Араб арбаг1 къоялъ Республикаялъул Бет1ер Рамазан Г1абдулат1ипов дандч1вана цо-цо муниципалитетазул нухмалъулелгун. Гьелда г1ахьаллъарав районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас Рамазан Х1ажимурадовичасе баян кьуна район дотациялда бараблъун бук1ин соналдаса соналде г1одобе кколеб бугилан. 2015 соналъ гьеб бук1араб батани 38%, исана 24% ккун буго. Планалда бук1араб 133 милионалъул бак1алда араб соналъ бак1алъулаб бюджеталде бач1ун буго 145 милллион гъурущ. Кибго хъвай-хъваг1ай гьеч1ого х1алт1улев 638 чи т1атинавунила, гьебго заманалда х1алт1изе кьунила лъик1аланго х1алт1ул бак1ал ругеб рукъарулеб фабрика. Районалда гьарурал цогидалги лъик1ал х1алт1абалъ Юсуповас рехсана исана Ц1адаса Х1амзат гьавуралдаса 140 сон т1убай к1одо гьабиялде х1адурлъулел ругиланги. Рамазан Х1ажимурадовичас рахъ ккуна гьеб лъик1аб байбихьиялъул ва гьединаб к1вар бугеб тадбиралде гьабулеб х1адурлъи камил гьабеян т1адкъайги кьуна районалъул бет1ерасе.
Саг1ид Юсуповас Республикаялъул бет1ерасе рорхарал аслиял суалаздасан ккола Хунзахъ-Гьоц1алъ нух гьабиялъул ва росабалъе газ бачиналъул суалал.
Рамазан Х1ажимурадовичас т1адкъай кьуна районалъе к1вар бугел гьел сулал т1ураялъе х1ажатабщинаб гьабизе.
|