Пятница, 29.03.2024, 17:02 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Октябрь » 15 » ЮБИЛЕЙ.. ДИДА ШКОЛА Ц1УМИЛАН ККОЛА.
18:21
ЮБИЛЕЙ.. ДИДА ШКОЛА Ц1УМИЛАН ККОЛА.

Районалда т1оцересел лъай кьеялъул г1уц1абазул цояб, араб г1асруялъул къоабилел соназго рагьараб жидерго школалъ 90 сон т1убаялъул юбилей к1одо гьабуна херехьдерил жамаг1аталъги ва гьеб рохалилаб тадбиралда г1ахьаллъарал гьалбадерицаги гьал къоязда. Диниял г1алимзабиги г1урус г1елму ц1аларал г1езаг1анго церет1урал г1адамалги дагьал рук1инч1ониги, революциялда хадусел соназ Дагъистанги рик1к1унаан лъавукъаб, хъвай-ц1али гьеч1еб, нахъе ккараб бец1аб бок1онлъун. Гьединлъидал ц1иг1уц1араб советияб улка цебе бачине х1ажат рук1ана лъай бугел г1адамал. Улкаялдаго лъазабун бук1ана хъвазе, ц1ализе малъиялъул акция-лъавукълъи т1аг1инаби.

1926 соналъ Харахьи росулъги рагьула байбихьул школа. Г1емерал зах1малъаби дандч1вана ц1иг1уц1улеб х1алт1улъ школалъул директорлъун тарав Гьамущиса Сиражудинов Мух1амадидаги херехьдерил муг1алимзабаздаги байбихьуда. Рук1инч1о хас гьабун гьелъие х1адурарал специалистал, школалъе бат1а гьабураб мина, ц1алул пособиялгун т1ахьал. Лъималги т1убараб гъираялда гуро журалел рук1арал ругьунаб гуреб ишалде гъорлъе. Ясалин абуни росабалъ школазде риччалелго рук1инч1о эбел-инсуца. Хъвай-ц1алиги рук1алиде ккун, улкаялда т1оцересел церет1еял лъугьиндал 1936 соналъ Харахьи байбихьул школа анкьго сонилаблъун гьабула.

Ана замана, ккана хиса-басиял. Ракълилаб г1уц1арухъанлъиялда бук1араб Советияб улкаялде т1аде к1анц1ана гитлерилаб Германия. Хиянатав тушманасдаса Ват1ан ц1унизе бахъана т1олабго халкъ. Харахьиса рагъде аразда гъорлъ вук1ана 14 учительги. Гьадингоги г1емерго рук1инч1ел гьел, т1убанго дагьлъула рагъул соназ. Гьанжесев директор Зубаиров Мах1ачица школалъул тарих бицун гьабулеб к1алъаялда гьеб къоялъ ц1ар-ц1арккун рак1алде щвезаруна кьалул майданалде арал учительзаби-росуцоял. Амма рагъде аразул бак1алда союзалъул бат1и-бат1иял республикабаздаса г1урус учительзаби-ц1ик1к1унисел руччаби рач1ине байбихьана дагь-дагьккун к1удияб улкаялъул рик1к1адал регионазде. Гьедин 1940-60 соназ Харахьи школалда завучаллъун х1алт1ун руго Воробьева Лилия Васильевна, Холодцов Иван Васильевич, Цогов, Разумович. Байбихьул классазда дарсал кьун руго Соловьевалъги Медведьевалъги. Г1емерал соназ школалда г1урус мац1алъул дарсал кьун руго Полина Георгиевнаялъ, Новикова Клавдияца, Иванова Нина Петровнаялъ, Ростенко Раисаца, Ханова Нина Антоновнаялъ, Баранова Зинаидаца, Кайбукова Заретаца, Орфанова Иринаца. Х1исаб г1елмуялъул учительзабилъун рук1ун руго Михаил Иванович Бут, П. Ф. Ермилова, Р. В. Машков, Протченко Иван ва Варвара. Херехьдерил лъималазда география малъун буго Лопаев Борисицагун Перуовскияс, Биологиягун зоология-Елена Петровнаялъги Потапов Владимирицаги. История кьун буго Лебедева Аза Дмитриевнаялъ.

Рагъда хадусел соназ школалда цебе рагьула интернат. Гьенир ц1алулел рук1уна Харахьи участкаялдасаги 40-90 ялде г1агарун лъимал. Ц1алдохъабазул къадарги ц1ик1к1араб, ц1алулгун тарбия кьеялъул базаги щулалъараб, гьелъие киналго шарт1алги г1уц1араб мехалъ Харахьи рагьула гьоркьохъеб школа. Дагь-дагьккун гьеб жубала росдал жамг1ияб г1умруялъулъе. Бажарараб кумек гьабула г1аммаб маг1ишат данде бачиналъулъ. Ц1алдохъаби г1ахьаллъула ах-хуралда гьарулел х1алт1абалъ, х1алт1ула пихъил консервал гьарулеб заводалда. Гьедин ц1алдохъабаздасан г1уц1ула производственнияб бригада ва гьеб тасдикъ гьабула ВДНХялъул г1ахьалчилъун. Школалъул вакилзаби г1ахьаллъула Целиноградалда т1обит1араб г1елмияб конференциялда. Гьел мустах1икълъула ДАССРалъул Верховный Советалъул Х1урматалъул грамотаялъе. Дол соназ республикаялъул росдал маг1ишаталъул министерствалда х1алт1улев вук1арав росуцояв Г1усманов Дибирх1ажиясул кумекалдалъун школалъе бала ц1ияб типовияб мина, кват1ич1ого гьенибго рагьула спортзал, гьелъул кьуч1алда лъималазулгун г1олилазул спортивияб школа.

Киналго байбихьиязулги байбихьи-г1агараб росдал школа лъуг1ун къват1ире ричарал ц1алдохъабазул рахъана лъик1ал г1алимзабиги, политикиял х1аракатчаг1иги, жамг1иял церехъабиги, росдал маг1ишаталъул, лъай кьеялъул, сахлъи ц1униялъул специалисталги, рагъулал начальникалги. Медицинаялъул хъулухъалъул полковник райбольницаялъул бет1ерав тохтур Мусаев Мух1амад, рагъулаб хъулухъалда т1адал ишал т1уралаго нилъедаса ват1алъарав генерал-майор, Россиялъул Бах1арчи Х1айдархан Х1ажиев, гьале цо-цо гьединазул ц1арал. Хун хадуса Х1айдархан Г1абдулмаликовичасул ц1ар кьола Харахьи школалъе.

Соналдаса-соналде лъик1лъулеб буго Харахьи школалъул материалиябгун техникияб база. Гьеб кидаго г1ахьаллъула районалда ва республикаялъул лъай кьеялъул министерствалда т1орит1улел бат1и-бат1иял олимпиадабазда, конкурсазда ва кидаго цересезул кьералъги бук1уна. Гьедин «Тарбия кьеялъул системаби» республикаялъул конкурсалда ва «Россиялъул бищун лъик1аб школа-2004» конкурсалъул республикаялъулаб бут1аялда школалъе щвана т1оцебесеб бак1. Районалъул лъай кьеялъул г1уц1абазул х1аракатчилъиялъе рейтингалъулаб къаг1идаялъ къимат кьеялъул х1асилазда рекъон школалъ ккуна лъабабилеб бак1.

Т1олабго улкаго г1адин Харахьи школаги буго реформабазул, хиса-басиязул  карачалабалъ. Хисана замана, хисана г1адамал, амма учитель кидаго хут1ана лъималазе лъай кьезелъун абураб жиндирго рек1ел ах1иялъе рит1ухъавлъун.

Байбихьуда абухъе херехьдерил рохелги жидергояблъун гьабун юбилеялъулаб дандеруссиналда г1ахьаллъизе рач1ун рук1ана г1емерал гьалбал, къват1ир ругел росуцоял, сверухъ ругел росабазул администрациязул, ц1алул г1уц1абазул вакилзаби, цебе школалда х1алт1арал, гьанже мустах1икъаб х1алх1иялда ругел муг1алимзаби ва бат1и-бат1иял соназ школа лъуг1ун арал, заман бахъанаг1ан к1удияб асаргун рек1елъ гьеб ц1унарал выпускникал. Гьале росдалги районалъулги ч1ух1и-шаг1ир Мух1мудАпанди, Мах1ачхъалаялда ч1арав Бакьагьеч1иса г1алимчи Мух1идинов Шамилгун, заманаялъул х1урул гъат т1ад ч1аниги жиндирго рак1алде щвеялгун пикрабалъ восарав цоги Бакьагьеч1иса муг1алим-ветеран Х1ажиев Мух1амад. Районалъулгун росабазул муниципалитетазул, райсобраниялъул вакилзаби, ункъойилъе санал рахарал г1ансит1е къуларал харабиги, ч1ух1ун рет1а-къарал г1олохъабиги, исана школалде рачарал гьит1ичалги-киналго жура-гъуран цо к1удияб руккел бук1ана бак1-бак1азда ран дализарурал кьер-кьерал шариказги т1огьол квац1абазги берцин гьабураб школалъул азбаралда.

Рохалилаб митингги рагьун данделъараздехун баркиялъулаб к1алъай гьабурав школалъул директор Зубаиров Мах1ачица нахъа тараб 90 сонилаб тарихалъул бицана. Школа кколила киналго байбихьиязулги байбихьи. Щивав чияс гьенисан лъолила г1умруялда жанире т1оцересел галаби, тарбиягун лъайги гьенисан щолила щивасе. Жиндида школа релъун бихьулила бусадаса т1оцебесеб роржаде т1анч1и ричалеб ц1умалда. Харахьи школа кколила участкаялъего базовияб школалъун. Жиндиего хасиятаб, зах1матаб нух нахъа танила г1агараб школалъилан бихьизабуна Зубаировас жиндирго к1алъаялда.

Районалъул администрациялъул, депутатазул корпусалъул, жиндирго рахъалдасан херехьдерида росдал мактабалъ 90 сон т1убай баркараб к1алъай гьабуна райсобраниялъул председатель Хваджаев Хважаца. Рагъ байбихьараб 1941 соналъ гьаб школалда х1алт1улев вук1арав жиндир эмен Х1ариколоса Хважал Мух1амад тушманасдаса Ват1ан ц1унизе унел херехьдерил учительзабазда цадахъ кьун г1арзагун фронталде ун вугилан бицана гьес. Рагъда хадусел 50-абилел соназ Х1ариколоса цоги муг1алим Мух1амадов Г1арип Муртазаевичас директорлъиги гьабунин гьанибилан т1адеги жубана.

90 сонилаб юбилеялда хурхун ва г1емер соназул рахъи ц1ик1к1араб х1алт1ухъ республикаялъул лъай кьеялъул министерствалъ Харахьи гьоркьохъеб школалъул коллектив к1одо гьабун буго Х1урматалъул грамотаялдалъун. Жиндирго к1алъаялда росуцояздехун гьабураб баркиялдаса хадуб министрасул т1адкъаялда рекъон гьеб идараялъул вакил Г1азимух1амадова Аминат Г1усмановнаялъ Зубаировасухъе кьуна гьеб т1адег1анаб шапакъат. Школалъул коллективалда, росдал жамаг1аталда юбилей баркараб к1алъай гьабуна районалъул лъай кьеялъул отделалъул начальник Г1умаров Залимханица, Мух1идинов Шамилица, херехьдерил ва сверухъ ругел цо-цо росабазул бегавулзабаз, школазул директорзабаз. Школа лъуг1ун аразул рахъалдасан к1алъана райбольницаялъул бет1ерав тохтур Мусаев Мух1амад, Мах1мудАпанди, культураялъул рукъалъул директор П. Мух1амадова, юбилеялъул х1урматалда школлъималаз х1адур гьабун бук1ана концерталъул программа, ах1ана куч1дул, гьаруна кьурдаби, рук1ана бат1и-бат1иял сценкаби, церерахъинал. К1удияб асар гьабуна киназего ч1ах1иял классазул ц1алдохъабаз бихьизабураб росулъе т1оцересел г1урус учительзаби рач1иналъул сценкаялъ. Хунзахъа Г1амирханов Расулил акробаталги, Харахьиса Г1алибегов Мух1амадил палугьабиги камураб русен-свери бук1унарелъул, г1исинал палугьабазул церерахъиналъги гьабуна балагьаразе асар. Официалияб бут1аялъул ахиралда Мах1ач Зубаировас учительзабигун техникиял х1алт1ухъабазул к1удияб къукъа грамотабаздалъун, сайгъатаздалъун к1одо гьабуна. Квана-гьекъон хадуса лъик1аб асаралда гъоркь рикьа-рихана г1адамал рукъ-рукъалде.

Р.S. Газеталда лъезе гьаб материал х1адуризе кумекалъе квешаб-лъик1алъул ц1ехон Зубаировасухъе к1алъайдал, Мах1ачица гьарана гьадинаб тадбир т1обит1иялъе жидее кумекалъе ратарал, сахаватлъиялъулаб кверч1варал цо-цо г1уц1абазе, гьезул нухмалъулезе г1адатал г1адамазе жиндирго ва школалъул коллективалъул рахъалдасан газета гьоркьоб ккун рак1-рак1алъул баркала кьезе бокьун бугила гьелъие бак1 батейилан. Зубаировас баркала кьолеб буго т1убараб коллективгун цадахъ сайгъат-саламгун тадбиралда г1ахьаллъарав Лъаг1илухъ гьоркьохъеб школалъул директор Къурамух1амадов Мух1амадбегие, гьамщадерил бегавул Мух1амадкамилов Камилбегие, гьезулго школалъул директор Аминов Т1агьирие, «Росдал азах1матчи» газеталъул редактор Фатима Мух1амадовалъе, районалъул лъималазул творчествалъул рукъалъул директор Раджабов Мух1амадие, Бакьагьеч1иса зах1маталъул ветеран Х1ажиев Мух1амадие, Харахьи участкаялъул больницаялъул бет1ерав тохтур Хъайтмазов Мух1амадие, ясли-ахалъул заведующая Мух1амадова Пат1иматие, Гъоркьколоса Муъминов Муъминие, Харахьиса Г1аливагьабова Умие, Х1ажиева Умасалимие, Х1ажиев Мух1амадие, Хъайтмазова Умуе, Хъайтмазова Г1айшатие, Гьит1инамух1амадова Пат1иматие ва г1емерал цогидазеги. Рехсезе рак1алде щвеч1ого хут1ун ратарал т1аса лъугьаянги гьарулеб буго Мах1ачица.

 

Тарихал ва х1ужжаби

1926 соналъ рагьана байбихьул школа.

1936 соналъ школа 7 сонилаблъун гьабула;

1948 соналъ школалда цебе рагьана интернат;

1950 соналъ 7 сонил школалъул бак1алда рагьана гьоркьохъеб школа;

1959 соналъ школалда г1уц1ула ц1алдохъабазул производственнияб бригада;

1976 соналъ школалъе бана ц1ияб типовияб мина;

1977 соналъ школа ВДНХялъул г1ахьалчилъун тасдикъ гьабуна;

1982 соналъ школалда рагьана спортивияб зал;

1983 соналъ школалъул вакилзаби г1ахьаллъана Целиноградалда т1обит1араб г1елмияб конференциялда;

1984 соналъ мустах1икълъана ДАССРалъул Верховный Советалъул Х1урматалъул грамотаялъе;

1990 соналъ спортзалалъул кьуч1алда г1уц1ана лъималазулгун г1олилазул спортивияб школа;

2002 соналъ школалъе кьуна Россиялъул Бах1арчи Х1айдархан Х1ажиевасул ц1ар;

2003 соналъ «Тарбия кьеялъул системаби» республикаялъул конкурсалда т1оцебесеб бак1 ккуна;

2004 соналъ «Россиялъул бищун лъик1аб школа-2004» конкурсалъул республикаялъулаб бут1аялда т1оцебесеб бак1.

2009 сон-районалъул лъай кьеялъул г1уц1абазул х1аракатчилъиялъе рейтингалъулаб къаг1идаялъ къимат кьеялъул х1асилазда рекъон школалъе щвана лъабабилеб бак1.

 

Бат1и-бат1иял соназ школалъе нухмалъи гьабун директорзабилъун х1алт1ана: Гьамущиса Сиражудинов Мух1амад (Мух1ума), Хунзахъа Г1алиханов Зайрбег, Байикьа Хъараев Мух1амад, Харахьиса Г1усманов Г1исах1ажи, Х1ариколоса Мух1амадов Г1арип, Г1ободаса Ниг1матулаев Ах1мадула, Ч1охъа Давудов Гъази, Г1ахьалч1иса Нурмух1амадов Мух1амад, Бакьагьеч1иса Г1алих1ажиев Х1айдар ва Харахьиса Гъазимух1амадов Г1усман.

Исана 23 абилеб ц1алул сон байбихьана бажари бугев г1уц1арухъан ва нухмалъулев, лъик1ав педагог Зубаиров Мах1ачица школалъе директорлъи гьабулелдаса. Улкаялъе бищунго зах1матал 90-абилел соназ ккана Мах1ачиде т1аде районалдаго к1удиязул цояб-Харахьи школа нухда бачине. Къуркьич1о гьев зах1малъабазе. Цересез кьуч1 лъураб нух гьесги щулаго ккуна ва школалъул къадру г1одобе ккезе теч1ого ц1унизе х1аракат бахъулебги буго.   

 

                           

Просмотров: 522 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz