Четверг, 28.03.2024, 14:04 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Январь » 29 » К1УДИЯВ ВАЦЛЪУНГИ, ККАНИ ДАДА-ЭМЕНЛЪУНГИ.
16:47
К1УДИЯВ ВАЦЛЪУНГИ, ККАНИ ДАДА-ЭМЕНЛЪУНГИ.

К1удияв вацлъунги, ккани дада-эменлъунги

1994 соналда Дагъистаналъул пачалихъияб педагогикияб институталъул физкультураялъул факультеталъул байбихьулаб рагъулаб х1адурлъиялъул отделалдаги ц1алун, бергьенлъиялда гьебги лъуг1изабун вач1ана Мух1амадинов Мух1амадсайгид г1агараб районалде х1алт1изе. Т1оцебе х1алт1ана лъималазулгин г1олилазул спортивияб школалда тренерлъун. Г1емер заманго гьениб бач1ого х1алт1изе лъугьана рагъулабгин спортивияб лицеялде учительлъун. Гьелдаса нахъе ана 24 сон. Гьездасан ахираб 4 соналда жаниб Мух1амадсайгид х1алт1улев вуго гьеб школалъул директорлъун. Жакъа нижгун дандч1варав Мух1амадсайгидида нижеца гьарана жиндирго х1алт1ул ва г1умруялъул х1акъалъулъ бицеян. Гьале гьесдаги нижедаги гьоркьоб ккараб гара-ч1вари.

-Мух1амадсайгид, бигьаяб х1алт1и бугищ директорасул?

-Бит1араб бицани, бигьаяб гьеч1о. гьеб буго к1удияб жавабчилъи т1аде кколеб иш. Цойгидал школазда директор дарсал лъуг1аралго рокъове ине бегьулев ватани, гьаниб интернатги бугелъул, кинабгоги рехун тун ине бегьуларо. Интернаталда лъималазе ч1езаризе ккола киналго шарт1ал. Квана-гьекъей, хинлъи, рац1ц1а-ракъалъи, тарбиягин лъай кьей-кинабго бараб бук1уна директорасда. Школалда ц1алулел руго 23 бат1ияб районалдасаниги, росабалъаниги 50 бат1ияб школалда ц1алулел рук1арал лъимал, интернаталда вуго кинавниги 69 чи. Гьезие трабиягин лъай кьеялда х1алт1улев вуго, гьединго бат1и-бат1иял росабалъа, 51 х1алт1ухъан. Узухъда, гьевгощинав чиясулгун х1ал рекъезабизе ккани, гьеб бигьаяб иш гуро. Интернат бук1иналъги, къасиги къадги гьел лъимал бат1и-бат1иял бак1аздаса рач1арал рук1иналдалъун аск1ор рук1иналъги, учительзабазул ва ц1алдохъабазул коллективал жеги гъункулел руго. Гьелъ рес кьолеб буго гьабулеб х1алт1и бигьалъиялъе. Щивав чи х1алт1ула жидехъа бажарухъе х1алт1иги гьабун. Цоцада рич1ч1уларел гьеч1о. Гьелъ х1алт1уда дандч1валел зах1малъаби бигьаяб рахъалдехун сверун уна.

-Унеб буго хасел. Цо-цо бак1азда классал хинлъизаризе к1оларого лъимал т1асан рет1ел бахъун бажаруларого г1унулел ругилан бицунеб бук1уна. Нужер школалда иш кин бугеб?

-Нижер буго анц1-анц1 соназ цебе бараб басрияб школа. Риццатал цо-цо метра бугел къадалги, рорхатал классалги хинлъизаризе г1езаг1ан зах1мат бук1уна, цо заманалда нижерги рук1ана гьеб рахъалъ проблемаби, амма нижеца школалъе босана ц1ияб котел, гьеб г1унгут1и къезабизе к1вана. Школалда ц1алдохъабазе ч1езабун буго ц1орораб, бух1араб лъим. Гьабун буго х1амам, богорукъ гьенир руго чвердезе, черезе, каки чуризе, как базе бак1ал. Чанго азарго гъурущги т1ад хвезабун гьабуна канализация. Школалъул азбаралда гьаруна бетон т1урал нухал. Рецц Аллагьасе буго, гьеб рахъ рук1алиде ккезабизе к1вана.

Культурияб х1ухьбахъи гьабиялъе лъималазе г1урал шарт1ал ругищ?

-Школалда къач1ана рехун тун бук1араб клуб, ралагьана гьенир лъезе скамейкаби, т1адеги бана кьвагьдохъабазе тир, буго реч1ухъабазе, боксеразе, волейбол х1алезе к1удиял санаг1алъаби ругеб лъик1аб спортзал. Азбаралда буго спортивияб городок, воркаут, теннисалъул стол, х1алт1ула художественнияб самодеятельносталъул, предметазулал кружокал.

-Кинал церет1еял ругел школалъул?

-Цере арал соназул бицинч1онигицин, ахирисеб 2017 соналъул х1асилазул бицаниги, нижер школалъ росана г1езаг1ан к1вар бугел бергьенлъаби. Масала, Дагъистаналъул чемпионаталда волейбол х1аялъе ккана т1оцебесеб бак1, гулла реч1ун кьвагьиялъулалда к1иабилеб бак1, районалъул слеталда ккана т1оцебесеб бак1, «Жея, васал!» конкурсалда районалда т1оцебесеб, Дагъистаналда лъабабилеб бак1, районалъул тарихалъулгин край лъазабиялъул музеялда т1обит1улеб квесталда щвана т1оцебесеб бак1. Школа лъуг1улезда гьоркьор рук1ана 3 медалист. К1игоял ц1ализе лъугьана Мединституталде, лъабабилев МГИ МОялде.

Районалда т1обит1улеб «Лъаг1алил учитель» конкурсалда нижер муг1алималъе щвана 3-леб бак1.

2018 соналдаги волейбол х1аялъул къецазда школалъ босана 1-себ бак1.

Киса-кибго, гъалмагъир гьабун школаздаса нахъе рехарал лъимал нужер школалде рач1унин абула. Щайдай?

-Дица абила, нижер школа цебет1ураб бугелъул рач1унилан. Мисалалъе, волейболалъул рахъалъ босаниги, гугариялъул рахъалъ босаниги, гулла реч1ун кьвагьиялъул рахъалъ босаниги, нижер школалда г1адал х1асилал кирха гьел ругел? Лъабкъоялда ич1го ц1алдохъан гурого гьеч1еб школалъе гьел г1урал х1асилал ккола. Школалда к1удияб к1вар кьола рагъулабгин спортивияб рахъалде. 2004 соналдаса нахъе нижер школа лъуг1арав 14 ц1алдохъанас т1аса рищана рагъулал институтал. Гьелги лъуг1изарун гьел г1олохъабаз хъулухъ гьабулеб буго т1олабго Россиялъул бат1и-бат1иял рагъулал къуватазда. Цоги рахъалъ босаниги нижер школалда дарсал лъуг1ун хадубги лъималазда хадуб бук1уна к1удияб хъаравуллъи, киб, щиб гьабулев ц1алдохъан вугевали лъазабич1ого толаро. Эбел-эмен аск1ор гьеч1ел лъимал ругелъул нижеца гьел берцинаб раг1и бицун, малъун нухда рачуна. Школалдаса нахъе рехун вач1арав вугилан т1алаб гьабич1ого толаро, г1аксалда, гьесул г1умрудул нух бит1ун ккезабизелъун, гьесде к1вар кьун цевехун вачуна. Чанги рук1ана нижер школалде гьединан рач1арал лъимал. Школа лъуг1илалде гьел нижеца г1адлу-тадбир бугел г1адамаллъун рахъинарун т1орит1ула.

Нижер школалъул ц1алдохъабаз учитель вач1ине вихьаравго данде реч1ун салам кьун квер босула. Цо-цояз абула ц1алдохъанас учителасул квер босизе кколарилан. Амма нижеца гьезда щибго абуларо. Цо-цо мехалда дун гьезие директор вук1аниги, к1удияв вацлъунги эменлъунги, ккани дадалъунги вук1уна.

-Ц1алдохъан лъик1ав инсанлъун гьавизейищ яги отличниклъун вахъинавизейищ бигьа бук1унеб?

-Дида рак1алде ккола ц1алуде гъира гьеч1ев ц1алдохъан кинго отличниклъун вахъинавизе к1оларилан. Амма гьев лъик1ав инсанлъун вахъинавизе бегьула. Нижер школалде рач1ун рук1ана г1адлу-низам хвезабулилан жидерго школалдаса нахъе рехарал 2 вас. Бат1и-бат1иял хъизамаздаса, бат1и-бат1иял росабалъа лъимал г1емерго ях1 бугел рук1уна. Школа лъуг1илалдехун гьел васазда жидедаго к1вана кумек гьабич1ого ЕГЭ кьезе, г1адамал х1исабалдаги гьел намус-ях1 бугел лъимал рук1ана. Нижер школалда гьез гъалмагъирги гьабич1о.

-Жакъа дуца дудаго цебе кинаб масъала лъун бугеб?

-Цебе районазда гьоркьосеб руччабазул школа, гьанжесеб рагъулабгин спортивияб лицей бук1ана ц1алул рахъалъ босаниги, тарбия кьеялъул рахъалъ босаниги, художественнияб самодеятельносталъул рахъалъ босаниги, спорталъул рахъалъ босаниги ц1акъго цебет1ураб школа. Бокьун буго школалъул ц1ар цебесеб даражаялде бахъинабизе. Школалда ц1алул даража борхизабизе. ОГЭ, ЕГЭ ц1акъго лъик1аб даражаялда кьезе. Ц1алул рахъ г1емерго лъик1 лъугьинабизе к1олаан нижеда школалда г1одоса эхедего г1иц1го нижер школалда ц1аларал лъимал рук1унелани. Бат1и-бат1иял школаздаса заг1ипал лъимал рач1унел рук1иналъ, ц1алул рахъ т1убанго лъик1аб даражаялде бахинабизе нижее зах1малъула. Амма бук1аниги ниж гьеб мурадалъе г1оло къеркьолел руго.

Г1умруялъ дуда малъараб бищунго къиматаб малъа-хъвай кинаб?

-Дуего бокьулареб, чидае гьабуге»,-абураб.

-Мух1амадсайгид, баркала гара-ч1вариялъухъ, Дуда рак1алда ругел мурадал т1урайги. Гьарула Дуе щулияб сахлъи, х1алт1улъ жеги ч1ах1иял бергьенлъаби, Хъизан-рукъалда рохел, баракат.

 

Просмотров: 503 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz