Суббота, 20.04.2024, 12:15 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Август » 10 » Х1ЕЛХ1ЕЛЧАГ1АЦАГУН РИШВАТЧАГ1АЦА Х1УЛУЛЕБ,- КЪАКЪАЛЕБ КЪО-ЛЪИК1, ДАГЪИСТАН… Р. Х1амзатов.
09:31
Х1ЕЛХ1ЕЛЧАГ1АЦАГУН РИШВАТЧАГ1АЦА Х1УЛУЛЕБ,- КЪАКЪАЛЕБ КЪО-ЛЪИК1, ДАГЪИСТАН… Р. Х1амзатов.

Х1елх1елчаг1и, ч1ик1арухъаби, цойги цо дир тарбиялъ раг1ун абизе кинго ихтияр кьолареб раг1и - гьел киналго руго инсаният бугебг1ан мехалъ машгьурлъиялдаса ине рес гьеч1ел, кидаго г1адамазул г1умру-яшавалда, хъулухъалъулаб турк1иялда хут1изе ругел бищун инжитал г1амалазул цояб жидеда кодосел homo sapiensaзул цо къавм.

Гьеб г1амал нахъег1анаб буго бикъа-хъами, хъачагълъи гьабиялдасацин. Дида сверухъеги г1емерго руго г1адамал, хасго, бихьинал (?!) гьеб нахъег1анаб г1амалалдалъун жидеца бет1ербахъи гьабун, рак1алдаго ва мустах1икъал гьеч1ого хъулухъалъулаб х1ок1иде жал рахарал. Жеги х1албохаяв Шекспирицаго абун буго: «Гаргадан махсароде кколин гъвет1алдалъун, пил-гвендалдалъун, ци -мат1уялдалъун, гъалбац1 - къоралдалъун, инсан - живго вецциялдалъун» - ан. Жакъасел х1акимзаби гьединаллъун ругизеги руго. Жидедаго сверун к1анц1арал, учузал рецц-бакъалъул шиг1рабаздалъун жидедехун к1алъарал цере ккола гьез руц1ц1унги рук1ун жидедаго т1адаб х1алт1и рак1бац1ц1адго т1убазабулел ругел, ц1одорал – бег1ерал цадахъ х1алт1улездаса. Х1елх1елчаг1азул бищун къуватаб ярагъ буго – хадуб-цебе сок1к1ун реццалъулаб гьоц1о х1акимасул г1инзунибе т1инк1изе лъай ва к1вей.

Ч1араб саг1ат гьеч1ого т1адчи вецци буго тохав х1елх1елчиясул къаг1ида. Х1албихьи бугев, эбелав ч1ик1арухъанас батула бат1ияб нух – гьев г1иссинккун лъугьуна х1акимасулгун божилъиялъул гьоркьорлъабазде, багьана бук1ун – гьеч1ого женк1ола гьесул кабинеталъув, шепас гьабулебщиналъе - к1иго саг1тилаб ч1амуч1аб данделъиялдаса байбихьун, ц1ек1ал габургъанкъал раялде г1унт1ун, пинкьал рахъиледухъ,ч1вала хъат. «Бадибе туниги ц1ад балеб бугин абулел рик1к1ад гьареян» малъулаан дида мунагьал чураяв инсуца. Гьанже бич1ч1ана дида гьеб кициялъ бицунеб хьвадиги х1елх1елчаг1азул цо хасият бук1ин. Киг1ан инжит - къабих1 т1адчаг1аз гьавуниги подхалимас гьеб х1ехьола, щайгурелъул хъулухъалдаса ват1алъани, гьесул гьеч1еб лъайгун бажари, бит1ун хъвай-хъваг1ай гьабизе гьунар – кинабго загьирлъула цойгияб пишаялде гьев валаго. Гьединлъидалин ругьунлъун ккараб, бахьинал раг1абаз х1аким чапизавуни г1олеб хьуц1, гьаб – къоркъое ракьалда алжанлъунги кколеб.

Сонцин щив вук1аниги нухмалъулев к1иго чи вак1араралъувги щибаб ракьа-щек1 кодобе босун какулев вук1арав, амма жакъа къоялде жиндирго мурад т1убан хъулухъ кодобе кьунилан дов жинца «рукьби чурарав» зобалазде вахинавулев «бихьинчиги» ккола дол х1елх1елчаг1азул цойгияб, х1инкъи бугеб тайпа – к1игьумералъулаб нахъасан реч1ч1улеб гьой г1адаб, бищун инжитаб хасияталъул тайпа. Ту-тун риччизарун, пу-пун ракъвазарун рук1аниги, бет1ер пахруго ккола гьез, михъал кьурула, къвалакь кверал ч1вала. Г1анграл … Гьединаздаса ц1одорлъи гьабизе г1акълу г1унани, х1акимчиясе жиндиего лъик1аб бугоан, амма рак1 биинабулел дифирамбабаз гъоркье рехуларев нух бихьизабулев къад кангун ватизе зах1мат буго диргун заманцоязе. Рак1алде бач1ана х1елх1елчилъиялъул чанго мисал, дир ях1-намусалъ кинго къабул гьабулареб, ц1акъго х1акъираблъун жиб бихьулеб. Бусурбанаб регионалъул цо бет1ерас, абулеб буго г1умруялда жиндие, жиндир халкъалъе щванщинаб лъик1лъи г1иц1го улкаялъул нухмалъулесул рах1мат кколин, гьевги жидее тагут (кумир) вугилан.

Астагъфирулагь. Аллагьасул квербакъиялдалъун пуланав чияс гьабунин гуреб, цебе инсанияб шарт1 рехсон абуни, мунагьалъукье кколеб калам. Гурх1ел ц1акъав, Ц1об Г1ат1идав, г1иц1го Аллагь вук1иналдаса тархъизарулеб къосин. Бет1ергьанас ц1унаги нилъ гьединаб «бусурманлъиялдаса». Ялъуни, цойги саламатаб хъулухъ-пишаялда вугес : «Ккараб бак1алда т1ад вугесул сахлъиялдасан истакан борхиг1ан х1алт1улъ цеве т1олеб жо батич1ин жинда» - ян кьураб «г1акълу». Понц1ело кьвагьиялде ккун батич1они пуланасул, х1акимзаби гьесул 3-4 г1аги хиси х1исабалде босун.

Х1елх1елчаг1азде т1адчаг1азул берал рагьизеян лъугьинги пихъ кьолареб гъвет1г1анги пайда гьеч1еб иш буго - лъиеха бокьилеб дов к1игьумерчияс дуе хасияталъе хъвалелщинал сипаталги гьереси бугин, мун вохизавулел хинал – беэнал жугьаби пурщулев досдаса, дур т1екъаб-мекъаб жо бадибе къазабулев дунго лъик1ав вугин раг1изе?!

Бокьарав, халкъалъул г1умру-яшав лъик1лъи жиндир хъулухъ-пишаялда барав т1адчиясул х1алт1и ч1ун хут1иялъе г1айибиялги руго гьанир церехун рехсарал.

Масала, нухда г1одобе рехун батараб гамач1 нахъе босунилан мун гьанжесев аварагги вугин, дудаса лъик1ас гьаб т1алъиялда х1ет1ги ч1еч1ин щивас ах1улеб бугони, киса ва кин дов х1аким вагьизе вугев чабаххги баччун хъилги т1ун гьаб нухалъул шагьра гьабуни, гьесие жеги даража щвезе бук1иналде ?!

Цоцаз гуккулел хут1ун руго нилъ: кьуч1 гьеч1еб рецц-бакъалдалъун, кодоб босизе г1оркь гуреб, г1одоб лъезе т1ину гуреб къимат кьеялдалъун, бит1араб бахчун, чиналъ к1удиясул г1ундузе раг1изе бокьараб абиялдалъун, рек1елъ бугеб загьир гьабизе к1веч1олъиялдалъун. Хвезе кват1ани, цойги щибдай бихьила, Аллагь?

Камилилай.

 

Просмотров: 918 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz