Четверг, 25.04.2024, 18:20 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Май » 20 » К1УДИЯБ ОКТЯБРАЛЪУЛАБ РЕВОЛЮЦИЯЛЪ НУСГО СОН Т1УБАЯЛДЕ.
20:10
К1УДИЯБ ОКТЯБРАЛЪУЛАБ РЕВОЛЮЦИЯЛЪ НУСГО СОН Т1УБАЯЛДЕ.

Исана нусго сон т1убала дунялалъулго тарихалда гъваридаб лъалк1 тараб К1удияб Октябралъулаб революция ккаралдаса. Улкаялъул президент В. В. Путинил указалда рекъон к1одо гьабизе буго гьеб юбилей. Жакъа г1емерал бат1и-бат1иял пикраби руго халкъалда гьоркьор инкъилабалда хурхун. Руго гьеб какулелги беццулелги. Гьел к1иялго цо хасаб къадаралъ рит1арал ратила. Амма нилъер щивасда т1адаб буго нилъерго тарих лъазе ва гьелъул адаб гьабизе. Тарих лъазабиялъ рес кьола церехун риччарал гъалат1ал такрарлъич1ого рук1инеги. Гьединлъидал рак1алде ккана к1иябго рахъалдасан революциялда ва граждан рагъулъ г1ахьаллъарал нилъер машгьурал районцоязул кьуч1аб къаг1идаялда бицине. Гьаб номералда кьолеб буго Илъаса революционер Къураев Мух1амадил х1акъалъулъ макъала.

Къураев Мух1амад гьавуна 1884 соналда Авар округалъул Илъа росулъ векьарухъанасул хъизамалда. 1912 соналда хола эмен, кват1ич1ого къадаралде щола эбелги.

1896 соналдаса байбихьун, 12 сон барав чи х1алт1ула Хунзахъ хъалаялда бугеб аптекаялда.

1908 соналъ х1алт1ана Абдулино станциялда маххул нухда, гьелдаса хадуб 1918 соналде щвезег1ан Самараялда шагьаралъул управлениялда хъаравуллъун. Улкаялда революциялъулаб багъа-бачари байбихьидал, 1918-1922 соназ Сибиралда «Дедушка» Нестор Каландаршивилил отрядалъул кьеразулъ Япониялъул интервенталгун къеркьана гьев, Япониялъулазул часталъул пулеметалъул гулбузул ц1адукьа лъукъарав командир хвасар гьавуралъухъ Мух1амадие щвана Рагъулаб Баг1араб Ц1ва орден. Командирас жиндирго рахъалдасан 1927 соналъ К1удияб Октябралъулаб революциялъ 10 сон т1убаялда хурхун гьесие сайгъат гьабуна хвалченги таманчаги, гьединго СИБВОялъул штабалъул рахъалдасанги кьуна 100 гъурущалъул г1арцулаб сайгъат. Гьеб тасдикъ гьабула Къураевасул рагъулав гьалмагъ Михаил Верденович Церетелил хъвай-хъваг1аязги. Гьадин хъвалеб буго гьес жиндирго рак1алдещвеязда: «1918 соналда дун лъугьана Дедушка Каландаришвилил отрядалде. Гьениб дир лъай-хъвай ккана Дагъистаналдаса маг1арулав Къурамух1амадгун (гьалмагъзабаз гьедин абулаан гьесда). Гьалмагъ. Къурамух1амад вук1ана бах1арчияб ва бихьинаб г1амалалъул къвак1арав инсан. Т1убараб кавалериялъул дивизиялъ адаб-х1урмат гьабулаан гьесул».

1920 соналъул хасалихъе Нестор Каландаришвили ах1ун вук1уна В. И. Ленинихъе. Командирасда цадахъ вук1уна отрядалдаса чангоявги, гьезда гьоркьов Мух1амадги. Отрядалда гьесда абулаан «Маг1арул залимиланги».

Москваялда квачан бук1ана. Кват1араб г1ужалда Нестор Верденович ах1ула телефоналъ к1алъазе. Чанго минуталдасан гьев номералде т1адвуссун вач1уна. Бералги кенч1елаго гьес Къурамух1амадида абула: «Хирияв Къура, Ураян ах1е! Нилъ киналго Сибиралъул партизанал метер радал живго Владимир Ильич Лениница жиндихъего ах1улел руго! Бич1ч1улеб бугищ, живго Владимир Ильичица! Гьабсаг1атго х1адурлъизе байбихье вац».

Сордо нахъалъизег1ан командир гьалмагъзабигун хабар-к1алалда вук1ана. Бицунеб бук1ана метерисеб дандч1ваялъул, Ильичие кьезе ругел суалазул, ургъулел рук1ана Лениница сундул х1акъалъулъдай жидеда гьикъилебан ва кинандай гьесие жаваб кьелаян. Нахъисеб къоялъ бихьизабураб заманалдаса цере щвана Сибиралъул партизанал Спасская башня бугеб бак1алде. Кремлялде унел г1адамал г1ажаибго балагьулел рук1ана рагъулаб форма рет1аразул къукъаялъухъ. Бихьизабураб заманалда сибиряказухъе кьуна пропускал ва Совнарком жаниб бугеб минаялдехун ралагьун рилълъана гьел. Цо гьит1инаб рокъоре жанире лъугьуна, гьениб бугоан х1алт1улаб столги, к1иго тахбак1ги цо чанго бак1ги ва къадада бараб картаги. Г1емер заман балалде жаниве лъугьун вач1уна В. И. Ленинги. Киназулго квералги рачун-Рорч1ами, гьалмагъзаби сибирякал, дун ц1акъ вохарав вуго нужгун дандч1вазе щвеялдаса-ян абуна гьес. Ленинил кверги босун, гьесул саламги буссинабун, ворч1ами Владимир Ильичилан абуна киназго г1одобе биччараб гьаркьидалъун. Партизаназул боркьараб салам ва адаб-х1урмат дуе, гьалмагъ Ленинилан борхатаб гьаракьалдалъун Къураевас такрарлъун к1иц1улго кьураб саламалъ Владимир Ильич т1урк1изецин гьавула. Амма гьеб лах1заталдаго рек1едеги вач1ун, борхараб гьаркьидалъун «Салам, салам хирияв гьалмагъ! Мун Гьоркьохъеб Азиялдаса ватилаха?»,-ян жаваб кьола.

-Гуро гьалмагъ Ильич, дир Ват1ан ккола Дагъистан. Рагъ лъуг1ун хадуб нижехъе Кавказалде вач1а. Бищун х1урматияв гьоболлъун гьавила мун,-ан абуна гьес.

Гьимулаго Лениница жаваб кьуна: «Дида лъала Кавказалда лъик1 гьалбал къабул гьаризе лъалеблъи. Ва дун вохарав вуго нужер гьоболлъун вук1ине щвеялдаса»,-ян. Гьединаб бук1ана Къурамух1амадил К1удияв Вождасулгун дандч1вай.

  • рагъ лъуг1ун хадуб Къурамух1амад лъугьана улкаялда ц1ияб г1умруялъул жигарав г1уц1арухъанлъун, гьев х1алт1ана бат1и-бат1иял бут1абазда. 1922-1923 соназ х1алт1ана щуабилеб армия кванил ниг1матаздалъун хьезариялъул ихтиярал кодосевлъун. 1924-1925 соназда Иркутскалда бат1и-бат1иял бак1азда х1алт1ана. 1926-1929 соназ нухмалъи гьабуна Иркутскалъул боц1улгун маг1ишатияб заводалъе. Гьенибго Къурамух1амадица ячана пачаясул т1алъиялъ Сибиралде вит1арав лезгияв, Ахтыялдаса Х1ажимурадил яс Аминат. 1932 соналъ гьев лъугьана коммунист партиялде. Г1емерал бат1и-бат1иял хъулухъазда х1алт1ана Къурамух1амад Сибиралдаса т1адвуссун хадувги. Гьезда гьоркьор руго Ц1ада, Гиничукь, Илълъа ва Бакьагьеч1и росабазул колхозазе председательлъи гьаби ва цогидалги жавабиял г1уц1абазда х1алт1и. Кинаб хъулухъ т1ад къаниги гьес живго вихьизавуна х1алт1удехун жавабчилъи ц1ик1к1арав ва бажари бугев нухмалъулевлъун.
  • Эменго гIадал церетIурал лъугьана гьесул лъималги. Гьесул вас Наби Къураевас гIемераб хIалтIи гьабуна Дагъистаналда медицина цебетIеялъе. ГIемерал соназ хIалтIана республикаялъул сахлъи цIуниялъул министрлъун.
    Кура хвана 1974 соналда. Вукъун вуго МахIачхъалаялда.
Просмотров: 433 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz