Пятница, 26.04.2024, 01:18 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Август » 24 » Х1АЛТ1И ЧУЧЛЪИЗЕ ТЕЗЕ ГЬЕЧ1О.
21:33
Х1АЛТ1И ЧУЧЛЪИЗЕ ТЕЗЕ ГЬЕЧ1О.

16 августалда райадминистрациялда районалъул бет1ерасул кабинеталда т1обит1ана терроризмалдегун экстремизмалде данде къеркьеялъул бицараб данделъи. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, республикаялъул АТКялъул аппараталъул муг1рузулаб территориалияб округалда вугев вакил, Дагъистаналъул бет1ерасул кумекчи Сайпудин Сайповас, бат1и-бат1иял г1уц1абазул нухмалъулез ва цогидал жавабиял х1алт1ухъабаз.

Гьенир рорхарал суалаздасан рук1ана районалда ругел г1емерал г1адамал данделъулел бак1ал, сахлъи ц1униялъул объектал терроризмалдаса ц1уни ва 2013-2018 соназда муниципалитеталда терроризмалъул идеологиялде данде къеркьеялда хурхун т1орит1арал тадбиразул комплексалъулаб планалъул х1асилал гьари.

Т1оцебесеб суалалъул бицунаго районалда ругел лъай кьеялъул учреждениязда бугеб ах1вал-х1алалъул бицана лъай кьеялъул отделалъул начальникасул заместитель Х1ашт1ихова Раисатица. Гьелъул раг1абазда рекъон районалда х1алт1илел ругел 81 ц1алулаб учреждениязул киналго х1адурун раг1ула т1аде щолеб бугеб ц1ияб ц1алул соналде. Гьездасан 78 учреждение сверун къараб буго. 11 школалда руго видеокамераби. Лъай кьеялъул киналго г1уц1абазда тун руго хъаравулзаби, эвакуациялъул планал, къо ккани ах1улеб бухьен ва х1инкъи гьеч1олъиялъул паспортал. Гьединго киналго лъай кьеялъул г1уц1абазда лъаг1алида жаниб к1иго нухалъ т1орит1улел руго нагагь ц1а ккани ягицогидаб х1инкъи бугони лъималазда жалго хвасар гьаризе малъулел ругьун гьариялги. Жакъа къоялде районалда цо школа хут1ун буго жеги к1иго сменаялда ц1али г1уц1ун бугеб.

К1иабилеб суалалда хурхун баян кьуна районалъул централияб больницаялъул бет1ерав врачасул заместитель Г1ишарипат Х1амзаловалъ. Гьелъ бицана районалда 3 больница, 16 ФАП ва 36 фельдшерлъиялъул пункт х1алт1улел ругилан. Лъабабго больница бугилда сверун къарал, ругила маххул каваби ва бат1аго ругеб трансформатораздасан рачарал къаси мехалда рек1унел чирахъалги.

Ахирисеб щуго соналда жаниб терроризмалъулгун эксмтремизмалъул идеологиялде данде къеркьеялда хурхун гьабураб х1алт1ул баян кьуна районалъул бет1ерасул х1инкъи гьеч1олъиялъул рахъалъ заместитель Х1амид Гьит1иновас. Терроризмалъул идеологиялде гъоркье ккарал яги ккезе х1инкъи бугел г1адамазулгун профилактикиял тадбирал т1орит1иялъул бицана Сайпудин Сайповас.

« 9 августалда нижеца т1обит1ана Хунзахъ районалъул АТКялъул х1алт1ул халгьаби ва х1алт1и лъик1аблъун рик1к1ана. Халгьабиялъул х1асилалда ратарал г1унгут1аби т1аг1инаризе т1адкъаялги кьун рук1ана. Гьанже нилъеца к1вар кьезе ккола «кьижарал ячейкаби» т1атинариялде. Гьединаб 10 ячейка т1атинабуна республикаялда ва нусгог1ан чик ккуна. Киназдаго т1адаб буго мекъаб идеологиялде гъоркье ккарал г1адамал жидерго рук1а, чияр рук1а бат1алъи гьеч1ого т1атинариялде. Г1емер заманалъ рокъоса т1аг1арав чи кив вугевали лъач1ого бук1унаро гьесул г1агарлъиялда, амма лъаниги гьез гьеб бицунаро. Ригьда гьев т1атинеги гьавун кквезе щвеч1они, хапдубккун гьес жеги г1емераб балагь бачине бегьула халкъалде т1аде. Гьединлъидал дир к1удияб гьари буго халкъалдехун, нагагь нужеда лъалел, дора-гьаниррахчарал яги балъго мекъаб идеологиялдехун гьет1арал г1адамал ратани, хехлъи гьабун иш т1аде кколел органазда лъазабеян. Гьелдалъун нужеца анц1-анц1, х1атта нус-нус чиясул г1умру хвасар гьабизе рес буго»,-ян абуна гьес.

Террроризмалдегун экстемизмалде данде къеркьеялда хурхун жидерго габулеб х1алт1ул бицана Дагъистаналъул муфтияталъул Хунзахъ районалда бугеб просвещениялъул отделалъул нухмалъулев Г1алиасх1аб Мух1амадовасги.

Данделъиялда бицаралъул х1исабги гьабун районалъул АТКялъ къабул гьарурал х1укмаби т1уразариялда хадуб халкквезе т1адкъана АТКялъул секретарь Х1амид Гьит1иновасда.

Данделъиялъул ахиралда районалъул нухмалъулесул ишал т1уралев Нурмух1амад Задиевас гьелъул г1ахьалчаг1азе баркалаги кьун, терроризмалъулгун экстремизмалъул идеологиялде данде къеркьеялда хурхун районалда гьабулеб х1алт1и чучлъизе тезе гьеч1илан абуна.

И. Мух1амадов. Фото

 

Просмотров: 414 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz