18 октябралда, районалъул бет1ерасул ишал т1уралев Нурмух1амад Задиевасул нухмалъиялда гъоркь т1обит1ана СПК -язул нухмалъулелги администрациялъул специалисталги г1ахьаллъараб балансалъулаб комиссиялъул данделъи. Аслияб къаг1идаялъ, гьоркьор лъун рук1ана СПК-язул маг1ишаталда хурхарал суалал.
Гьединго, данделъиялда г1ахьаллъи гьабуна районалъул бет1ерасул заместитель Шамиль Г1аммаевас, росдал маг1ишаталъул управлениялъул специалистаз, налогазул г1уц1иялъул вакилзабаз ва жалго СПК -ялъулги нухмалъулез.
Росдал маг1ишаталъул отделалъул начальникасул заместитель Х1усен Г1умаровас баян гьабуна гьадинал балансалъулаб комиссиялъул данделъаби щибаб лъаг1алица районалъул ч1ах1иял СПК -язул х1исаб кьеялъулгун, рищиязул кампаниялда цебе т1обит1улеблъи.
Данделъиялда гьал хадур рехсарал росдал маг1ишаталъул предприятиязул нухмалъулез: «Буц1ра» Нурмух1амад Мух1амадовас, «К1ахъ» СПК -Мух1амад Г1абдурах1мановас, «Гиничукь» СПК -Сахратула Сахуевас, «Г1ебут1а» СПК -Г1умар Х1асановас комиссиялда цебе жидеца гьабураб х1алт1улги, бугеб г1и-боц1иялъул къадаралъулги, хасалиде х1адурлъи гьабиялъулги х1исаб кьуна.
«Комиссиялъул данделъиялда цере арал соназул гьел маг1ишатазул т1убараб экономикияб анализ гьабуна, ва гьезулго бук1инеселъулги суалал гьоркьор лъуна. Аслияблъун бугеб зах1малъи ккола гъутабазда ругел ракьал хасал бет1ергьабазда хадур рихьизарун рук1ин. Гъутабазда г1умру гьабулел г1адамазул къадар ц1ик1к1унеб буго, амма г1и-боц1ул бет1ер дагьлъулеб буго. Колхозазда хадур ругел ракьал 30-40% гурони х1алт1изарулел гьеч1о» - ян бицана Х1усен Г1умаровас.
Нурмух1амад Задиевас рак1арарал жавабиял х1алт1ухъабазда гьел г1унгут1аби т1аг1инариялъул ч1ван къот1араб суал цебе лъуна. Гьединго иш хут1ани, гьел ракьал цоги бажари бугел маг1ишатазухъе кьезе ругиланги лъазабуна.
Гьединго, СПК -язул нухмалъулезда т1адаблъун гьабуна щибаб лъаг1алида жаниб жидерго х1алт1ухъабазда цебе гьабураб х1алт1улги, х1асилазулги х1исаб кьей.
Росдал маг1ишаталъул предприятияздаса х1акъикъияб кумек бук1ине ккела гьенир ругел г1адамазеги, гьединго гьел росабазул администрациязеги -ян т1аде жубана Х1усен Г1умаровас.
|