25 ноябралда Хунзахъ руччабазул мадрасаялъул цоялда т1обит1ана районалда г1уц1араб «Муслимат» обществалъул жигарчилъиялдалъун салатгун салам лъеяв Мух1аммад авараг (с.т.г1.в.) гьавураб къоялъул х1урматалда мавлид. Гьеб ккола Т1адег1анав Аллагьасул х1алк1олъиялдалъун нилъехъе ислам босун вач1арав Мух1аммад аварагасде (с.т.г1.в.) гъваридаб адаб-х1урмат ва рокьи, божилъи загьир гьабилъун.
Мавлид байбихьана диналъул яцазда Раббиг1уль аввал моц1ги, нилъер хирияв салатгун салам лъеяв Мух1аммад авараг (с.т.г1.в.) гьавураб къоги баркун районалъул «Муслимат» обществалъул председатель Ахвердиева Умужатица гьабураб к1алъаялдалъун.
Хадуб гьелъ мавлид бачине ва Мух1аммад аварагасул (с.т.г1.в.) г1умруялъул нухалъул бицине раг1и кьуна районалъул лъималазул творчествалъул рукъалъул г1араб мац1алъул ва Къуръан ц1алиялъул кружок бачуней динияй х1аракатч1ужу Раджабова Субайбатие. Гьелъ мавлидалда г1ахьаллъаразе ц1аларал аварагасул (с.т.г1.в.) х1адисаз, гьесул г1умруялдаса цо-цо баяназ, муг1жизатаз цойги нухалъ рокьи базабулеб бук1ана нилъер хирияв Мух1аммад аварагасде (с.т.г1.в.).
Иргадал рахъун салатгун салам лъеяв Мух1аммад аварагасе (с.т.г1.в.) рецц гьабулел, гьесде рокьи бижизабулел, гьев к1одо гьавулел мавлидал ах1арал Хунзахъ мажгиталда цебе ругел руччабазул мадрасабазул Къуръан ц1алиялъул муг1алимал: Х1ажимух1амадова Х1алиматица, гьелде цере хьвадулел ясаз, Раджабова Субайбатил ва Аминатил муг1алимзаби-ясаз бихьизабуна салат салам лъеяв авараг зоб ракьалдаги, дунял-ахираталдаги бищунго Аллагьасе хирияв, бищунго камилав инсан вук1ин, гьевг1ан хирияв чи Т1адег1анав Аллагьасе вук1инч1олъи ва гьесул умматги бищунго хирияб, бищунго бац1ц1адаблъун гьес гьабун бук1ин.
Ц1акъго г1одорч1аразе асар гьабулел мавлидал ах1ана Хунзахъ диниял х1аракатчаг1и Х1усенова Сабигатица, Г1амирханова Загьидатица, Дарбишева Чакарица ва Камилил Пат1иматица.
Балагьарал х1айран гьарун рук1ана Хунзахъ т1оцебесеб «Малыш» ясли-ахалъул гьит1ичаз бихьизабураб гьит1инабго «Г1алил сахаватлъи» абураб сценкаялъги. Ахиралда нилъер диналъул яцазе дуг1а гьабуна динияй х1аракатч1ужу Умужат Ахвердиевалъ. Гьенибго кьуна мавлидалда лъик1аб г1ахьаллъи гьабурал ясазе сайгъатал, гьелда г1ахьаллъаралщиназе садакъаги. Гьедин кидаго диниял мажлисал т1орит1изе кумек гьабулел ва гьел бет1ералде росулел Хунзахъ мадрасаялъул муг1алимал Х1ажимух1амадова Х1алиматие ва Раджабова Субайбатие районалъул динияб идараялъул рахъалдасан кьуна реццалъулал т1анчал. Кинабниги г1аламалъул бет1ергьанлъун жив вугев рецц Аллагьасе буго, салатгун салам лъеги т1олго г1аламалъе рах1матлъун жив вит1арав гьесул авараг Мух1аммад (с.т.г1.в.), рац1ц1адал диналъул церехъабилъун жал рук1арал гьесул агьлу-асх1абзабазда ва къиямасеб къо щвезег1ан гьезда нахъ рилълъараздаги! Амин.
Къуръан ц1алиялъул конкурс
Гьал къоязда районалъул мажгиталда цебе бугеб руччабазул мадрасаялда т1обит1ана берцинго Къуръан ц1алиялъул конкурс.
Гьелда г1ахьаллъи гьабизе рач1ун рук1ана Хунзахъа, Г1ахьалч1иса, Харахьиса, Бакьагьеч1иса, Гъоркьколоса, Ц1адаса, Г1ободаса мутаг1илзаби.
Конкурс т1обит1улеб бук1ана 3 бат1ияб номинациялда.
Т1оцебесалда г1ахьаллъулел рук1ана анц1ила щугоялде щвезег1ан сон барал мутаг1илзаби. Гьезда лъазе кколаан гъалат1 гъорлъ гьеч1ого г1амма джуз ц1ализе.
К1иабилелда г1ахьаллъана анц1ила щугоялдаса лъебералда щугоялде щвезег1ан сонал ругел.
Гьезул мурадлъун бук1ана хасал правилабиги х1алт1изарун Къуръан ц1али.
Лъабабилеб номинациялда бук1ана 35-ялдаса т1аде сонал аразул берцинго Къуръан ц1алиялъул къец.
Конкурсалде г1ахьаллъулезе бит1араб къимат кьезе ах1ун йик1ана ДРялъул муфтияталъул Хьаргаби районалда бугеб даг1ваталъул отделалда х1алт1улей Хатимат-х1ажи Мух1амадгъазиева. Гьелъул ва цогидалги диниял церехъабазул вакилзабаздасан г1уц1араб жюриялъул разиялъиялдалъун т1оцебесеб номинациялда т1оцебесеб бак1алъе мустах1икълъана Муртазаг1алиева Раисат (Хунзахъ), к1иабилеб бак1алъе Мутаиламова Г1айшат (Хунзахъ), лъабабилеб бак1алъе Ниматулаева Написат (Хунзахъ).
К1иабилеб номинациялда т1оцебесеб бак1 кьуна Г1алибегова Рапиг1атие (Хунзахъ), к1иабилеб бак1 Мух1амадг1алиева Хадижатие (Гьамущи), лъабабилеб бак1 Мух1амадг1алиева Пат1иматие (Гьамущи).
Лъабабилеб номинациялда т1оцебесеб бак1 щвана Г1алиева Саг1адатие (Хунзахъ), к1иабилеб бак1 Ибнух1ажарова Мадинатие (Мущули), лъабабилеб бак1 Гъазимух1амадова Разиятие (Гьамущи).
Бергьенлъи босаразе кьуна сайгъаталги, грамотабиги, реццалъул т1анчалги.
Баркула киназдаго щварал шапакъатал. Кидаго бергьенлъи т1аса унгеги нужедаса.
|