Пятница, 19.04.2024, 09:31 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Октябрь » 22 » КЪАЧ1АРАБ КЛУБГИ Ц1ИЯБ ВОРКАУТГИ.
22:36
КЪАЧ1АРАБ КЛУБГИ Ц1ИЯБ ВОРКАУТГИ.

12 октябралда к1удияб рохел бук1ана Ц1ада ва Г1обода росабалъ. Ц1ада капиталияб ремонталдаса хадуб ц1идасан рагьулеб бук1ана культураялъул рукъ ва гьелъие кьуна Расул Х1амзатовасул лъади Пат1имат Х1амзатовасул ц1арги.

Тадбиралда г1ахьаллъи гьабизе рач1ун рук1ана Дагъистаналъул культураялъул министралъул заместитель Мариян Мугадова, республикаялъул нухмалъулесул муг1рузулаб территориалияб округалда вугев вакил Мух1амад Камилов, пачалихъиял программабазулгун ва культураялъул м униципалиял отделалгун х1алт1и гьабиялъул отделалъул начальник Мухтар Къурбанов ва цогидалги.

Данделъаразе саламги кьун тадбир рагьана районалъул бет1ерасул ишал т1уралев Нурмух1амад Задиевас: «Культураялъул рукъ рагьи – гьеб ккола к1вар бугеб лъугьа-бахъин! Пат1имат Х1амзатовалъул ц1ар гьелъул г1агараб Ц1ада росулъ абадиялъ ц1унизе т1адаб бугин рик1к1уна дица нилъеда. Гьаб культураялъул рукъ къач1ай г1умруялде бахъинабун бажарана «Дагъистан республикаялда культурагун туризм цебет1ей» абураб федералияб программаялдалъун. Рак1ч1ола г1иц1го районцоязе гуребги т1аде рач1арал гьалбадериеги гьаб бокьулеб бак1лъун лъугьиналда. Гьабураб кумекалъухъ баркала кьезе бокьун буго республикаялъул нухмалъиялъе ва культураялъул министерствоялъе, гьединго к1удияб баркала буго т1аде босараб х1алт1и рак1бац1ц1адго гьабурал х1алт1ухъабазеги»,- ян абуна гьес.

Жакъа къоялда гьединал учреждениязул бугеб к1варалъул бицана Мариян Мугадовалъ:

«Цох1о Дагъистаналда гуребги т1олабго улкаялда ц1ар раг1араб бак1 ккола Ц1ада росу. Расул Х1амзатовас бажарарабщинаб гьабуна Дагъистаналъул ц1ар т1олабго дунялалда раг1изабизе. Нилъерго г1адатал ва муг1рул ях1-намус ц1уни – гьеб ккола умумуз нилъее васигат гьабун тараб, Расул Х1амзатовас жиндирго поэзиялда к1удияб к1вар кьолеб бук1араб рахъ. Жакъа улкаялъулгун республикаялъул т1алъиялъги Культураялъул министерствоялъги ц1ик1к1араб к1вар кьолеб буго маданияталде. Республикаялъул бет1ерас нилъеда цере лъурал масъалаби т1уразаризе х1аракат бахъизе ккола нилъецаги. Маданияталъул учрежденияз ц1унизе ккола умумузул ирс ва гьелда рекъон куцазе ккола г1ун бач1унеб г1елги»,- ян абуна гьелъ.

Гьединго баркалаялъулаб к1алъай гьабуна Мух1амад Камиловасги.

Гьесдаса хадуб байрамалъулаб ах1вал-х1алалда киназго лентаги къот1ун рагьана ц1игьабун къач1араб культураялъул рукъги. Киналго гьабзаманалъул шарт1азда рекъон къач1ан буго гьеб, буго 210 г1одор ч1олеб бак1. Ц1ияб сценаялдасан гьалбадерида рихьизаруна районалъул «Г1акаро» ансамблялъул кьурдул церерахъин, бат1и-бат1иял сценкаби ва цогидалги номерал. Хадуб гьалбал щвана дагьаб цебег1ан Расул Х1амзатовасул юбилеялде ц1игьабун къач1араб «Хъах1ал къункъраби» мемориалияб комплексалде ва Хунзахъе музеялде.

Гьебго къоялъ Г1обода росулъ т1обит1ана ц1ияб воркаут – площадка рагьиялъул тадбирги. Гьелда г1ахьаллъи гьабизе рач1ун рук1ана «Трезвая Россия» проекталъул нухмалъулев, «Единая Россия» партиялъул диназдагун миллатазда гьоркьосел ишазул координатор Султан Х1амзаев ва республикаялъул Спорталъулгун физкультураялъул министрасул заместитель Халилбег Мах1ачев. Гьеб площадка гьабизе байбихьун бук1ана сентябрь моц1рол ахиралда «Трезвая Россия» проекталъул х1аракаталдалъун.

Гьенибги баг1араб лентаги къот1ун, к1алъаял гьаруна тадбиралъул г1ахьалчаг1аз.

«Дун ц1акъ вохарав вуго жакъа Хунзахъе вач1ине щвеялдаса. Нужер районалъе щвана цоги воркаут-площадка. Гьеб ц1унизе ккела. Дир рак1ч1араб буго гьеб площадка кидаго х1ажатаблъун хут1иялда ва гьелъул хайир бук1ина лъималазул сахлъи щулалъиялъе»,- ян абуна Султ1ан Х1амзаевас.

«Гьанже эбел-эменги парахат рук1ине бегьула жидерго лъималазда хадур. Щайгурелъул, лъималазе цоги пайдаяб руссине бак1 щведал. К1удияб баркала буго Султ1ан Х1амзаевасеги гьесул проекталъеги цох1о Дагъистаналда гуребги т1олабго улкаялда гьадинал площадкаби х1адураралъухъ»,- ян лъуг1изабуна Халилбег Мах1ачевас жиндирго к1алъай.

Ахиралда Нурмух1амад Задиевас баркала кьуна киналго тадбиралъул г1ахьалчаг1азе.

И. Мух1амадов

 

Просмотров: 401 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz