Киназего баянаб бук1ахъе, район х1адурлъулеб буго Шамил имамасул машгьурав наиб, Кавказалъул рагъул х1инкъи-къай лъаларев бах1арчи, нилъер ч1ух1и Х1ажимурад гьавуралдаса 200 сон т1убаялъул юбилей к1одо гьабиялде. Гьеб тадбир т1обит1изе буго Хунзахъ 27 августалда. Гьелда хурхун т1адран унел руго киналго рахъазулал х1алт1аби. Къаси-къад ч1еч1ого, юбилеялъул г1уц1арухъабазда цадахъ гъеж гурун х1алт1улеб буго росдал жамаг1атги. Ц1иял росизе хираго рук1иналъ, х1ажатал бут1абиги ралагьун росдал г1олохъабазул х1аракаталдалъун х1адурулел руго тунк1ал, г1оркьал ва лъелалги гьарун къач1азе руго хвалчабиги, ай доб заманаялъул ярагъ х1адур гьабизе рагьун буго хасаб цех.
Реставрация гьабун къач1алеб буго рагъулал сценкаби жинда сверухъ ва жанир рук1ине бугеб хъалаги. Букъун бахъун буго г1урус армиялъе рет1ел. Гьал къоязда бак1-бак1аздаса данде гьарулел руго х1ажатаб къадар чуязулги.
Анкьида жаниб лъабго нухалъ, марк1ач1ул г1ужда т1орит1улел руго репетициял (киналго чуял рач1ун хадуб гьел т1орит1изе руго щибаб къоялъ). Къват1 ц1ун бук1уна репетициялъухъ балагьизе рач1арал г1адамазулги. Зама-заманалдасан районалъул нухмалъиялъ юбилеялъул г1ахьалчаг1игун т1орит1ула тадбиралде х1адурлъиялъул бицунел дандч1ваялги.
Жакъа къоялде юбилеялде харж гьабун буго г1ага-шагарго цо миллион гъурущ г1арац. Руго г1арцудалъун кумек гьабулел сахаватчаг1иги.
Г1иц1го рах1ат хвезабулеб жо буго репетициязде г1ураб къадаралда г1адамал рач1унгут1и. Гьелъ тадбиралда г1ахьаллъи гьабулездехун к1удияб гьари буго щибаб репетициялде гьоркьосаги камич1ого рач1аян.
И. Мух1амадов.
|