Х1урматиял Хунзахъ, Гъонохъ, Гиничукь, Нак1к1икь, Заг1иб,
Хьини, Байикь, Ч1ондокь росабазул избирателал, ракьцоял! Жакъа районалъул
газета гьоркьоб ккун, нужее рак1-рак1алъулаб баркала загьир гьабизе бокьун буго
Хунзахъ росдал администрациялъул бет1ерлъун к1иабилеб нухалъги дун вищаралъухъ.
Дирго рахъалдасан дица х1аракат бахъила нужеца диде гьабураб божилъи рит1ухъ
гьабизе. Кидаго х1адурав вуго нужер мурадал т1уразе ва росдаеги, г1исинал
росабазул жамаг1атазеги, районалъеги пайдаялъе х1алт1изе.
Хасаб баркала кьезе бокьун буго рищиязда цебе дир ккараб
къварилъиги бич1ч1ун, рищиязда цебесеб компаниялъул т1олабго ургъелги т1аде
босун, макьу-квен тун штабалда х1алт1арал г1олохъаби-васазе, руччаби-яцазе.
Нужеца дида аск1об гьабураб лъик1лъи дида кидаго к1оченаро ва абадиялъ нужее
баркала кьолевлъун хут1изеги вуго!
Цойги нухалъ баркала дие гьаркьал кьуразе, Аллагьас нужер
щивасул рокъоб рохел-талих1 гьарзалъизабеги, баракат рещт1инабизеги.
ИншаАллагь, нилъер цадахъаб х1алт1уца цебет1езабила зах1матчаг1азул
социалиябгун экономикияб г1умруги, лъик1лъизабила гьезул рук1а-рахъинги.
Нужеде кидагосеб адаб-х1урматгун Хунзахъ росдал
администрациялъул бет1ер Хизри Т1алх1атов.
|