Среда, 24.04.2024, 02:43 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Август » 26 » Х1АЖИМУРАДИЛ Х1АКЪАЛЪУЛЪ БИЦЕНАЛ.
10:29
Х1АЖИМУРАДИЛ Х1АКЪАЛЪУЛЪ БИЦЕНАЛ.

***   ***   ***

Ахъбердил Мух1амадие абун йик1ана бечедай, берцинай чачанай Сану. Берцинай гурейги, гьей йик1ана ц1акъ кверда махщел бугей яс. Тохлъукьего Х1ажимурад гьоболлъухъе ккана Санухъе. Рихьаралго рокьана гьел цоцазе. Гьеб лъарабго, Ахъбердил Мух1амадица абун буго Х1ажимурадида: «Сану дуе диеялдасаги данде ккола, гьединлъидал гьей яче дуца. Нужее талих1 гьарула дица».

Гьедин X1ажимурадица ячана гьайбатай Сану.

***   ***   ***

Гьит1инаб мехалдасанго загьирлъана Х1ажимурадил х1инкъи-къай гьеч1олъи. Цо нухалда жеги гьит1инав чи гьев бугеб мехалдаго, гьесул х1албихьизелъун, сардилъ хабзалазда гьоркьосан гьев вач1унелъул,     хъах1ал халг1аталги рет1ун нухда ч1ун рук1ун руго чангоял ва гьев аск1овег1ан щведал, рагъарахъдун руго.

Х1ажимурадица гьеб мехалда абун буго: «Нуж хварал ратани, хабзалалъе а, ч1агоял ратани, дида данде рагъизе рач1а»,-ян.

Цоги нухалда хабзалазда гьоркьосан вач1унаго, гьесда раг1ун буго угьи, зигарди. Расги х1инкъич1ого гьев гьениве вортун вуго, щибжояли хал гьабизе. Гьесда гьениб унтараб ц1ц1е батун буго

***   ***   ***

Жиндирго г1умруялда жаниб г1емерал бах1арчиял чабхъенал гьаруна Х1ажимурадица. Гьесул бах1арчилъи бихьизе ккани, т1ок1аб жо гьеч1онигицин цо Hyxl-Бика хъамиялъул бицаниги г1ела. Hyxl-Бика ханалъул ч1ей бук1ана Жунгуталда. Гьениб г1умру гьабулеб бук1ана 4-азарго чияс, Мехтулинский ханасул резиденция гьениб бук1иналъги, гьенир ч1ун рук1унаан азаргоялдасаги ц1ик1к1ун солдатал-чот1ахъаби ва лъелал. Т1убараб росуго сверун къан бук1ана борхатаб ва щулияб чалиялъ. Гьенире жанире льугьине рук1ана чанго каваби, гьелги ц1унун рук1унаан рагъулал хъаравулзабаз. Жибго ханасул к1алг1а бук1ана росу бакьулъ борхатаб гох1да ва сверун къан бук1ана борхатаб ганч1ил къадаца. Гьеле гьеб бак1алдаса жиндирго тушман Ах1мад-хан Мехтулинскиясул къоролай хьамизе рак1алде ккола Х1ажимурадида ва хъамизеги хъамула. Гьесулго гьудул XIайдарбегица тушманасул к1иабилей ч1ужу Фатимаги хъамула. Хут1арал чот1ахъабаз гьезул гьениса дагьа-макъаб бечелъиги босун г1ей гьабула.

«Кавказалъул рагъул х1акъалъулъ дагъистаниязул биценал» т1ехьалдаса росана Ф. МУХ1АМАДОВАЛЪ.

Просмотров: 609 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz