П. С. Х1амзатовалъул ц1аралда бугеб Дагъистаналъул пачалихъияб изобразительниял искусствабазул музеялъул г1емер соназулаб х1алт1илъун ккола «Устарзабазул тухумал» проекталда рекъон республикаялъул культурагун искусство цебет1езабиялъулъ х1аракатаб г1ахьаллъи гьабурал тухумазул махщел-гьунар бихьизабулел выставкаби т1орит1и.-Иргадулаб гьаб экспозиция г1уц1араб буго ДАССРалъул прикладнияб искусствалъул мустах1икъав х1аракатчи, РСФСРалъул мустах1икъав художник, И. Репинил ц1аралда бугеб Пачалихъияб премиялъул лауреат Гьиматов Базарганица 90 сон т1убаялде,-ян бихьизабуна выставка рагьулаго гьабураб жиндирго к1алъаялда музеялъул директор Х1амзатова Салих1атица. –Гьесул г1уц1арухъанлъиялъулаб ва творческияб х1аракатчилъи т1ей гьеч1ого бухьараб буго Гьоц1алъ художествалъул т1аг1алаби гьарулеб комбинат рагьиялда ва предприятие х1исабалда гьеб цебет1ун бач1иналда. Выставкаялда лъун руго Дагъистаналъул музеяздаса ва жалго бет1ергьанал коллекцияздаса данде рак1арарал живго Базарган Гьиматовас, гьесул лъималаз ва лъималазулги лъималаз бащадаб г1асруялдасаги ц1ик1к1ун соназ гьарурал х1алт1аби.
Гьиматовазул тухумалъулаб выставка рагьиялда г1ахьаллъана ноябрь моц1алъул ахиралда ишалъулаб сапаргун Мах1ачхъалаялда вук1арав РФялъул Федералияб Собраниялъул Пачалихъияб Думаялъул депутат, Пачалихъияб Думаялъул культураялъул рахъалъ комитеталъул член Юрий Левицкий. Гьениб гьабураб жиндирго к1алъаялда Юрий Андреевичас абуна: -Дие к1удияб рохеллъун ккола жакъа Гьиматов г1адал унго-унгояб махщалил устарасул ва гьесул ирсилазул выставка рагьиялда г1ахьаллъизе щвей. Пачалихъияб Думаялъул культураялъул рахъалъ комитеталъул член х1исабалда пишацоязе дица г1емер бицуна Республикаялъул Бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповасул нухмалъиялда гъоркь Дагъистаналъул культура цебет1еялъе гьабулеб бугеб к1удияб х1алт1ул. Т1адег1анаб даражаялда т1обит1ана нек1сияб Дербенталъ 2000 сон т1убаялъул юбилей. Рамазан Х1ажимурадовичасул т1адкъаялда рекъон х1алт1уларел культураялъул рукъзабазул бак1алда щибаб шагьаралдагун районалда г1уц1ун руго Россиялъул халкъазул традиционнияб культураялъул централ. Г1емерал тадбирал т1орит1ула Гьудуллъиялъул рокъобги. Дагъистаналда г1уц1ун буго улкаялда цого-цо бугеб поэзиялъул театр. Р. Г1абдулат1иповасул бербалагьиялда гъоркь гьанже Поэзиялъул театралда унеб буго «Дагъистан коч1олъ ах1арал» абураб театралияб фестиваль. Араб моц1алъ х1алт1изе биччана Дагъистаналъул пачалихъияб цолъизабураб музей. Гьанже гьеб буго реконструкция гьабун къач1араб цебегосеб квербагъариялъул минаялъуб.
Жакъасеб выставкаялъги нуг1лъи гьабула республикаялда искусствалдеги культураялдеги кьолеб к1вар т1адег1анаб даражаялда бук1иналъе.
Гьиматовасул чорхолъ бессун буго муг1рузулгун харибак1азул, г1оралгун лъаразул, иццазул, ай г1агараб ракьалъул берцинлъи ва гьеб гвангъун цебе бач1уна хъубузда, вазабазда, хунжрузда ва цогидал т1аг1алабаздаги гьес рик1арал накъищазулъ. Г1адада гурелъул художник-г1емерал халкъазда гьоркьосел выставкабазул г1ахьалчиясул асараз Россиялъул ч1ах1иял выставкабиги улкаялъул ва гьеб тун къват1иса жалго бет1ергьанал коллекциялги берцин гьарун ругел. Гьадинаб выставка мустах1икъаб буго республикаялъул киг1ан т1адег1аналги гьалбадерида бихьизеги гьезул лъик1аб къиматалъеги. Нахъеги баркула киназдаго республикаялъул культурияб г1умруялда ккараб цоги лъик1аб лъугьа-бахъин-Гьоц1алъа Гьиматовазул тухумалъул выставка рагьи.
Выставка рагьулаго к1алъарал Дагъистаналъул художниказул Союзалъул председатель Къурбанг1али Мух1амадовас, Мух1амадрасул Гьиматовас (Базарганил вас), ва цогидазги бихьизабуна Б. Гьиматовасул цогидазда релъинч1еб, такрарлъи гьеч1еб жиндиего хасиятаб х1алт1ул къаг1ида бук1ин. Выставкаялда лъуралъ балагьаразе к1удияб асар гьабуна, амма киназулго рак1ал х1айран гьарураблъун бук1ана Базарган Гьиматовасул ахирисеб х1алт1и-«Гьоц1алъ» ваза.
|