг1игун, школазул муг1алимзабигун, ц1алдохъабигун. Кибго раг1и билълъарав Г1алиасх1аб, киса-кибго гъираялда къабулги гьавулаан. Жиндирго махсаро-хоч1алдалъунги к1олаан гьесда г1адамазул рек1елъе нух батизе, г1олилазулгун данде ккезабизе, х1алт1и гьабизе нухал ратизе. Г1алиасх1аб райисполкомалда х1алт1улеб заманалда рарал руго Гьамущи, Г1орут1а, Хьиндахъ, Г1арани, Харахьи, Хунзахъ школал, Г1акаро маг1арда телевышка, райкомалъе мина, Хунзахъ росулъе бачараб лъим. Доб заманалда г1олохъаби ц1акъго жигарал рук1анилан бицана Г1алиасх1абица. Хунзахъ росулъ школалъе, райкомалъе мина балеб мехалда щибаб анкьалда г1олохъаби рахъунаанила субботник гьабизе. Г1акаро маг1арда бугеб телевышка, гьелдаго аск1обго бугеб мина балелъулги г1олохъабаз квер хъвач1еб гамач1 хут1ун батиларила. Доб заманалда босун буго телевышкаялде аппаратура, х1алт1изе биччан буго кьер бугеб телевидение. К1удияб х1алт1и гьабун буго, мунагьал чураяв Атал Х1ажица гьабураб х1оралъул проект г1умруялде бахъинабиялъе г1арац балагьиялъеги.

20 соналъ райисполкомалъул х1алт1уда х1алт1улелъул, райкомалъул щиб, райисполкомалъул щиб нухмалъулезда цадахъ лъугьунги, жиндирго жигарчилъиялдалъунги районалъул г1адамазул г1умру ва яшав цебет1езабиялъе г1емерал пайдаял ишал гьаруна Г1алиасх1абица. Гьев г1емер унаан республикаялдасан т1уразе кколел ишал т1уразеги. Гьезул х1асил ккеч1ого т1адги вуссунароан.

Районалъул социалиябгун-экономикияб ва культурияб цебет1еялъе г1оло свак лъач1ого х1алт1арав Г1алиасх1аб к1одо гьавуна «Дагъистаналъул мустах1икъаб лъай кьеялъул х1алт1ухъан» абураб ц1аралдалъун. Гьединаб ц1ар кинав ватаниги чиясе кьолароанилан бицана гьес. Цебе мустах1икъазул к1удияб адаб-х1урматги гьабулаанилан, къиматги бук1унаанилан. Гьездаги т1убараб жамг1ияталдаги гьикъун, г1акълу данд бан гурого кинаб батаниги х1алт1иги гьабулароанилан. Гьанже к1очон тун гурого мустах1икъал рихьулелго гьеч1илан. Хадубги жиндирго пикру загьир гьабун гьес бицана: -Щибаб х1алт1ул г1уц1иялда ратула ишги лъалел, к1одо гьаризеги, ц1арал кьезеги мустах1икъал г1адамал. Щаялиго гьел рихьулел гьеч1о. Дагьалищ ругел росдал маг1ишаталда, ветеринариялда х1алт1улел мустах1икъал г1адамал. Гьезул гьаракь раг1улеб гьеч1о. Мустах1икъал г1адамал к1очон теч1ого рук1ине бегьилаан, мустах1икъазул суратал ч1ван стендал гьаризе, данделъаби т1орит1улелъул г1акълу гьикъизе, пикраби данд разе гьел ах1изе. Беццараблъун бук1инаан «Мустах1икъазул слет» ах1изе, г1умруялъул лъугьа-бахъинал, тадбирал гьезул г1акълу-пикраби х1исабалде росун т1уразаризе.

Ккана нижер гара-ч1вари гьанжесеб г1олохъанаб г1елалда хурхунги. Щибго ургъел гьеч1еб, сундулго пикру гьабулареб г1ун бач1унеб бугила гьанжесеб г1елилан бицана Мух1амадиновас. Бук1инареб кинха, мина базе кколеб гьеч1о, къайи-къоно эбел-инсуца яс т1уялелъул кьолеб буго. Г1уц1ун, къач1ан кьураб минаялъуре рахъарал лъималазда зах1маталъул къимат бич1улеб гьеч1о, телефоналги кодор ккун, к1алдибе борта баг1арг1ечилан ч1олел руго. Гьезул кинаб бук1аниги жавабчилъи, нич гьеч1о. Мисалалъе босани, цебе х1алт1уде кват1улев чи цог1аги вук1унароан. Нагагьлъун кват1улел ругониги, рихха-хочун рекерун рач1унел рук1унаан. Къаси саг1ат цо-к1игоялда командировкаялдаса руссаралцин, радал саг1ат микьгоялда х1алт1уда рук1ине кколаан. Гьанжейин абуни, киг1ан кват1улел рук1аниги, гьел-гьелиялда г1одоре риччан унел рук1уна.

Цебе лъимал унаан жинди-жиндир болъодул х1ок1алдасан: октябратал, пионерал, комсомольцал, коммунистал. Гьезда лъалаан щивав вахине кколеб болъодул борхалъи. Октябренокасда лъалаан кинавлъун гьев вук1ине кколевали, гьединавлъун вук1ине гьес жигарги бахъулаан. Пионерасул ах1и «Кидаго х1адур вуго»,-ян абураб бук1ана. Комсомольцал куцалаан Ват1ан бокьиялъул, гьелъие рит1ухъаллъун рук1иналъул, зах1мат хирияллъун бах1арчилъиялъун рук1иналъул рух1алда. Гьанжейин абуни, кинабго г1арцуца борцунеб буго. Инсанлъиялъул, чилъиялъул халго гьабулеб гьеч1о.

Хабар ккана нижер гьанжесел рищиязда хурхунги, Г1алиасх1абил рах1ат хвезабун бугоан т1убараб 6 моц1алъ районалъул бет1ер вищун гьеч1олъиялъ. Г1адамаз общественныяб х1алт1уда къадараб гурони г1ахьаллъи гьабулеб гьеч1ила, гуребани, гьебгощинаб заманалда районалъул нухмалъулев гьеч1ого вук1унароанилан абуна гьес. Кинав бет1ер районалъе х1ажат вугев абураб суалалъе жаваблъун гьес рик1к1ана Дагъистаналъул халкъияв поэт Г1абасил Мах1амадил раг1аби:

Инсанги хирияв, халкъги бокьулев,

Хан къвариг1ун вуго дир т1алъиялъе.

Законги ц1унулев, ц1огьги рихарав

Т1адчи вокьун вуго районалъеги.

Бокьилаан буго нилъ киналгоги гьеб пикруялда разилъизе. Ахиралдаги Г1алиасх1абида юбилейги баркулаго, гьарула гьесие чорхое щулияб сахлъи, къвин гьеч1еб г1умрудул къуват, жан-жигар. Виччанте гьев кидаго хут1изе лъималазда, лъималазул лъималазда ва нилъ киназдаго гьоркьов жиндирго г1акълугун, махсаро-хоч1гун гьесие рек1ее бокьарабг1ан заманалда. Юбилейгун!

Н. Г1алиева

Просмотров: 507 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz