Суббота, 20.04.2024, 16:57 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Сентябрь » 5 » Х1АЖИМУРАД РАК1АЛДЕ ЩВЕЗАВУНА.
23:04
Х1АЖИМУРАД РАК1АЛДЕ ЩВЕЗАВУНА.

Гьал къоязда Хунзахъ Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб Культураялъул к1алг1аялда т1обит1ана Кавказалъул рагъул х1инкъи-къай лъаларев бах1арчи, Шамил имамасул кваранаб кверлъун вук1арав наиб, Хундерил ва т1олабго маг1арулазул ч1ух1и, Лев Николаевич Толстоясул  асаразул аслияв герой Х1ажимурад рак1алде щвезавиялъул сордо.

Тадбир байбихьана Хунзахъ наибзабазул паркалда Х1ажимурадил ва Шамил имамасул байрахъал  рорхиялдасан. Гьезул х1урматалда кьвагьана г1арадаги. Культураялъул к1алг1аялда данделъи рагьана берцинаб гьаркьидалъун ц1алулеб Къуръаналъул аяталдалъун. Умумуз рет1унел рук1арал чухъабиги хъабалоги рет1ун къач1а-к1ат1ан рач1ун ругоан г1адамал.

Т1оцебе к1алъазе раг1и кьуна РГВКялъул х1алт1ухъан ва тарихчи Мутаг1илов Мух1амадие. Гьес къокъго бицана Х1ажимурадил г1умрудул х1акъалъулъ. Хадув к1алъазе вахъарав Мах1ачхъалаялъул Абулмуслим  шайхасул ц1аралда бугеб мажгиталъул имам Г1усман-х1ажица бицана  гьединал, нилъер умумузул тарихалъул  бицунел мажлисаз к1удияб бак1 кколин маг1арулал  цолъизариялда жаниб. Ругила г1адамал маг1арулазда гьоркьоб рикьалаби ккезаризе къвариг1арал, нилъер аслияб масъалаги колила гьезде данде къерркьей. Гьединго Г1усман-х1ажица бицана кинав динияв, маг1арул ях1-намус чорхолъ бугев чи Х1ажимурад вук1аравали ва цо-цо гьанжесел тарихчаг1аз кинан бицаниги, Х1ажимурад кутакалда имам вокьулев ва гьесие мут1иг1ав инсан вук1иналъул. Хадув к1алъазе вахъана Хунзахъ бугеб мадрасаялъул директор Эльдарил Мух1амад: «Мух1амад авараг (с.т1.г1.в.) вукинч1евани асх1абзабиги рук1инароан. Жакъа Х1ажимурадил бицунаго бищун цебе рак1алде вач1уна  Имам Шамил, гьев вук1инч1евани рук1инароан гьесул ц1ар раг1арал наибзабиги. Аварагасдасаги гьесул халифзабаздасаги хадув вуго Имам Шамил. Гьев вук1ана т1арикъаталъул устарлъун, г1алимлъун, бах1арчияв полководецлъун ва ц1одорав политлъун. Жакъа къоялъ нилъеда гьоркьор раккун руго цо-цо имам какулел г1адамал. Гьедин к1алъалез жидерго хъубал раг1абаз имам гурев жалго руго инжит  гьарулел. Гьединго дандч1вана  г1адамал жиндица Аллагьасул диналъеге Ват1аналъеги г1оло чодул кьолонир сардал рогьарав Х1ажимурад хиянатчилъун рик1к1унелги. Гьединаз биххизабула маг1арулазул цолъи. Жакъа нилъер кинаб бук1аниги ихтияр гьеч1о  наибзабаздасанги, хасго имамасдасанги к1алъазе. Гьезие г1оло ц1унун хут1арабги буго жакъа нилъее дин-ислам».

Районалъул имам Х1адис-х1ажилги бук1ана къокъаб, амма маг1на бугеб к1алъай. Тадбир г1уц1араб Абулмуслим шайхасул ц1аралда бугеб обществоялъул председатель Х1усенов Ах1мадица бицана гьадинал тадбирал г1уц1иялъул аслияб мурад г1ун бач1унеб г1елалда нилъер  умумузул бах1арчияб тарихалъулги, гьез Ват1ан ва дин ц1унулаго х1ехьараб зах1матги бихьизаби кколилан. Бицана  Хунзахъ районалда рахъарал киналго ц1ар раг1арал  г1адамал рак1алде щвезариялъул гьединал тадбирал т1орит1изе рак1алда бугин жидедаяенги. Обществоялъул рахъалдасан гьес гьит1иналго сайгъатал кьуна Хунзахъ мадрасаялъул директор Эльдарил Мух1амадие, жамг1ияв х1аракатчи Нуричуев Юсупие, Г1исадибиров Г1исае ва  гьединго обществоялъул Хунзахъ вугев вакил Гьит1инов Камилие.

Балагьарал х1айран гьарун рук1ана тадбир бачунев вук1арав ДРялъул мустах1икъав артист Хирамух1амад Хирамух1амадовас  рек1елъе рортуледухъ рик1к1унел рук1арал  Расул Х1амзатовасул ва Саг1ид-Афандил (къ.с.) назмабаз. Тадбиралъе хасаб берцинлъи кьун бук1ана «Унцукуль» группаялъ ах1улел  мавлидазги. Балагьаразе ц1акъ к1удияб асар гьабуна аваразул музыкалиябгун драмаялъул театралъул артистаз Х1ажимурадил г1умруялъул х1акъалъулъ рихьизарурал театралиял сценкабаз. Ч1агого цебе ч1анин ккана Кавказалъул рагъ боркьарал зах1матал соналги Х1ажимурад ч1ванин  раг1идал имамасда бук1араб къварилъиги. Чангиязда маг1у кквезе к1олеб бук1инч1о гьезухъ балагьун.

Тадбиралъул ахиралда районалъул бет1ерасул заместитель Г1аммаев Шамилица баркала кьуна гьеб г1уц1аразе ва балагьизе  рач1аразе, гьединго нилъер бах1арчиял умумулги рехсон  гьабуна дуг1аги. Тадбир ана ц1акъ лъик1аб, пайдаяб ва балагьаразул рак1ал асир гьарулеб ах1вал-х1алалда ва т1адег1анаб даражаялъул г1уц1иялда. Хьул буго гьединал тадбирал жеги г1емерлъилин нилъер районалдаян. Цоги нухалъ к1удияб баркала кьезе бокьун буго тадбир г1уц1араб Абулмуслим шайхасул обществоялъе.

И. Мух1амадов. 

Просмотров: 542 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz