Гьал къоязда Г1арани № 17 аптекаялъул заведующая Г1амирханова Султануца к1одо гьабулеб буго г1умруялъул гьайбатаб юбилей – 60 сон т1убай. Нилъецаги гьаризинха Султануе халатаб, талих1аб г1умру, гьабулеб ишалъулъ бит1ккей, рохел-аваданлъи, х1алт1улъ жеги ч1ах1иял бергьенлъаби.
Х1урматияй Султану Мух1амадовна, дирго ва т1олабго районцоязул рахъалдасан рак1-рак1алъ баркула Дуда гьайбатаб юбилей.
Рарал соназ гуро инсан ворцунев,
Гьабураб х1алт1уца, лъик1аб г1амалалъ.
Бечелъиялъ гуро чи цевет1олев
Гьудул – гьалмагълъиялъ, адаб – хъатиралъ.
Къисматалъул нухда лъалк1ал гьайбатай,
Баркула г1умрудул цоги сон свери.
Сахлъи чарамулаб чорхоеги кьун,
Бокьухъе таги мун жеги г1асруялъ!
У. Къурамух1амадова.
|