Абизе бегьула районалда нижер росу гурого г1исинал лъималазе ясли-ах гьеч1еб росу бук1инч1илан. Гьажеялдаса к1икъого соналъ цебего нижеца районалъул нухмалъиялде ккара-ккарав руководителасда гьарулеб бук1ана нижер лъималазе ясли-ах рагьиялъе квербакъи гьабейилан. Цо-цояз нижехъ г1ин т1амулеб бук1инч1о рищиял т1аде щолел къояз гурого, цо-цояз гьабилилан нижер хьул лъезабулеб бук1ана. Ва гьеле гьедин гьеб хьул халалъана т1убараб к1икъого соналъ.
Районалъе нухмалъи гьабизе Саг1ид Юсупов вач1ингун нижеца гьесдаги гьарана кумек. Саг1ид Камильевичас абуна гьеб рагьиялъе жинца к1вараб жигар бахъизе бугилан, амма гьаб къоялде рагьилин нужее раг1и кьеларин, щай гурого нагагь гьеб къоялде рагьун бажарич1они жиндир раг1и холин, халкъалда цебе кьураб раг1и жиндие хвезе бокьуларилан. Гьелдаса нахъе ана лъаг1елгун бащадаб. Гьаб соналъул март моц1алъул байбихьуда иргадулаб сапаралъ нижер жамаг1атгун дандч1вай гьабизе вач1араб къоялъ районалъул нухмалъулес раг1и кьуна 10 маялде ясли-ах нижер росулъ х1алт1изе лъугьине бугилан. Гьес гьеб раг1и кьуралдаса хадуб г1исинал лъималазул бук1араб рохел ва рек1ел асар гьаниб загьир гьабун бажаруларо. Лъимал тезе бак1ги гьеч1ого чанги улбуца гьел г1азукьги ц1адакьги, х1алт1уде рачунаан. Хасго к1удияб къварилъи бук1ана школалда х1алт1улел улбузе. Дарсал лъуг1изег1ан гьезул лъимал школалда цадахъ рук1унаан.
Ва гьале, 4 апрелалда байбихьана ясли-ах рагьизе бугеб минаялъуб ремонт гьабизе. Гьеб ремонт гьабиялъе биччан буго 600-700 азарго гъурущ. Гьанжеялдего гьениб гьабун лъуг1ана минаялда жанибго х1ажатхана, гьабун раг1алде бахъунеб буго х1ухьлаца рукъзал хинлъизарулеб система, лъолеб буго газалъул котел. Гьаб макъала хъвалеб, 13 апрелалда ц1улал гордалги хисун рагъиялда лъолел руго пластикалъул гордал. Гьел гурелги г1емерал ремонталъулал бат1и-бат1иял х1алт1аби унел руго. Гьелдаго цадахъ школалда хисана т1орччоца ракулел пучдул, гьезул бак1алда лъуна жинда 500 кв. м. щвезег1ан рукъзал хинлъизабизе к1олеб газалъул котел.
Бокьун буго росдал жамаг1аталъул рахъалдасан Саг1ид Камильевичасе, гьел х1алт1аби гьарулел ругел Х1амзатов Х1усение, гьезул прораб Гъазиев Бадрудиние (Борис), котел лъезе жигараб х1алт1и гьабурав Эмелов Мах1амадие рак1-рак1алъул баркала кьезе.
Дица районалъул бет1ер вищулел рищиязда цересел къоязда хъван бук1ана «Г1олохъанаб жанги жигараб х1алт1иги къвариг1ун бугин»-абун. Х1акъикъаталдаги, нилъеда бихьулеб буго г1олохъанаб жаналъги жигараб цо нижер росулъ гуребги киса-кибго районалда х1алт1иялъги кьолеб бугеб ва кьураб х1асил.
Ахиралда гьаризе бокьун буго г1олахъанаб жанги лъуг1угегийилан, жигарал х1алт1абиги г1емерлъагийилан. Амин.
Ясли-ахалда ц1иял гордал лъолел
Ясли-ах рагьизе квербакъи гьабуразе гьара-рахьи гьабулеб буго гьит1ичаз.
Халилбегов М-Х1Моч1охъ росу
|