Пятница, 19.04.2024, 15:43 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Август » 8 » Х1АКИМЛЪИ АНИГИ Х1УРМАТ ХУТ1АНА. ХУРИСА Г1АЛИЛ ВАС, МУН НИЖЕР Ч1УХ1И.
10:09
Х1АКИМЛЪИ АНИГИ Х1УРМАТ ХУТ1АНА. ХУРИСА Г1АЛИЛ ВАС, МУН НИЖЕР Ч1УХ1И.

Президент, политик, философ ва цадахъго ц1акъ г1адатияв, сабурав, г1одове виччарав, гьит1инаб росдал к1удияв вас, Дагъистан тун къват1ибги машгьурав Мух1у  Гьиматович Г1алиев гьавуралдаса 75 сон т1убаялъул байрам цебеккунго – 1 августалъ к1одо  гьабуна нилъер районалда – цин  гьесул гьит1инаб Ват1ан Т1ануси росулъ, хадуб – Хунзахъги.

К1удияв инсан к1одо гьавизе данделъун рук1ана республикаялъул г1умру жидеда барал, ц1айи бугел политикалги: Х1укуматалъул вакилзаби, министрал, идарабазул нухмалъулел, шагьаразулгун районазул бут1рул, г1адатиял г1адамалги.

Мух1у Гьиматовичасда юбилей баркиялъулал к1алъаязул бук1ана киназего г1аммаб цо хаслъиги: гьесул х1алт1уегун нахъа тараб г1умруялъе къимат кьолелъул, к1алъалез хас гьабун бихьизабулеб бук1ана гьев рак1ги, г1амал-хасиятги, квералги рац1ц1адав, бергьараб  намус-ях1алъул инсан вугилан ва загьир гьабулеб бук1ана гьесдехун жидерго бугеб унго-унгояб адаб ва рокьи.

Культураялъул к1алг1аялда гуревги, Кремлялдаги к1одо гьавизе мустах1икъав вуго.

Мух1у Г1алиевасе бокьулеб «Баг1ар мачуял» коч1одалъун, дандч1вай гьабуна х1урматиял гьалбадерида Хунзахъ Культураялъул к1алг1аялъул фойеялда районалъул жамаг1аталъ. Цеве-цеве районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповгун гьалбал щвана к1алг1аялда гьабун бугеб Россиялъул халкъазул хасиятаб культураялъул централде, ралагьана гьенире рак1арун  ругел умумуз х1алт1изарулел рук1арал т1аг1алабазухъ. Районалъул культураялъул отделалъул нухмалъулей Ирайгьанат Мух1амадовалъ делегациялъе бицана гьенир лъун ругел т1аг1алабазул чангоял г1адамаз рач1анилан.

Районцояз хъатч1ваялдалъун рахъун ч1ун къабул гьаруна къиматав, къадруяв, х1урмат т1адег1анав ракьцояв – Мух1у Гьиматович ва гьев к1одо гьавизе рач1арал гьалбал. Гьалбадериегун  залалда г1одорч1аразе саламги кьун, Социалистияб Зах1маталъул Бах1арчи Мух1амад Махуловасул г1адин, Мух1у Гьиматовичасулги 100 сон т1убаялъул юбилей к1одо гьабизе хъван батагиян, районалъул бет1ер С. Юсуповасул гьариялдасан байбихьана юбилеялъул официалияб бут1а. Хадубккун гьеб бачана ДРялъул Х1укуматалъул председателасул т1оцевесев заместитель  Карибов Анатолий Шамсудиновичас. - «Дагъистаналъул Бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповасул, Халкъияб Собраниялъул, ДРялъул Х1укуматалъул рахъалъан рак1-рак1алъ баркула Мух1у Г1алиевасда гьев гьавураб къо. Жакъасеб данделъи ккола Мух1у Гьиматовичасул адаб гьаби гуребги, гьесда цадахъ республикаялъ нахъа тараб заман рак1алде щвезабизе рес щвейги.

2006 соналъул февраль моц1алда Мух1у Г1алиев Халкъияб Собраниялъ тасдикъ гьавуна республикаялъул Президентлъун. Гьес нухмалъи гьабулел соназ Дагъистаналда бана 50-са ц1ик1к1ун лъай кьеялъул объект, 75  сахлъи ц1униялъул объект, кардиоцентр, физиотерапиялъул центр, бан лъуг1изабуна Г1. Г1алиевасул ц1аралда бугеб спорталъул к1алг1а, Мах1ачхъалаялъул ясик1абазул театралда раг1алде бахъинабуна ремонт, Дербенталда бана лезгиялъул театр, пагьмуял лъималазе г1уц1ана Мурад Кажлаевасул школа, байбихьана муг1рузул районазде газ бачине, ч1езаруна президентасул грантал, гьаруна жеги г1емерал х1алт1аби»,- ян абуна жиндирго цевевахъиналда гьес. А. Карибовас ДРялъул Бет1ер Р. Г1абдулат1иповасул Указалда рекъон  Мух1у Г1алиев к1одо гьавуна «За любовь к родной земле» абураб х1урматияб г1аламаталдалъун.

Нилъер районалъул цойги ч1ух1илъун кколев Мух1амад Махуловас рак1алде  щвезаруна Мух1уги, гьесул эменги, жиндирго гьит1инав вац Мух1амадг1алиги цадахъ Ц1умада районалда х1алт1улел рук1араб заман.

Нилъер къадруяв районцоясе гьесда рекъараб т1адег1анаб къимат кьуна республикаялъул политиказ.

Муг1рузул территориалияб округалъул нухмалъулев Зайналг1абидов Мух1амадх1ажи Баширханович: «Дагъистаналъул Бет1ер  Рамазан Х1ажимурадовичас абуна нилъеца К1удияб адабалда рак1алде щвезарулин цересел республикаялъул нухмалъулел Мух1амадг1али Мух1амадовасул ва Мух1у Г1алиевасул ишалин. Мух1уца 11 соналъ нухмалъи гьабуна Халкъияб Собраниялъе. Гьев президентлъун вугел сонал рук1ана г1езег1ан зах1матал сонал. Гьес байбихьана ришватчилъиялде ва тухумчилъиялде данде къеркьезе. Мух1ул бук1ана бац1ц1адаб кадровияб политика: нухмалъулевлъун вук1ине ккола вац гурев, дандияв гурев, махщалилав абураб».

ДРялъул Бет1ерасул ва Х1укуматалъул администрациялъул нухмалъулесул т1оцевесев заместитель Х1асанов Алексей  Петрович: «Мух1у Г1алиевасул бицунаго, нилъеца бицунеб буго г1ат1идаб, пачалихъияб даражаялъул пикруялъул нухмалъулесул х1акъалъулъ. Гьесул заманаялъ хисизабуна лъай кьеялъул система, байбихьана школлъималазе квен кьезе. Мух1у Г1алиев вуго лъиданиги релълъинч1ел, цойгидазе  хасиятал гурел х1укмабазул инсан: гьес, дун школалъул директорасда т1адкъана республикаялъул 4-леб отраслялъе халкъияб лъайкьеялъе  нухмалъи гьабизе. Гьесул бак1алда дица дунго гьеб жаваб ц1ик1к1араб хъулухъалде т1амилароан».

Жиндирго г1умруялъулъ Мух1у Гьиматовичас гьабураб  кумекалъухъ, божилъиялъухъ, баркигун баркала кьуна ДРялъул зах1маталъул ва социалияб цебет1еялъул рахъалъ министр Баглиев Малик Джамединовичас.

- Мух1у Г1алиевасда цадахъ партиялъул обкомалда 10 соналъ х1алт1анила жиндир эменилан бицана финансазул министр Исламов Г1али Ибрагьимх1ажиевичас. Гьес рак1алде щвезаруна нилъер районалдаса  рахъарал машгьурал г1адамал. Жиндаго бич1ч1улареб жо лъазабизе кутакалда х1аракат бахъулев, гьеб лъазабизелъун унеб заманалде вач1унарев, свак-к1вах1 гьеч1ев инсан вугила Мух1у Гьиматовичилан бицана гьесул нухмалъиялда гъоркь х1алт1арав, Северияб Кавказалъул ишазул рахъалъ министрасул кумекчи Гъазимух1амадов Ризван Казимовичас.

Баркиялъулал к1алъаял гьаруна, республикаялъего к1вар ц1ик1к1арал ч1ах1иял г1уц1абазул нухмалъулезги. Нилъер ракьцояв, Счетнияб Палатаялъул председателасул заместитель Хъазанбиев Хъазанби Исх1акъовичас ц1ар раг1арав ракьцоясдаса жиндирго бугеб ч1ух1иги, гьесдехун бугеб адабги загьир  гьабуна.  «Мух1у Гьиматовичас нухмалъи гьабулел соназ Парламент  релълъун бук1ана гьалдолеб, квач1и-квач1ид бахъунеб океаналда. Гьенире рак1арун рук1ана ц1акъ бат1и-бат1иял г1амал-хасияталъул, политикияб бербалагьиялъул г1адамал. Гьесул махщел г1олаан балагьараб бералдалъун Парламент г1одобе биччазабизе. Мух1у Г1алиевасда бич1ч1улаан щивасул рек1ел х1ал», -ан бицана Хъазанби Исх1акъовичас.

Мух1у Г1алиевасда гьавураб къоги баркулаго, хъизаналъул ва лъималазул ихтиярал ц1униялъул рахъалъ Уполномоченнияй Мамутаева Интизар Асадулаевнаялъ рак1алде щвезабуна т1оцебе гьесулгун лъай-хъвай ккараб заман: «Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб институталъул студенткалъун йик1ана дун, Мух1у Гьиматович вук1ана комсомолалъул Горкомалъул 1-сев секретарьлъун. Цо художественнияб церерахъиналда дица кеч1 ах1ана. Гьесие бокьана гьеб. Г1адамасул гьунаралъул адаб гьабизе лъалев чи вуго Мух1у. Доб мехалъго бажарараб кверч1вай гьабулаан гьес г1олилазе. Мух1у ккола къуватазулги къуватав политик, государственник».

Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул ректор Рабаданов Муртазаг1али Хулатаевичас бицана жидеца Мух1у Г1алиевасе «Х1урматияв профессор» абураб ц1ар кьунилан.

Авар театралъул директор Мух1амадрасул Мух1амадрасуловас культураялъул г1адамал кидаго рокьулаанила ва гьезие бажарараб кумекги гьабунила юбилярасин абуна: «3 нухалъ ц1ик1к1инаруна «Лезгинкаялъул», 2 нухалъ-библиотекабазул х1алт1ухъабазул харжал». Мух1амадрасулил сайгъат бук1ана рух1ияб рахъалъ къиматаблъун: бажарарабг1ан мехалъ ч1ового спектаклязде, театразде Мух1у Гьиматовичасе вач1ине рес кьолеб абонемент кьуна гьес.

Мух1у Г1алиевасда гьавураб къо баркизе районалде вач1ун вук1ана цойги нилъер ракьцояв, машгьурай шаг1ир Фазу Г1алиевалъул вас, «Лезгинка» ансамблялъул нухмалъулев Мух1амадов Жамбулат Мусаевич.

Нилъер къадру т1адег1анав ракьцояв к1одо гьавурал к1алъаял гьаруна Мах1ачхъалаялъул администрациялъул вакилас (сайгъат гьабуна юбилейнияб медальги), Буйнакск шагьаралъул бет1ер Х1амзатов Х1усен Г1абдулаевичас, Гъуниб районалъул бет1ер Мух1амадов Пахрудин Г1умаровичас, Докузпара районалъул бет1ер Г1абасов Керимхан Сеидах1мадовичас.

Нилъер районалъул нухмалъулев Юсупов Саг1ид Камиловичас баркиялъулаб к1алъаялда рехсана жиндие рес щванин Мух1у Г1алиев президентлъун вук1араб заманаялъ байбихьараб 3 к1удияб х1алт1и раг1алде бахъинабизеян: Буц1ра росулъ ц1ияб школа бан х1алт1изе кьезе, Гьоц1алъ ГЭС базе ва районалъул Хунзахъ, Бакьагьеч1и, Ц1ада, Г1арани, Гиничукь росабалъ гьаб соналъ газ биччазе рак1алдаги бугилан. С. Юсуповас сайгъаталъе х1адурун бугоан хунздерил платоялъул (8 росу бахъараб) суратги.

Киналго к1алъазе рахъараз т1адег1анаб къимат кьуна зах1матал 90-абилел соназ Дагъистаналъул территориалияб цолъи ва Россиялда гъорлъ гьеб хут1и ц1унизе Мух1у Г1алиевасул г1ураб бажариялъе. Жиндасанго гьабулеб ишалдехун кутакалда ц1ик1к1араб жавабчилъи, т1алабчилъи хасиятаб бугила гьесиеян абуна к1алъалез.

Раг1и босана живго юбилярасги. «Хъулухъалда вугеб заманаялъ дунго гьавурал къоял киданиги к1одо гьарич1о дица. Саг1ид Юсупов т1аса вич1ич1о районалда юбилей гьабизе дун разилъизег1ан. Дун х1алт1улев вуго философиялъул институталда, гьеб киназего интересаб тема гуро.

Гьал къояз дун дандч1вана журналисталгун. Бокьун буго дир г1умруялда хурхун гьез кьурал суалал къокъ гьарун рицине. «Дир г1умруялъулъ бищунго зах1матаб щиб бук1арабан» абураб суалалъе дица жаваб кьела СССР биххи бук1анилан. Реформа гьабизе бегьулеб бак1алда биххизабуна к1удияб пачалихъ. Бищун къиматаблъун дие бук1ана Дагъистаналъул территориалияб цолъи ц1унизе к1вей. Х1алт1улъ гъалат1ал кканищан гьикъани- ккана. К1удияб даражаялъул нухмалъи гьабизе кколел нухмалъулезухъа гъалат1ал ккеч1ого хут1уларо. Бук1инеселда дие бокьилаан Дагъистан Россиялда гъорлъ хут1изеги, жиндирго хаслъи ц1унун Дагъистанлъун бук1инеги.

Дун г1ахьаллъана Расул Х1амзатовасул юбилеязда. 60 сонилаб юбилеялда Расулица абуна жив нужеца дагьав веццанилан. 70 сонилалда-интересаб бук1инаанила гьаб вечер жиндир г1унгут1аби рициналде буссинабун бук1арабаниян. 80 сонилаб юбилей т1обит1улаго-гьаб дир х1акъалъулъ гуро, дун гьединав вук1инч1о». Жив к1одо гьавизе рач1арал г1адамазе рак1-рак1алъулаб баркалаги кьуна Мух1у Гьиматовичас.

Киг1анги ч1ах1иял хъулухъазда вук1арав инсанасул ч1ух1а-къули, пахрулъи гьеч1олъиялъ рак1алде ккана г1иц1го г1адатлъиялъ к1одо гьавулин г1аданилан.

К1алъаяздаса хадуб г1одорч1аразда бихьизабуна Мух1у Г1алиевасул х1акъалъулъ «Хунзахъ» телевидениялъ бахъараб «Последний из могикан» абураб документалияб фильмги.

«Лезгинка» ансамблялъул кьурдиялдалъун лъуг1изабуна райцентралда т1обит1улеб юбилеялъулаб данделъи. Хадубккун юбилей к1одо гьабизе делегация къокъана Макьасде.

Т1олалго районцоязул рахъалдасан Мух1у Гьиматович Г1алиевасда гьавураб къоги баркулаго, гьаризин гьесие, хъизан Зайнаб Г1азизовнаялъе, лъималазе щулияб сахлъи, парахатаб г1умру, талих1, рохел. Мух1у Гьиматович, мун гьай-гьай, мустах1икъав вуго хадусел г1елаз, г1асрабаз дудаса мисал босизе!

П. Гунашева.

 

 

 

Просмотров: 576 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz