Пятница, 29.03.2024, 08:26 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Май » 21 » Х1АРИКОЛО ШКОЛАЛДАСАН ХАРБАЛ.
00:14
Х1АРИКОЛО ШКОЛАЛДАСАН ХАРБАЛ.

Х1ариколо школалдасан харбал

Исанаги, лъималазул ва учительзабазул лъик1аб г1ахьаллъигун т1обит1ана нижер Х1ариколо школалда ихдалилаб спартакиада. Гьенир г1ахьаллъана 1-11 классазул киналниги ц1алдохъаби. Спартакиада рагьана Дагъистаналъул гимн ах1иялдалъун ва байрахъ  борхиялдалъун. Г1ахьалчаг1азда гьеб спорталъул праздник баркун ва къецазулъ лъик1ал х1асилал гьарун к1алъай гьабуна школалъул организатор Х. Хваджаевалъ.

Байбихьаралдаса ахиралде щвезег1ан къецал рук1ана х1алуцарал, жиб-жиб  классалъул ц1алдохъанас х1аракат бахъулеб бук1ана жиндирго класс цебе бачине ва  лъик1ал х1асилал рихьизаризе.

Гьел къецазулъ байбихьун классазда гьоркьоб т1оцебесеб бак1 ккуна 2 аб. классалъул ц1алдохъабаз (классалъул руководитель Х1амзатова З. Б.), 5-8 классазул ц1алдохъабазда гьоркьоб  бергьенлъи босана 7 аб. классалъ (классалъул нухмалъулей  Мух1амадова П. Д.), 9-11 классалъул ц1алдохъабазда гьоркьоб бергьана 10 класс. Бергьерал классазе ва ц1алдохъабазе кьуна гармотаби ва хьвадулел кубокал.

Къецазул х1асилал данде росидал 1-4 классазда гьоркьоб лъик1аздасан лъик1аллъун рик1к1ана Х1айбулаева П. ва Х1айдаров Х1., 5-8 классазда гьоркьор  Мух1амадов М. ва  Г1абдулкъадирова Р., 9-11 классазда гьоркьоб Шамхалов М. ва Батирханова П.

 

 

 

Х1анч1азул къо.

Кидаго г1адин исанаги нижер школалда цебеккун лъик1аб х1адурлъиги гьабун умумузул, учительзабазул ва ц1алдохъабазул жигараб г1ахьаллъигун т1обит1ана «Х1анч1азул  къоялъул» х1урматалда тадбир.

Гьениб бук1ине бугелъулгун къват1иб ч1ван лъай-хъвай гьабун бук1иналъги батила, ц1акъ г1уц1адго х1аракатаб г1ахьаллъигун ва киназулго махщел бихьуледухъ ана байрам.

Биологиялъул учителас ва жалго лъималаз бицана х1анч1азул х1акъалъулъ, гьезул т1абиг1аталъе ва г1адамасе бук1унеб пайдаялъул, гьездехун бук1ине кколеб бербалагьиялъул. Хасаб жюриялъ щибаб х1алт1уе ва конкурсазе къимат кьуна. Конкурсал рук1ана: бищун лъик1аб х1анч1азул  рукъ ва кормушка, бищун лъик1аб сурат (лъималаз рахъарал), бищун лъик1аб газета, бищун лъик1аб стихотворение, бищун лъик1аб  т1абиг1аталдасан лъималаз рахъарал фотографиял х1анч1азул.

Киназего ц1акъ бокьана х1анч1азул х1акъалъулъ бихьизабураб кинофильм. Бергьарал лъималазе ва классазе кьуна грамотаби. Ахиралда лъималаз жидерго классрукалгун цадахъ школалъул ахикь рана х1анч1азул рукъзал ва кормушкаби.

 

Пайдаяб субботник

Учительзабазулги, лъималазулги, цойгидал школалъул х1алт1ухъабазулги цадахъаб х1аракаталдалъун т1обит1ана субботник. Бекьун, г1ери бат1а гьабун, бухъун х1адур гьабуна овощал рекьизе 2 го хур. Гьединго жиб-жиб классазда хадур рухьинарурал гъут1би ва хер бецулел бак1ал рохьун, рухъун, бац1ад гьабун  къач1ана. Ц1ияб бак1алдасан лъим бахъиялъе х1алт1аби гьаруна. Лъималазул цо бут1а цадахъ учительзабигун ун рук1ана «Бакъдаса» гъоркье ц1и гьарун ч1варал гъут1бузе хъулухъ гьабизе, муссор бак1аризе.

Гьаниб хас гьабун абизе бокьун буго  районалъулго г1адамазда гьариялдалъун. «Бакъда» бугеб как  балеб рукъалда сверун ва киса-кибего кидаго батулеб буго чороклъи ва муссор, нижго нечон рук1уна  лъималазукьа гьез гьениса бак1арулеб жоялъухъ балагьун. Г1адамасукьа х1инкъич1ониги, Аллагьасукьаг1аги щай х1инкъуларел гьеб рукъалда сверун чороклъи гьабизе.

Нилъер район гурищ рик1к1унеб бищунго бац1ц1адаблъунги, лъик1аблъунги, т1адег1анаб культурияблъунги. Рук1унге цойгидаз раг1и абулеллъун, рук1а кидалго г1адин мисалияллъун.

 

 

 

 

Просмотров: 514 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz