Четверг, 28.03.2024, 19:21 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Сентябрь » 3 » Х1АЖИМУРАД ЩИВ?
23:09
Х1АЖИМУРАД ЩИВ?

Интернеталдасан, наибасул юбилеялъулал суратазда гъоркь гьев щив кколевилан ц1ехолел жакъаги камулел гьеч1елъул, гъоркьехун цойги нухалъ лъолеб буго наибасул бицунеб макъала.

Хунздерил Х1ажимурад (1816-1852 сс.) – «Аллагьасул хвалчен», «Халид бину Валид» ян жинде абулеб вук1арав, аваразул рагъул цевехъан, имам Шамилил ц1ар раг1арав наиб, Кавказалъул рагъул г1ахьалчи, Хунзахъа вахъарав, Аваразул ханзабазул рахьдал вац. Гьеб гуребги, Лев Толстоясул цого ц1аралъул къисаялъул бах1арчилъунги кколаан гьев.

Баянаб буго гьесул к1удадаби  Асланбекица ва Г1усманил Х1ажияс, эмен Гьит1инамух1амадица, вац Г1усманица, яцалъ, вацг1алзабаз ва цинаг1алзабаз, Х1ажимурадил тухум «Тавулаз» ва гьесул гьанжесел наслабаз г1умру Хунзахъ гьабулеб бук1араблъи ва жакъаги бугеблъи.

Х1ажимурадил эбел-эмен рук1ана  эркенал узденал, гьесул эбел йик1ана ханзабазул васазул рахьдал эбеллъун. Х1ажимурадги гьесул к1удияв вац Г1усманги рук1ана ханалъул васазул кьерилалги. Гьедин бук1иналъ, гьезул цоцаздехун бук1ана щулияб божа-рокьиги. Ханзабазулгун бугеб гьоркьоблъиялъ Х1ажимурадил г1амал-хасияталъе асар гьабич1ого хут1уларо.

Х1ажимурадил лъимерлъи ккана  бит1ун Кавказалъул рагъ байбихьараб заманалде. Х1ажимурадие хасиятаблъун бук1ана кинал ругониги зах1малъабазукьа х1инкъунгут1и, рак1 къвак1и, бах1арчилъи, рес къот1араб, щиб гьабилебали лъалареб ах1вал-х1алалдаса хехго бит1араб ва къокъаб нух батизе бажари.

Х1ажимурадил машгьурлъи байбихьана 1834 соналъ, гьесги вац Г1усманицаги ханалъул васал ч1варалъухъ рец1ел босиялдасан. Россиялъул  рахъалда Х1ажимурад г1ахьаллъана Х1амзатил бак1алда тарав Шамил имамасде данде гьарулел рагъулал  тунка-г1усиязда. Бихьизабураб бах1арчилъиялъухъ Х1ажимурадие офицерлъиялъул чинги кьола.

1840 соналъ Х1ажимурадиде Шамил имамасулгун балъгоял гьоркьорлъабазда вугилан г1айибги г1унт1изабун, генерал Клюгенаул буюрухъалда рекъон, туснахъги гьавун, гьев Темир-хан-Шураве вит1ула. Гьев щвезавизе рит1арал к1иявго чиги  цадахъ ц1ан, кьурул раг1алдасан бугеб сухъмахъалдасан унаго, гъоркье к1анц1ула Х1ажимурад. Цадахъ рук1аразда т1адги ккун, г1иц1го бох бекун гурони т1ок1аб къварилъи кколаро гьесие. Гьеб заманалдаса нахъе, Шамил имамасги т1амун, киналго маг1арулазул росабазул наиблъун вук1ана Х1ажимурад. 10 соналъ имамасул кваранаб кверлъун вук1ана гьев. Гьел соназ Х1ажимурадил бет1ерлъиялда гъоркь гьарурал бах1арчиял чабхъеназ гьесул ц1ар кибго  машгьурлъана. Х1ажимурадиде  абулеб бук1ун буго «вихьуларевилан». Х1ажимурад вач1ине бегьулеб бак1алде, г1урус армиялъул нухмалъиялъ гьесде данде бищун къуватал, т1аса рищарал рагъухъабазул къокъаби рехулаан. Х1ажимурадица чабхъенал гьарулаан давлаялъе г1оло гуребги, рец1ел босизелъунги. Давлаялъул бут1а гьес кидаго бесдалазе  ва къоролзабазе бикьулаан. Имамасул рагъухъабазда гьоркьов Х1ажимурад вук1ана бищунго цевет1уравлъун. Гьесул къвак1иялъгун бах1арчилъиялъ Дагъистанги  Чачанги х1айран гьарун рук1ана. Гьесул багьадурлъиялъул ц1ар т1олабго Кавказалдаги Россиялдаги т1ибит1ун бук1ана.

1851 соналъ имамасдаги Х1ажимурадидаги гьоркьоб ккараб даг1ба сабаблъун, имамасул буюрухъалдалъун Х1ажимурадил хъизан-лъимал асир гьарула.  Х1ажимурадги имамасдаса нахъеги ун, Бакьагьеч1ив  ч1ола.

Т1адвуссун маг1арухъе ине х1ал бихьулаго, Азербайджаналъул Кахи районалъул Онджалы росда аск1об хадур  лъугьарал хъазахъазул ва милициялъул чанго нухалъ ц1ик1к1араб къуватгун ккараб рагъулъ Х1ажимурад ч1вала. Кавказалъул ц1ар раг1арав бах1арчи хвана  гъвет1ги ккун. Гьесул къаркъалаялда сверун г1одор ккун рук1ана цох1о Х1ажимурадица ч1варав 17 тушманги. Х1ажимурадил хоб лъугьана зияратлъун.

«Х1ажимурад вук1ана рагъуе г1орхъолъа ун т1ок1 борч1араб махщел-гьунар Бет1ергьанасго кьурав чи. Бищун къвак1арал бах1арзазулги бах1арчи вук1анин Х1ажимурадилан аби ккола гьесул х1акъалъулъ щибго жо  абич1олъи. Х1ажимурадил х1инкъи гьеч1олъи бук1ана Кавказалъецин г1адатияб гуреб, г1ажаиблъилъун. Гьев вук1ана чол рек1аразул х1икматав цевехъан. Тушманасда хадув г1унт1арав, зах1малъабаздаса  ворч1изе бажарулев, гьужумазулъ нахъекъай гьеч1ев, нахъе къалаго лъиданиги жинда хадув гъезе, лъиданиги кквезе к1оларев. Рук1ана заманал гьев багьадурас князь Аргубинский – Долгоруков ва князь М. С. Воронцов г1адал ц1одорал полководцал бакараб ц1адут1а бугеб боркьараб къанит1а т1ад г1адин гьел ч1езаруралги. Гьев бергьараб гьунаралъул г1алхулав цогидаб армиялде вачаниги – французазул армиялде ялъуни дагьабги лъик1аб Мольткел армиялде, Европаялъул бокьараб армиялде вачаниги, киве кканиги Х1ажимурад вук1ине вук1ана х1инкъи-къай гьеч1ев тулакав рагъухъанлъун ва чол рек1аразул бищун лъик1ав командирлъун».

А. Зиссерманил хъвай-хъваг1аяздаса.

Просмотров: 521 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz