Улкаялда бугеб зах1матаб экономикияб ах1вал-х1алги х1исабалде босун, нилъер ракьцоял сахаватчаг1аз жидерго инвестицияздалъун квербакъулеб буго районалъул социалиябгун спортивияб инфраструктура цебет1еялъе. Гьедин, гьал къоязда рохалилаб ах1вал-х1алалда Г1арани рагьана Россиялъул футболалъул союзалъул киналго т1алабазде жаваб кьолеб ц1ияб футболалъул стадион.
Баркиялъулаб к1алъайгун тадбир рагьана районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас. Гьес бицана жакъа районалъул мукъсанабго бюджет бугониги сахаватчаг1азул кумекалдалъун районалда социалиялгун спортивиял объектал ралел рук1иналъул. Бицана гьединго стадионал районалъул цогидал росабалъги разе ругилан, лъимал ах1ана спорталда т1адч1езе. Баркала кьуна киналго стадион базе квербакъаразе. Тадбиралъул х1урматияв гьобол, «Анжи» командаялъул вук1арав ц1ар раг1арав футболист Шамил Лахияловасги баркана киназдаго ц1ияб стадион рагьи. Гьединго, баркиялъулаб к1алъай гьабуна стадион базе г1арцудалъун кумек гьабурав районалъул нухмалъулесул заместитель Шамил Г1аммаевасги. Тадбиралъул официалияб бут1аялдаса хадуб, церерахъана Гьоц1алъ школалъул ц1алдохъаби. Коч1олаб номергун цее яхъана Хадижат Г1абдулкъадирова. Тадбиралъе хасаб берцинлъи кьун бук1ана Г1амирханов Расулица ругьун гьарурал гьит1инал акробатазул церерахъиналъги. Ахиралда тадбиралъул х1урматалда ц1ияб стадионалда т1обит1ана Хунзахъ ва Г1арани росдал командабазда гьоркьоб гьудуллъиялъулаб матчги.
Хьул буго нилъер лъималазегун г1олилазе к1удияб спорталде рагьараб нуц1алъун лъугьинин гьеб стадионилан.
И. Мух1амадов.
|