Суббота, 20.04.2024, 06:36 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Апрель » 28 » К1УДИЯВ Г1АЛИМЧИ РАК1АЛДЕ ЩВЕЗАВУНА.
20:55
К1УДИЯВ Г1АЛИМЧИ РАК1АЛДЕ ЩВЕЗАВУНА.

26 апрелалда Хунзахъ Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб культураялъул рукъалъул к1алг1аялда т1обит1ана 18-19 г1асрабазул машгьурав г1алимчи, поэт Хунзахъа Дибир- къади накълулъаралдаса 200 сон т1убаялда хурхараб тадбир. Гьеб г1уц1ун бук1ана г1алимчиясул тухум-кьибилалъул, районалъул нухмалъиялъул ва жамг1ияб г1уц1иялъул цадахъаб х1аракаталдалъун. Данделъиялда г1ахьаллъи гьабуна республикаялъулгун районалъул интеллигенциялъ, районалъул т1алъиялъ, росдал жамаг1аталъ ва цогидазги.

Данделъаразе саламги кьун тадбир рагьана районалъул нухмалъулесул ишал т1уралев Шамил Г1аммаевас. Жиндирго к1алъаялда гьес бицана г1алимзабаздалъун поэтаздалъунги кидаго бечедаб бук1анин хундерил ракьилан ва нилъеда цебе ч1араб масъала кколин г1ун бач1унеб г1елалда жидерго тарихги бах1арчиял умумузул ц1арги гьезул г1адат-г1амалги к1очон тезе биччангут1иян.

Г1алимчиясул г1умрудул х1акъалъулъ г1ат1идго бицана Ц1адаса Х1амзатил ц1аралда бугеб Россиялъул г1елмабазул академиялъул Дагъистаналъул г1елмияб централъул мац1алъулгун адабияталъул ва искусствалъул Институталъул литературияб отделалъул к1удияй г1елмияй х1алт1ухъан, «Хунзахъа Дибиркъадил г1умру ва творчествоялъул ирс» абураб т1ехьалъул автор, нилъер ракьцояй Пат1имат Г1алибеговалъ.

Пат1имат Г1алибеговалъ гьеб т1ехь бахъулаго гьабураб х1алт1ул ва маг1арул мац1 ц1унизе ккеялъул бицана тарихчи Г1алибег Хъазанбиевас.

-Маг1арул мац1, диниябгун дунявияб г1елмаби ц1униялъе, гьел церет1еялъе Дибир къадица гьабураб х1алт1ул бицун х1алк1оларо. Гьаб заманалъул шарт1алги санаг1алъабиги гьеч1ел 18-19 г1асрабазда гьесул х1аракатчилъи, х1акъикъаталдаги бах1арчилъилъун рик1к1ине бегьула. Амма гьелдаго бащадаблъун рик1к1уна дица Пат1имат Г1алибеговалъ гьесул х1акъалъулъ т1ехь бахъизе гьабураб х1алт1иги. Амма пашманлъизе ккараб жо буго гьединаб т1адег1анаб даражаялда нилъер умумуз ц1унараб авар мац1 жакъа маг1арулазда к1очон толеб бук1ин. Хасго гьеб загьирлъулеб буго г1ун бач1унеб г1елалда гьоркьоб. Рахьдал мац1алъ к1алъай рогьолъун бихьулеб буго гьезул цо-цоязда. Эбел-инсуцаги гьеб рахъалде к1вар кьолеб гьеч1о. Г1иц1го миллаталъул бук1инеселъул ургъел бугев цо чанго чи хут1ун вуго мац1 ц1унизе кколин ах1и балев. Амма цох1о гьезухъа гьеб масъала т1убазабун бажариларо, киназго цадахъ х1аракат бахъани гурого. Районалъул нухмалъиялъги гьеб суалалде к1вар кьуни лъик1аб бук1ина,-ян абуна тарихчияс.

Гьединго маг1арул адабияталда ва тарихалда жаниб хундерица кколеб к1удияб бак1алъул бицарал к1алъаял гьаруна ДНЦ РАН ИЯЛИялъул г1елмиял х1алт1ухъаби Мух1амад Ибрагьимовас, Ах1мад Муртазалиевас ва цогидазги.

Киназего к1удияб асар гьабуна Бакьагьеч1и гьоркьохъеб школалъул учительница Гьудова Умалфазуца.

-Гьадинал тадбиразда мац1 ц1унизе кколин цере рахъунел чаг1аз бищун цебе жалго рокъор г1урус мац1алда гаргадула. Гьединлъидал, бищун цебе нилъедасанго байбихьизе ккола мац1ги миллатги ц1унизе.

Жакъа ригь арал чаг1игицин ратулел руго жидеда рахьдал мац1 лъаларел. Гьеб буго нилъ нечезе ккараб х1акъикъат. Лъималазда кинан авар мац1 малъилеб, эбел-инсудагицин гьеб лъалеб гьеч1они,-ян абуна гьелъ. Дибир-къадил г1агарлъиялъул рахъалдасан тадбир г1уц1аразе баркала кьуна Баталов Мух1амадица. Гьес Пат1имат Г1алибеговалъе сайгъат гьабуна г1алимчияс жиндирго кверзул хъвай-хъваг1аязул т1ехьги.

Ахиралда Шамил Г1аммаевас ва хундерил бегавул Т1алх1атов Хизрица баркала загьир гьабуна дандеруссин г1уц1изе квербакъаразе ва гьелда г1ахьаллъи гьабуразе. Районалъул нухмалъиялъул рахъалдасан конференциялда г1ахьаллъарал г1елмиял х1алт1ухъабазе кьуна баркалаялъулал кагъталги.

Данделъиялдаса хадуб гьенире рач1аразе т1обит1ана к1удияб мавлидги.

И. Мух1амадов

Просмотров: 531 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz