8 ноябралда райадминистрациялъул данделъабазул залалда т1обит1ана районалъул депутатазул собраниялъул иргадулаб сессия. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул нухмалъулесул ишал т1уралев Нурмух1амад Задиевас, гьесул заместителаз, цо-цо росабазул депутатаз ва цогидазги. Сессия бачана районалъул собраниялъул председатель Хваджаев Хваджаца.
Гьенир гьоркьор лъурал суалаздасан рук1ана районалъул 2019 сонил бюджеталъул проекталъул халгьаби, пачалихъияб кадастровияб къимат кьеялъул ва ракьазул декларациял ц1еялъул бицен, районалъул уставалда хиса-басиял ва т1адежураял гьари.
Т1оцебесеб суалалда хурхун докладгун цеве вахъана финансовияб отделалъул начальник Х1айдарбегов Х1айдар. Доклад байбихьилалда цебе гьес абуна жеги республикаялъул минфиналдасан мух1канал баянал щун гьеч1олъиялда бан, жиндица гъоркьияб соналъул бюджеталъул проекталда рук1арал тарихал росун ругин ц1ияб соналъул бюджеталъул проекталдеги ва министерствоялдасан ц1иял баянал рач1аралго проекталда хиса-басиял гьаризеги рес бугилан. Гьедин, 2019 соналда районалъул бюджеталъул т1аде бач1унеб бут1а бащалъулеб буго 704,903 млн. гъурщида. Гьеб г1арцул къадаралдасан г1адамазе харжазе бихьизабун буго 524,7 млн., бухьеналъул хъулухъазе – 200 азарго, 1С программабазе – 564,7 азарго, лъай кьеялъул г1уц1абазул сайтазе – 632 азарго, командировкабазе – 865 азарго, школазул администрациязе ГСМ босизе – 540 азарго, видеокамераби лъезе – 2,4 млн., школаздагун садиказда ремонтазе – 2,2 млн., т1рччи босизе – 1,06 млн., токалъухъ – 8 млн., газалъухъ – 849 азарго, МУПалъе ниг1матал – 30 млн., ракьул ва буголъиялъул налогал – 6,3 млн., кредит бец1изе – 4 млн., лъаг1илухъ школа базе – 21.4 млн. гъурущ.
Бюджеталъул проекталъул докладалдасан депутатаз кьуна жидерго суалалги. Г1емерал депутатазул рук1ана жидерго росабазда хурхун суалал ва гьари. Мисалалъе, цебе бекьеч1дерил вук1арав бегавул, гьанже депутат Г1абдулбасиров Мух1амадица гьарана лъималазул ахикь ц1ияб туалет базе ва росулъ токалъул г1ураб т1адецуй гьеч1олъиялда бан трансформатор хисизе рес бук1инарищилан. Г1еч1елдерил бегавул Г1абдурашидов Байсултаница гьикъана жидер росулъ 9 соналъ балеб бугин спортзал ва гьанжесаг1аги гьеб раг1алде бахъинабизе санаг1алъи кколарищилан, гьединго х1ажат бугила хварал х1айванал рукъизе бак1ги (скотомогильник). Хунзахъан депутат Къадиев Мух1амадица абуна райцентралда «Ц1удул гох1» авалалда бугеб лъел бассейн къач1азе ва росулъ токалъул ругел г1унгут1аби лъуг1изаоизе къвариг1ун бугилан. Гьамишт1а ва Гьац1алухъ росабазул бегавулзабазул рах1ат хвезабун бугоан лъел суалалъ. Г1аранисан депутаталъ ц1ехана риидал х1урул ц1ун бук1унеб базар лъолеб бак1алда хъил т1ун бажаруларищан. Гьоц1дерил депутаталъ бицана жидер росулъ бугеб медпункт ва Гьит1инаб Гьоц1алъ садик квешаб х1алалда бугилан. Г1абадерил депутатас борхана росдал маг1ишаталъул бут1аялда лъик1ал х1асилал рихьизарулел фермеразда квеч1вазе ккеялъул суал. Райадминистрациялъул архитектор Къебедов Мух1амадица борхана киналго советаз генералияб план х1адуризе ккеялъул суал. Жакъа къоялде 15 советалъул бугила генплан х1адурун, ва жеги 8 советалъул раг1уларо гьеб. Гьел хут1арал 8 советазе генпланал х1адуризе ккани г1аммаб къаг1идаялъ х1ажалъулеб раг1ула 4 млн. гъурщидаса ц1ик1к1араб къадар г1арцул. Гьединлъидал, т1асияб соналъул бюджет г1уц1улаго, гьебги х1исабалде босич1ого бегьуларин абуна архитекторас. Т1оцебесеб суалалда хурхун бахх1сал лъуг1идал депутатаз х1укму гьабуна 2019 соналде районалъул бюджеталъул проект къабул гьабизе.
Районалда ругел минабазегун ракьазе кадастровияб къимат кьеялда хурхун баян кьуна районалъул бет1ерасул заместитель Асадг1али Г1абдуразакъовас. Гьес бицана т1олабго улкаялда унеб бугин ц1ияб федералияб законалда рекъон ракьазе, минабазе ва цогидабги буголъиялъе къимат кьеялъул х1алт1иян. Гьелда хурхун г1уц1ун бугила хасаб комиссияги. Нилъер районалда гьеб х1алт1и гьабизе байбихьун буго 28 сентябралда. Гьелда рекъон объекталъул кадастровияб багьа ц1ик1к1араб бук1ине бегьулеб гьеч1о базаралъулаб багьаялдаса (рыночная стоимость). Гьеб иш раг1алде бахъине гьабуни нилъеего лъик1аб бугилан абуна Нурмух1амад Задиевасги. Гьесул раг1абазда рекъон, районалда бугила 55 азарго гектар ракьазул, амма налогазулаб база раг1ула 70 азарго гектар ракьуда бащадаб.
Районалъул уставалда хурхарал хиса-басиязулгун, т1адежураял районалъул бет1ерлъуде кандидатал рищиялъул конкурс т1обит1иялъул низамалъул положениялда т1адежураял гьариялъул ва районалъул прокуратураялъул т1алабазул бицана райадминистрациялъул юрист Г1абдулаев Х1асаница. Гьесул докладалдасан бич1ч1улеб жо ц1акъ дагьаб бук1ана ва г1адатаб халкъалъе интересаб жоги дида гьениб раг1ич1о. Г1иц1го райсобраниялъул председателасул прредложениялда рекъон прокурорасул т1алаб депутатаз халгьабиялдегицин босич1ого нахъч1вана.
Сессиялда ккана цоги лъугьа-бахъинги. Цо депутатас предложение кьуна районалъул бет1ерлъуде кандидатал т1аса рищизе ц1ияб комиссия бищизе кколилан. Гьедин, цо-цо депутатал данде ч1ч1ун рук1аниги Харахьи ва Гьоц1алъ участказдасан Акбаров Мух1амадкамиль ва Г1алибегов Мух1амад комиссиялъул ц1иял членаллъун рищана. Сессиялъул повесткаялда гьединаб суал бук1инч1елъул, лъаларо гьединаб х1укму законалде данде кколищали.
Гьединаб ах1вал-х1алалда ана райсобраниялъул депутатазул иргадулаб сессия.
И.Мух1амадов.
|