Четверг, 25.04.2024, 06:32 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Март » 3 » ЮБИЛЕЙГУН ВЕТЕРАН.
21:55
ЮБИЛЕЙГУН ВЕТЕРАН.

Дир сонал-дир бечелъи ва ч1ух1и

Гьал къоязда г1умруялъул 90 сонилаб юбилей к1одо гьабулеб буго Хунзахъ росулъа К1удияб Ват1анияб рагъул ва зах1маталъул ветеран Гьиматов Мух1амадрасул Гьиматовичас.

К1удияб Ват1анияб рагъ… Нилъер советияб халкъалъ босана 20-абилеб г1асруялдаго бищунго г1емераб би г1одобе т1ураб К1удияб Бергьенлъи. Рух1алда барахщич1ого ц1унана нилъер г1олохъабаз жидерго Ват1ан. Цо миллионг1ан гурого халкъ гьеч1еб Дагъистаналъ рагъде вит1ана 180 азарго г1олохъанчи. Гьездасан 90 азарго чи т1ад вуссун гьеч1о. Руссаразул кьералги соналдаса соналде мигьлъулел руго. Дол рагъул соназда жеги 18 сонцин бач1ел, бокьун г1арзаги кьун рагъизе ун рук1арал г1олохъабазулги, цох1о нилъер районалда босанигицин, 2 чи хут1ун вуго. Гьезул цояв ккола Мух1амадрасул Гьиматович. Нилъеда кидаго к1оченаро гьел г1олохъабазул гьунаралги, К1удияб Бергьенлъиялъе г1оло гьез бихьизабураб бах1арчилъиги, гьезул гьунаралги. Биччанте гьезул къвак1иги, бихьинчилъиги бук1ине т1аде г1олеб г1елалъе мисаллъунги ч1ух1илъунги. Биччанте гьездаги лъазе кин бокьизе ва ц1унизе кколеб нилъер Ват1анали.

Дах1абаба, дуде салам бит1ана г1онсоде къуларав цо х1еренав, недегьав чияс.

-Мун жеги школалде инч1ей гьит1инай яс йигелъул, дуда гьев лъан ватиларо. Гьев вук1ине ккола, дир канлъи, К1удияб Ват1анияб рагъул ва зах1маталъул ветеран, киназего вокьулев, киназдаго лъалев, киназго к1удияб адаб-х1урмат гьабулев Гьиматов Мух1амадрасул Гьиматович.

К1удияб Ват1анияб рагъул заманалда, г1умруялъул сонал 2 соналъ ц1ик1к1инарунги хъван, бокьун рагъде аразул кьеразулъ вук1ана Мух1амадрасул. Гьев гьавуна 1927 соналъул 1-себ марталда векьарухъанасул хъизаналда. 1941 соналъ цин Хунзахъ 7 сонил школа, хадубго учительзаби, военрукал х1адурулел къокъал курсалги лъуг1изарун (фронталде арал учительзабазул бак1алда х1алт1изе чи вук1инч1ого), Хьини байбихьул школалде х1алт1изе лъугьана военруклъун. Гьенисан 1943 соналъул 5 июналда бокьун фронталде унел районалъул г1олохъабазда цадахъ рагъде ана.

Байбихьуда рагъулаб хъулухъ гьабула Грузиялъул Тбилиси шагьаралда 638-абилеб гьаваялде кьвагьдолел г1арадабазул полкалда наводчиклъун. Щуго моц1алдасан гьенисан вит1ула 6-абилеб УРАПалде (Ц1алулгун разведовательныяб артиллериялъул полк) топограф-вычислительлъиялъул махщалие ц1ализе. Гьелдаса хадуб 1944 соналъул июналда вит1ула 154 абилеб, Баг1арбайрахъулаб, Херсоналъулаб Бет1ераб командованиялъул резервалъулаб г1арадачаг1азул бригадаялда топовзводалъул топограф-вычислительлъун фронталде. Рагъ лъуг1изег1ан лъабабилеб Белоруссиялъул фронталда рагъулел частазда цадахъ гьеб бригадаялда вук1уна. Г1ахьаллъи гьабула Белоруссия, Литва эркен гьабиялъул, хадубккун фашистазулаб Германиялъул Бакъбаккул Пруссиялда рук1арал рагъазда, Балтик ралъдал раг1алда тушманасда т1ад К1удияб Бергьенлъи босун, рагъ лъуг1изег1ан. Мух1амадрасулица г1ахьаллъи гьабула тушманасул ц1акъго щула гьарурал хъулби-Кенигсберг, Инстербург, Прейсиш-Айлау, порт Пиллау (гьанже Балтийск) Шталлупснен, Гумбинен, Даркемен ва г1емерал цогидалги тушманасул щулалъаби т1ет1езарулел, рахъулел, рах1му гьеч1ел, кьварарал рагъазда.

Мух1амадрасулилгун ккараб гара-ч1вариялда гьес хадубги нижее гьадин бицана:

-Мух1амадрасул, киб Дуе рагъ лъуг1араб? Кинаб рохелдай бук1араб нужер гьеб лъуг1ун бук1ин лъайдал?

-Дие рагъ лъуг1ана Балтик ралъдал раг1алда. Радистас ах1ана: «Братцы, война кончилась. Мы победили»,-абун. Киназулго рохалие г1орхъи бук1инч1о. Цоцада къвалал ран баркулаго, бадиса рохалил маг1у гируларев рагъухъан цониги вук1инч1о. Киназго рохиялъ, кодоб бугеб ярагъ гьаваялде кьвагьулеб бук1ана, салют кьун.

-Гьеб вах1шияб рагъда ругъун щвеч1ев, сакъатлъи ккеч1ев чи нагагьги хут1ун ватиларо. Мун ворч1анищ сах-саламатго.

-Кенигсбергалде гьужум гьабулеб рагъда артиллериялъул топографиялъулаб бухьен гьабулаго, дир квег1аб х1ет1е ва мугъ лъукъун бук1ана. Сахлъаравго фрнталде т1ад вуссана. Учитель х1исабалда, рагъ лъуг1ун хадуб рокъове виччана 1946 соналъул февраль моц1алда.

-Мух1амадрасул, дида лъала Дуца чанго бат1иял ц1алул заведениял лъуг1изарураллъи. Бицинарищ кинал гьел кколелали?

-1948 соналда дица лъуг1изабуна Авар педучилище. 1951 соналда т1ок1лъигун лъуг1изабуна Дагъистаналъул учительзабазул институт, 1960 соналда Северияб Осетиялъул пединститут.

-Мун х1алт1ана чанго бат1иял школаздагин районалъул лъай кьеялъул отделалда, росдал колхозалда…

-Рагъдаса вуссун хадуб зах1маталъулаб х1аракатчилъи байбихьана Хунзахъ байбихьул школалда учительлъун х1алт1иялдасан. Хадубги х1алт1ана Т1ануси, Ц1ада школазул директорлъун, Гьолокь, детдомалда, Г1арани гьоркьохъеб школалда завучлъун, районалъул ОНОялъул инспекторлъун, методкабинеталъул заведующийлъун, школа-интернаталда к1удияв тарбиячилъун. Вищун вук1ана Хунзахъ росдал Хизроевасул ц1аралда бугеб колхозалъул профсоюзалъул председательлъун, Хунзахъ росдал Советалъул депутатлъун, районалъул лъай кьеялъул х1алт1ухъабазул профсоюзалъул райкомалъул председательлъун.

Пенсиялде ун хадуса х1алт1ана районалъул «Росдал зах1матчи» газеталъул редакциялда мухбирлъунги.

-Мух1амадрасул Гьиматович, дур к1вах1 лъалареб зах1мат, бах1арчилъи, къох1ехьей к1одо гьабуна Х1укуматалъги. Бокьилаан дуе щварал шапакъаталги рехсани.

-Дир буго К1удияб Ват1анияб рагъул орден, «Рагъулаб хъулухъалъе г1оло», «Кавказ ц1униялъе г1оло», «Кенигсберг бахъиялъе г1оло», «Германиялда т1ад бергьенлъи босиялъе г1оло» медалал, Ват1анияб рагъулъ гьабураб г1ахьаллъиялъе, бихьизабураб къох1ехьеялъе, бах1арчилъиялъе ва гьунаралъе г1оло Т1адег1анав Бет1ерав командующий, Совет Союзалъул маршал И. В. Сталинил 7 баркалаялъул кагъатги.

  1. соналда дун мустах1икълъана «ДАССРалъул школалъул мустах1икъав учитель» абураб х1урматияб ц1аралъе, 1977 соналда «РСФСРалъул школалъул мустах1икъав учитель» абураб х1урматияб ц1аралъе, щвана РСФСРалъул ва ДАССРалъул Верховный Советазул 3 Х1урматияб грамота ва г1емерал цогидалги шапакъатал.

 

Мух1амадрасул, баркула дуда гьавураб къо

Дол рагъул соназул х1исаб гьабидал,

Рах1аталда руго гьаб заманалъ нилъ.

Лъимал рагъде унел цере ч1аралго,

Гъаргъар бала чорхолъ бач1унгегиян.

Анц1ила анкьго сон бач1ев г1олилав,

Кьалда цеве унев вихьула дида.

Михъида х1ур ч1вач1ев т1инч1аб хъергъуялъ

Хъулби рахъиялъул гьабула х1икмат.

Кенигсберг босарал солдатазда гъорлъ

Гъалбац1 г1адин ч1ана нилъер Гьиматов.

Пиллац бахъулел рагъухъабазулъ

Вагъулев вук1ана Мух1амадрасул.

Г1исинлъимада гъорлъ хъварав Хунзахъев,

Хъван г1арзагун ана зулму нахъ ч1вазе.

Ч1вадарухъабазда бахъараб цциналъ

Санал к1одо гьарун борчана ярагъ.

Бихьинчилъиялъул рачел бахъич1о,

Бергьенлъиги босун нахъ вуссинег1ан.

Г1аданлъиялъул ирс, умумузул нух

Адабгун ц1унана ц1адаве ккедал.

Хунзахъ районалда Расул лъаларев,

Гьит1инав к1удияв чи ватиларо.

Чилъиялъул рахъалъ Дагъистаналда

Гьиматов г1адав чи г1емерав гьеч1о.

Рек1елъ ч1ух1и гьеч1ев, ях1 реххун теч1ев,

Гьес тарбия кьеч1ев, гьеч1о росулъ чи.

Чорхол х1алалдаса х1алт1и хирияв,

Рек1араб ц1а г1адав г1адан вуго гьев.

Армиялде унел г1олохъабазул

Насих1атчи вуго Мух1амадрасул.

Военкоматалда тарбия кьезе

Гьеч1ого г1оларо г1адамазе гьев.

Г1умру нилъер лъимал куцалев арав,

Кинабго рецц гьабе Гьиматовасе!

Гьанжеги тунк1ил хер бакъвадго ккурав,

Корреспондентасе нусго сон кьеги!

Бакьагьеч1иса Даци.

 

К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи, Хунзахъ росулъа Мух1амадрасул Гьиматовасде, дир вук1арав муг1алимасде.

Анц1ила анкьилъе вахараб г1ужалъ,

Ват1аналъул ах1улъ къват1ив вахъарав,

Улкаялде т1аде х1инкъи решт1индал,

Г1арзаги кьун кьалде арав багьадур.

Дуда к1очон теч1о росдал бах1арзал,

Т1олго Россиялда жал машгьурлъарал

Х1ажимурадилги Ахъбердиласул,

Ах1улгох1да хварав Г1алибегил ц1ар!

К1удияв Г1умахан, Муслим Атаев,

Инкъилаб ц1унарав Мух1амадмирза.

Рагъул фронталда вагъулеб мехалъ

Маг1арул ях1-намус рехич1о дуца!

Дида жакъаг1адин рак1алда буго

Рагъ лъуг1ун рукъове мун вуссараб мех.

Жеги рагъул форма бихьич1ев чи мун,

Муг1алимзабазул кьералда ч1ана.

Дица цо абураб раг1и г1олаан,

Г1инт1амун дарсазухъ ниж г1енеккизе.

Нижедехун г1адин жиндехунгоги

Жавабчилъи бугев чи вук1ана мун.

Рагъулъ г1ахьаллъарав, г1адлу бокьулев,

Ц1алдохъабаз х1урмат гьабулаан дур.

Кенигсберг босарав Багьадурасул

Бицине г1емераб жо батулаан.

Дуца бицунаан ц1алдохъабазе

Биял г1одой т1ураб рагъул х1акъалъулъ.

Нилъер бах1арчияб Баг1ар Армия

Фашисталги хъамун, цере иналъул.

Доба Рейхстагалда нилъер солдатаз

Бергьенлъиги босун, байрахъ ч1ваялъул.

Рагъдаса хадусел зах1матал соназ

Лъай боссе гъираго ц1алдолаан ниж.

Доб мехалъ щвараб лъай щулияб бук1ун,

Щибго квал-квал ккеч1о дир г1умруялъе.

Дуца кьурал дарсал т1ехь ц1алич1ого,

Рак1алда ч1олаан нижер щивасда.

Борхараб гьаракьалъ бац1ц1адаб мац1алъ

Ц1илъизабулаан ц1алуде гъира.

Пасих1го реч1ч1улел г1елмудул ч1ораз

Ч1аголъи щолаан дир пикрабазе.

Хунзахъ школаялъул кинабго х1алт1улъ

Мун г1ахьаллъулареб заман бук1инч1о.

Муг1алимаз лъураб доб пьесаялда

Дуца х1араб ролги рак1алда буго.

Рагъда г1ахьаллъарав хундерил «Лачен»

Гьарула дица дуй халатаб г1умру!

Рохелаз къвал байги дур къавуялда

Къо ккараб мехалда Ват1ан ц1унарав!

Т1алх1ат Ахъбердиев, Гъизилюрт шагьар.

 

Мух1амадрасул Гьиматовасе сайгъат гьабула

Росу-ракь урхъарав, г1амал берцинав,

Г1аданлъи к1удияв, район ч1ух1арав,

Г1адамал хирияв хундерил ч1ух1и,

Мух1амадрасул, мун лъала нижеда.

Дуца нахъа тараб г1умру ц1алана

Рагъулги х1алт1улги х1асилал лъана,

Дур керен бахчарал орден медалаз

Бицана нижеда дур бах1арчилъи.

Анц1ила анкьго сон барав г1олилас

Бартиги кьолона ярагъги бана.

Дуца фашистазул зулмучаг1азда

Г1арададул гулби гаргазаруна.

Кенигсберг босулеб рагъул корониб

Кенч1ана каранда орден медалал.

Рагъул кьог1лъи лъарав, бух1и бихьарав,

Бергьенлъиги босун, вуссана рокъой.

Рагъда дуе щварал шафакъатазул

Керен ц1урал ц1ваби баркула дуда.

Баркала хирияв, хундерил лачен

Хут1аги мун ч1аго нижей мисаллъун.

Дуца г1умру кьуна г1олеб г1елалъе

Г1умруялъул нухде гали т1амизе.

Тарбия-лъаялъул дарсал ц1алана,

Ц1одораб, г1акъилаб г1ел бижизелъун.

Дур тарбия щварал нус-нус г1олилал

Г1елму каламалъул т1охде рахана.

Гьел академикал, гьел профессорал

Политикаялъул х1аракатчаг1и.

Х1укумат-партиялъ щиб т1ад къаниги

Т1убана дуца гьеб бац1ц1адаб рак1гун.

Роц1ц1араб, бац1ц1адаб жигараб х1алт1ухъ

Х1укуматалъ дуе баркала кьуна.

Россиялъул т1ок1ав учителилан

Ц1арги кьуна дуе т1адег1анисеб.

Хут1аги мун ч1аго нижей мисаллъун,

Кьеги дуе сахлъи, таги мун вохун.

Нахъеги баркула т1анусдерица

Т1аде щолеб бугеб к1удияб байрам.

Бергьенлъиялъул къо к1одо гьабизе

Г1алаг1арталда данделъила нилъ.

Х1ажи Г1абдулхаликъов, Т1ануси росу.

 

 

Бокьун кьалде арав рагъул бах1арчи

Хунзахъ т1алъиялъул добровольцалгун

Ват1ан бух1улелъул къват1ий вахъарав,

Мух1амадрасул, дур къо х1ехьеялъул

Къойилго бицуна нилъер васаца.

Улкаялде тушман к1анц1аралдаса,

Дур рек1елъ бук1ана тушманасде ццин.

Вац г1алхул бандалгун вагъулеб мехалъ

Фрицал гъуризе гъира бук1ана.

Гьиматов, ахирав тушман ракьулъ лъун,

Мун бах1арчи г1адин къеркьана рагъда.

Керен шафакъатаз къалъизе гьабун,

Вуссана росулъе бихьинчи г1адин.

Ракълил г1умруялъги росуцоязе

Мисаллъун вук1ана щибаб ишалъулъ.

Дур насих1атазги дур дарсацаги

Куцана г1олилал Ват1ан ц1унизе.

Дуе ниж киназго г1умру гьарула,

Дуе ниж киназго рохел гьарула,

Дур рокъоб икъбалгун талих1 гьарула,

Таги г1емер соназ мун нижей ч1аго!

Пат1имат Хочоева, Хунзахъ росу.

 

Х1ежалъул гьалмагъасде

Хунзахъ шагьаралде машина ц1ехон,

Вач1арав гьоболгун гьалмагълъи ккурав,

Гьиматил сахав вас Мух1амадрасул,

Бицинин нужейго гьесул х1акъалъулъ.

Гьев къват1иве инч1ев къайи босизе,

Даран-базаралъул хабар-к1алалъе.

Жиндир херлъиялъухъ хал гьабич1ого,

Вахъарав сапаралъ Саг1удиялъе.

Х1ежги г1умруялъул фарз т1убазелъун,

Т1убараб къот1игун къач1арав гьудул.

Жив къавул гьавидал, гьалмагълъи ккедал,

Къабуллъараб гьесий нижер къапила.

Х1ежалде щвезег1ан дуг1а-алх1амгун,

Х1елун Аллагьасда кумек гьарарав.

Гьардарав гурищ мун, Мух1амадрасул,

Рек1елъ бусурманлъи бессарав инсан.

Дуца рачел къана къо х1ехьеялъул,

Къабулаб х1ежалъул рукну т1убазе.

Бац1ц1адаб х1еж т1убан, хадуб г1умрагин,

Бахилаб х1алалда х1алаллъараб дуй.

Г1адамазда аск1ов г1амал рекъарав,

Къадруяб рак1алъул лъик1ав муъминчи.

Сахаб г1аданлъиялъ г1амал куцарав,

Гьудул-гьалмагълъигун эмен вац г1адав.

Гьасул баракаталъ бит1араб нухалъ,

Хунзахъ АТП-ялъ кьураб автобус.

Кьолораб чодасан лъик1 ккараб нижей,

Гьелда сафар гьабун, фарз т1убан руссин.

Х1ажимурад Гъазимух1амадов. Кванхидалъ росу, Болъихъ район.

 

 

Дир насих1атчи-ветеранасде

Мух1амадрасул, мун данде ккаравго,

Къулун вугеб куцан бух1ун уна рак1.

Пат1имат гурищан гьимун к1алъайгун,

Ц1ада х1алт1улеб мех бач1уна цебе.

Т1оцересел дарсал, дур малъа-хъваял

Гьеб батана дида дир г1умруялъулъ.

Дуца малъанщинаб рек1елъги ц1унун,

Гьеб х1алт1изабуна жиб-жиб дарсида.

Къокъид нухалъ лъелго нилъ рач1унелъул,

Дуца рагъул кьог1лъи бицана дида.

Рагъ ккарал къояца гьаюрай дида

Бич1ч1ана нужеца ниж ц1унарал куц.

Балъгого доб къоялъ гирараб маг1у,

Мун вихьанщинахъе ц1илъун бач1уна.

Бергьенлъи баркула хирияв дуда,

Мун ракьалда вук1ин-гьеб нижер талих1.

Кьеги дуе г1умру сахлъигун цадахъ,

Кидаго гьимулев хут1аги даим.

П. Хъайтмазова, Хунзахъ росу.

Просмотров: 548 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz