Республикаялда т1обит1араб Дагъистаналъул муфтиясул «Лъик1ал т1абиг1атазул ах» абураб т1ехь лъаялъул къецазда г1ахьаллъана 2000ялдасаги ц1ик1к1ун чи.
Къецал т1орит1ана лъабго этапалда. 2000чиясдасан к1иабилеб бут1аялде ворч1ана 600 чи, гьездасан лъабабилеб, аслияб бут1аялда г1ахьаллъана 1155ял.
Сайигъатал рук1ана ц1акъ къиматал
1-себ бак1-автомашина «Тайота Королла»
2-леб бак1-200 азарго гъурущ
3-леб бак1-100 азарго гъурущ.
Гьединго 50 чиясе кьуна къиматал сайигъатал.
2017 соналъул 4 марталда Мах1ачхъала шагьаралъул аслияб мажгиталда данделъана Дагъистаналъул муфтий шейх Ах1мад-х1ажи Г1абдулаев ва муфтияталъул г1алимзаби ва гьениб т1обит1ана т1олабго Дагъистаналдаса г1адамал рак1арараб к1удияб мажлис.
Гьеб мажлисалда к1алъазе рахъарал г1алимзабаз бицана шейх ах1мад-х1ажил «Лъик1ал т1абиг1атазул ах» абураб т1ехьалъул аслияб мурад т1абиг1ат-г1амал берцинал г1адамал куцай бук1ин ва гьеб киналго дагъистанияз ц1ализе ва лъазабизе ккелин. Г1иц1го к1иго суалалъулъ дандиясукьа къун къецазда к1иабилеб бак1 босана нилъер ракьцояй Гьамущиса Х1амзатова Заира Сайгидх1усейновалъ. Гьелъие кьуна 2 даражаялъул диплом ва г1арцулаб сайгъат-200 азарго гъурущ ва къиматаб Къуръан.
Гьамушиб росдал школалда ц1алулагоги гьей йик1ана мисалияй ц1алдохъан. Лъик1ай ц1алдохъан х1исабалда гьей г1ахьаллъулаан районалда ва школалда т1орит1улел конкурсазда ва олимпиадабазда ва кколаан цебесел бак1ал. 2013 соналъ лъик1ал къиматазда школаги лъуг1изабун, гьей ц1ализе лъугьана ДГПУ-ялъул математический факультеталде, жакъа къоялда ц1алулей йиго 4-аб курсалда.
Баркула Заирада ва т1олабго г1агарлъиялда гьеб к1удияб бергьенлъи!
Хадурги г1емерлъаги гьадинал рохалилал хабарал районалъе! Амин.
М. Исаламов, Гьамущи школалъул завуч.
|