Среда, 24.04.2024, 02:46 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Март » 29 » ИСЛАМИЯБ ФОРУМ. Г1УМРУ Х1АЙ ГУРО.
17:18
ИСЛАМИЯБ ФОРУМ. Г1УМРУ Х1АЙ ГУРО.

Исламияб форум

Г1умру х1ай гуро

Гьединаб ц1аралда гъоркь Исламияб форум т1обит1ана 15 марталда Хунзахъ Ш. Шамхаловасул ц1аралда бугеб культураялъул к1алг1аялда. Районалда гьединаб мажлис т1обит1иялъул мурад бук1ана жакъа къоялъ г1олилазда гьоркьор т1ирит1ун ругел виртуалиял х1аязул заралалъул бицин. Гьениб г1ахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъиялъ, диниялгун жамг1иял х1аракатчаг1аз, школлъималазгун учительзабаз ва цогидазги.

Данделъи рагьана районалъул имам Бац1алов Мурадица. Жиндирго к1алъаялда гьес абуна лъимал гьадинал х1аязде руссин т1оцебесеб иргаялда ч1ах1иязул г1айибин толила жинцаян ва бук1ине кколедухъ ч1ах1ияз лъималазде к1вар кьолеб бук1арабани, гьеб гьедин бук1инароанилан. Эбел-эмен ва учительзаби ах1ана лъималазде кьолеб к1вар ц1ик1к1инабизе ва гьезда хадуб кидагосеб бербалагьи бук1инабизе.

Районалъул бет1ерасул заместитель Шамиль Г1аммаевас бицана районалъул школазда интернеталъулгун бухьен бугел телефонал гьукъун ругилан ва гьединал пишабазул бугеб заралалъул бицун киналго школазда бич1ч1икьеялъулал х1алт1аби гьарулел ругилан. Лъимал ах1ана интернеталъул х1аяздаса, хъалиян ц1аялдаса, гьекъолдиялдаса, наркотикал х1алт1изариялдаса ва цогидалги заралиял яги расги пайда гьеч1ел жалаздаса рик1к1адги ч1ун, спорталдегун ц1алуде к1вар кьезе.

Районалъул лъай кьеялъул отделалъул нухмалъулев Залимхан Г1умаровас бицана гьел х1аял ругин улкаялъул тушбабаз ургъунго нилъер жамг1ият биххизабизелъун риччарал жалилан ва гьезул х1асилалда чанго лъимер живго жинцаго ч1варал лъугьа-бахъинал кканин улкаялдаян.

Лъималазе кьезе кколила умумузул г1адат-г1амалалда рекъараб гьезулъ ях1-намус ва Ват1аналде рокьи бижизабулеб тарбия. Учительзаби ах1ана лъималазе тарбия-лъай кьеялъул х1алт1улъ аслияб к1вар тарбия кьеялде буссинабизе.

Гьединго лъимал ах1ана сверухълъиялда рац1ц1а-ракъалъи ц1унизеги.

Республикаялъул Муфтияталъул муг1рузулаб территориалияб округалда вугев вакил Мух1амадов Х1асаница абуна жив ц1акъ вохарав вугила жакъа Хунзахъ гьадинаб тадбир т1обит1иялдаса ва гьелда г1ахьаллъи гьабизе щвеялдаса. Лъималазе тарбия кьеялъул бицунаго гьес абуна лъималазда малъулеб жоялда рекъараб бук1ине кколин ч1ах1иязул хьвада-ч1вадигиян, ай сундулъго мисал бихьизабизе кколин лъималаздаян. Ц1акъ г1одобег1анаб даражаялде ккун бугила адаб-х1урмат ва нилъер умумузе хасиятаблъун бук1араб ях1-намус ва къох1ехьей. Лъимал ах1ана учительзабазул ва эбел-инсул адаб гьабизе, гьединго учительзаби ах1ана бечедалин мискиналин рат1а гьарич1ого, киналго лъималазе г1аммаб тарбияги лъайги кьезе.

Муфтияталъул просвещениялъул отделалъул Хунзахъ районалда вугев вакил Нурмух1амадов Мух1амадица бицана интернеталда гьединал заралиял х1аял г1уц1улез х1исабалде босулин лъималазул психологияб рахъилан. Гьединал х1аязул гудракье кколила рокъоб яги школалде лъик1аб гуреб ах1вал-х1ал бугел, ялъуни цогидал г1умрудул зах1малъаби дандч1варал, ай г1умруялдаса рак1 буссарал лъимал. Мух1амад-х1ажица Мух1амад аварагасул (с. т. г1. в.) мисалги бачун лъимал ах1ана г1умруялда дандч1варал зах1малъабазукьа т1урич1ого гьел къезаризе х1аракат бахъиялде. Гьединго бицана гьединал х1аязда нахъги рилълъун, жалго жидецаго ч1варазе даимаб жужах1 бихьизабун бугиланги.

Гьаб заманаялъул заралиял жалаздаса г1ун бач1унеб г1ел ц1унизе ккеялъул ва лъималазе интернеталъеги телефоназеги г1урхъи ч1вазе ккеялъул бицарал к1алъаял гьаруна Хунзахъ к1иабилеб ва Г1арани гьоркьохъеб школазул директорзаби Х1амзатов Г1абдулпатах1ицаги Патах1ова Салих1атицаги.

Данделъи ана пайдаяб ах1вал-х1алалда.

  • И. Мух1амадов.
Просмотров: 547 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz