Пятница, 29.03.2024, 10:02 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Август » 31 » К1ИАБИЛЕВ «НАДИР-ШАГЬ» ДАГЪИСТАНАЛДЕ ВАЧ1ИН.
23:29
К1ИАБИЛЕВ «НАДИР-ШАГЬ» ДАГЪИСТАНАЛДЕ ВАЧ1ИН.

Россиялъул журналистазул союзалъул член, педагог, г1араб мац1 лъазабиялъул методикаязул т1ахьазул автор, жамг1ияв х1аракатчи Бакьагьеч1и росулъа Шамил Мух1идинов жиндирго пикраби районцояздехун вуссун къват1ир загьир гьабизелъун вач1ана нижер редакциялде.

Шамилица бицана маг1арул мац1 лъималазда лъазабиялъул гьабсаг1ат бугеб ах1вал х1алалъул.

Гьабсаг1ат нилъеда бихьулеб бугеб маг1арул мац1алдаги, х1атта Дагъистаналъул цогидал мац1аздаги сверухъ унел ругел лъугьа-бахъинал жакъа рижараллъун рик1к1унаро дица. Россиялда кидалго рук1ана шовинистал ва нилъеца рак1алде щвезабуни, Ермолов Дагъистан мук1ур гьабизе вач1аралдаса гьединал х1ужжаби камич1о. Амма жакъаги гьединаб политика бег1ерлъун бихьулеб буго дида. Гуребани кинан бич1ч1изе кколеб нилъер Госдумаялъ тасдикъ гьабураб гьадинаб маг1наялъул къанун: рахьдал мац1 лъималазда школазда лъазабизе кколарила, жидеего бокьани т1аса бищани гурони абураб. Эбелалъул рахьдалъан бач1араб мац1 кинан т1аса бищизе кколеб? Дида рак1алде ккола нилъ кват1ун ругин маг1арул мац1 ц1унизе къват1ире рахъине. Щайгурелъул, маг1арул т1ахьал къвати1ре риччалеб «Дагъучпедгиз» къалеб мехалда нилъеца гъолъул т1алаб гьабич1о, гьелдаго цадахъ нилъер лъимал гьарурал къоязул кьолел свидетельствабиги, гьезда лъолел печать-штампаздасаги маг1арул мац1 лъуг1улеб мехалъги к1алъалев чи вахъинч1о, маг1арул радиоги къана. Нилъер лъимал г1урус мац1алда гурони гаргадизеги лъугьинч1еб мехалъ, гьезда нилъеца бицарабги бич1ч1улеб батич1еб мехалъ гьанже ратана нилъ рек1еда. Киназулго гуро гьеб пикруги бач1араб. Г1емерисев чи жидерго маг1ишаталда хадур рекерахъдун, рукъалъул т1алабги гьабун, мац1алъулги, рух1ияб рахъалъулги, адабалъулги, диналъулги суалал к1вар кьеч1ого хут1ана. Маг1арул мац1алда хъвана нилъер г1емерал г1алимзабаз ваг1заби, насих1атал, назмаби, туркаби ва т1убарабго халкъалъул к1алзул гьунаралги рук1ана маг1арул мац1алда. Маг1арул мац1алда ах1ана кинидухъ куч1дул, т1убараб дунялалдаго машгьурав философ Инхоса Г1алих1ажияс жиндирго киналго т1ахьал хъвана маг1арул мац1алда. Гьесул: «Зах1мат бихьич1ого рах1ат бокьарас, бекьич1ого лъилъе нилъ гьеч1ого хур» абурал раг1аби дунялалъулго г1алимзабаз рик1к1уна гъваридаллъун. Гьеб ункъго мухъилъ лъун буго чиясул т1убараб г1умру.

1928 соналъ Советияб х1укуматалъ нилъ рачана г1ажамалдаса латин мац1алде. Щай гьедин гьабураб? Щайгурелъул жеги халкъалъул бух1иги ццинги лъуг1ун бук1инч1о пачаяс имам Шамилиде данде гьарурал рагъазул х1асилаздехун. Гьединлъидал, квег1идаса квараниде хъвазеги ругьун гьаризе кириллицаялде рачана латиницаялдасан. Гьелъул х1асилалда цере рук1арал г1алимзабазги, хъвадарухъабазги, шаг1ирзабазги хъварабщинаб жо хадуб бач1унеб г1елалда ц1ализе лъалареблъун лъугьана. Гъол т1ахьалги рух1ана, нохъо-къедалда рахчунги турана, гъозул т1амчазда гьарун рук1арал ккараб-таралъул ишарабиги лъуг1ана. Нижер росулъ вук1ана Къадичу Жамалудин абурав чи, г1емер сонаца дибирлъи гьабурав г1алим. Гьесул бибилиотекаялде ваккана дун дагьав цевег1ан. Гьенир руго астрономиялъул, геометриялъул, психологиялъул, мантикъалъул (логика), географиялъулги картаби лъурал т1ахьал. Амма гьесул лъималазеги, лъималазул лъималазеги гьездаса пайда босизе щвеч1о кириллицаялде лъугьиналде бан. Совет х1укуматалъ к1удияб к1вар кьуна рахьдал мац1ал лъазариялъе. Байбихьул школалдаса бахъараб анц1абго класс лъуг1изег1ан лъазабулаан нилъерго мац1. Гьедин маг1арул мац1ги, цадахъго г1урус мац1ги лъазе ц1алдезеги ц1алдон нилъер рахъана бергьарал г1алимзаби. Масала, дагьаб цебег1ан 75 соналъул юбилей т1обит1арав Т1анусиса Шамил Г1алиев. Гьесдаго цадахъ Бакьагьеч1и росулъа вук1ана Кавказалдаго т1оцеве вахъарав педагогикиял г1елмабазул академик, Дагъистаналъул Университеталъул ректор Ах1мад Мух1амадов. Гьезие щибго квал-квал ккеч1о школалда рахьдал мац1ги лъазабун академикаллъун рахъине. Шамил Г1алиевасда рек1ехъе лъала Ч1анк1алги, Мах1мудилги куч1дул. Ах1мад Мух1амадовги к1алъалаан бац1адаб маг1арул мац1алда. Гьединал мисалал нус-нус рачине бегьула Дагъистаналда. Маг1арул мац1алъул бечелъи, гъварилъи, бихьизабуна ва дунялалда рагьун цебе лъуна Ц1адаса Х1амзатица, Загьид Х1ажиевас, Расул Х1амзатовас, Фазу Г1алиевалъ, Г1абасил Мух1амадица ва цоги-цогидазги. Гьелги цереса ун, гьанже хадусеб бач1унеб г1ел хилиплъулеб гьеч1ищ маг1арул мац1алъе - ян абураб пикру бач1унеб буго. Дие бокьун буго гьанжесел умумузде вуссун абизе маг1арул мац1 лъанин абун нужер лъималазул г1алимзаби рахъине квал-квалги ккеларо, цох1о г1урус лъанилан абун гьезул цебет1ейги лъугьунарелъул, кьоге г1арза маг1арул мац1 къвариг1ун гьеч1ин абураб. Надиршагь Дагъистаналде к1анц1араб мехалъ, киналго миллатал данделъун гъурун вачахъана гьев нилъер ракьалдаса. Гьединабго х1ал щун буго нилъер мац1азде, гьединлъидал киналго миллаталги данделъун дандеч1ч1ей гьабизе ккела гьабсаг1ат нилъеда бихьулеб бугеб г1агарал мац1азе бугеб зулмуялде данде. Хирияб Къуръаналда буго Аллагьасул (а.т.) калам (маг1на): «Дица нуж рижана бат1и-бат1иял къавмаллъун, бат1и-бат1иял мац1ал ругел г1адамалъун, цоцаде аск1оре ине гъира бук1ине». Х1исаб гьабеха киналго ругони цо мац1алъул, цо «халипаялъул», цо куцалъул гьеб лъик1ищ бук1инеб? Нилъер Дагъистан г1ажаибго берцинаб, гьайбатаб бак1 буго. Россиялда жанирги, Кавказалдаги ругел х1укуматал ратани цо мац1алда к1алъалел, цо т1егь г1адал, нилъер мац1ал г1емерлъиялъ Дагъистан данде кквезе бегьула г1емерал бат1и-бат1иял т1угьдузул квац1иялда. Рес бугел чаг1и ратани къвариг1ун буго маг1арул мац1алда лъималазе т1ахьал къвати1ре риччан гьел т1орит1изаризе, мультфильмал маг1арул мац1алде сверизарун программаби гьаризе. Цоги къвариг1ун буго х1акимзабазе жидеца маг1арулал данделъараб бак1алда бац1адаб маг1арул мац1 бицине. Гьунарлъун рик1к1унаро дица гьел кир данделъаниги г1урусалъ гурони к1алъангут1и, ялъуни г1урусги маг1арулги жубазабун гаргади, гьелъул г1аксалда гьеб рик1к1ине ккола мукъсанлъи, г1унгут1и бугилан. Дир г1олохъанлъиялдаса цо мисал бачина. Дун ГДР-алда армиялда хъулухъ гьабулев вугев мехалда цо къулг1адухъ цеве ккун аск1оре рач1арал гьалмагъзабазе лъел ц1ураб кружка кьуна. Жив-живас гьебги гьекъон ч1обогояб дихъе т1ад буссинабулеб бук1ана. Гьедин цевесан ана 5-6 чи. Хадув вач1ана ракьцояв даргинав, гьес цебе дуца гьекъейин абуна, дица инкар гьабурабго, жинцагоги гьекъон ц1ун кружка дихъеги бегьана. Гьеле гьединал руго нилъер г1адаталги, г1амалги, т1абиг1атги. Гьеб кинабго хвезе рес буго нилъеда умумузул мац1ги, ц1арги к1очон танани. Нилъер кинаб бук1аниги ихтиярги гьеч1о лъималахъаги, лъималазул лъималахъаги гьединаб гьайбатаб мац1 бахъизе, гьел гьелдаса мах1рум гьаризе, гьелда т1ад «къоно ч1вазе». Гьеб дица рик1к1уна такъсирлъун. Щивав районцоясдаги, щивав маг1аруласдаги т1адаб буго щиб гьабунги: газета-журнал хъванги, т1ахьал ц1алун, кружокал гьарун г1исиназда мац1 малъунги, жидедаса бажарарабщинаб жо гьабизе маг1арул мац1 ц1унизе. Гьедин гьабич1они нилъ умумузе хилиплъарал «лъималлъун» рук1уна. Буго жеги маг1арулазда къуватги, ях1ги, рух1ги гьеб ц1унизе. Дица лъазабуна ингилисги, г1арабги мац1ал. Дица г1урус мац1алда лекциялги ц1алула ц1алдохъабазе. Гьеб киналъего маг1арул мац1 лъаялъ кумек гурони дие квал-квал гьабич1о. Цо-цояз абула г1урус мац1 бигьаяб бугила лъазабизе нилъералдасайин абун. Гьереси буго. Гьеб ккола г1инда г1урус мац1алъул гурони т1ок1аб гьаракь раг1улеб гьеч1олъиялъул х1ужжа, гьай-гьай гьеб мехалда зах1малъула. Цоясе лъим хазе зах1малъула, щай? Щай гурелъул ругьун гьеч1елъул. Цогияв, ругьунлъарав ччуг1а г1адин лъедола. Гьеб ккола нилъ маг1арул мац1алдаса рик1к1алъулел рук1ин. Ингилис мац1 ЕГЭ - ги лъун т1адаблъун гьабун лъазабулеб буго, рахьдал мац1 къвариг1унареблъун гьабулеб буго. Киналго мац1алги лъазаризе ккела, гьелъул зарал бук1инаро. Амма дица рик1к1уна Дагъистаналда т1оцебе лъазабизе ккелин рахьдал мац1, хадуб г1араб мац1, хадуб г1урус мац1, хадубги ингилис мац1. Дица абиларо рахьдал мац1 лъаларев чи вакъун къечон хвелилан, амма гьев вук1инаха рух1ияб рахъалъ заг1ипав, мукъсанав, умумузул г1адатал к1очаравлъун. Рач1а нилъеца пикру гьабун маг1арул мац1алъе кумек гьабизе, жакъа гьеб «унтун» буго, рач1а гьеб «сахлъизабиялда» т1ад х1алт1изе.

Просмотров: 518 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz