Пятница, 29.03.2024, 01:22 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Август » 26 » ИМАМАТАЛЪУЛ Х1АКЪАВ БАГЬАДУР.
10:40
ИМАМАТАЛЪУЛ Х1АКЪАВ БАГЬАДУР.

Кавказалъул ра гъул бах1арзазул бицунаго, Шамилил ц1аралда аск1обго рехсола наиб Х1ажимурадил ц1арги. Х1акъикъаталдаги гьев ккола имаматалъул ц1ар раг1арал полководцаздасан цояв. Кканиги, жеги гьесул рагъулал ишалги г1умруги раг1а-ракьанде щун лъазабун гьеч1о. Амма Х1ажимурадил х1албихьиги ва муг1рузда рагъ гьабиялъул гье­сул къаг1идабиги гъорлъе рачун рук1ана Россиялъул армиялъул рагъулал уставазда.

Кавказалъул рагъул тарихалда гъорлъе Х1ажимурад уна Дагъистаналъул к1иабилев имам Х1амзат ч1ваялъул гlaхьалчи х1исабалдаги. Х1ажимурадида к1ола диваналдаса ворч1изе, гьев пачаясул армиялъ ц1унизе т1аде восула, гьесие кьола рагъулаб чин ва приставасул хъулухъги. Х1ажимурадица «Хъах1ав падишагьасе» хъулухъ гьабула, х1инкъун нахъе къан гуреб, ях1-намусалъе г1оло. Гьесул къасдал рук1ана аваразул ханлъиялъе бет1ерлъи гьабизе. Амма гьесие нух къана, ахиралдаги ханлъун т1амурав Ах1мадхан Мехтулинскияс. Гьелде швезег1анги Х1ажимурадидаги Ах1мадханидаги гьоркьоб унеб бук1ана къец г1адаб жо. Масала, г1урусазул рахъалдаги ч1ун к1иясго г1ахьаллъи гьабуна 1838 соналъул октябралда Ах1улгох1 бахъиялъе г1оло гьарурал рагъазулъ. Амма кват1ич1ого Х1ажимурад вач1ана Шамилил рахъалде ва божилъигун рак1ч1ейгун хъулухъ гьабуна Дагьистаналъе.

Х1ажимурадил бищунго бокьулеб ишлъун бу­к1ана жиндиего рит1ухъал муридзабазул къокъагун дандиязде тохлъукьегоял т1адек1анц1иял гьари. Гьеб къокъаялъ хисулаан гьесие г1агараб рукъги хириял гьудулзабиги. Гьес жиндирго муридазда ц1ар лъун бук1ана «гъалбац1ал» абун ва гьезие гьев ц1акъго сахаватавги вук1ана. Гьел кколаан имаматалъул аскаралъул бах1арчиял къокъабазул цояллъун. «Гъалбац1азул» нахъекъай гьеч1еб къокъаялъ т1ури щвезабулаан тушманасде.

Х1ажимурадил «гъалбац1азулгун» бук1араб жиндирго дандч1ваялъул xlaкъалъулъ гьадин рак1алде щвезабулеб буго генерал, Кавказалъул армиялъул бет1ерав ин­тендант Колосовскияс: «Киналиго баянал щвана Х1ажимурад, бит1 ккараб т1аде к1анц1иялдаса хадув, рукъове, ай Авариялде т1ад вуссунев вугилан. Дие буюрухъ бач1ана гьесие нух къаян. Дир ихтияралда бук1ана солдатазул рота ва Кюринскиялъул ханлъиялдаса бач1араб милициялъул лъик1аланго к1удияб къокъаги. Ниж ч1ана бищунго санаг1атаб бак1алда:       солдатал рахчана хандакъазда жанир, милициялъулал эхетана нухал къан бак-бак1азда. Гьедин Х1ажимурадихъ ралагьун ч1ана т1убараб сордоялъ. Гьале хъах1лъи рехулеб мехалда баккун бач1уна рек1аразул къокъа. Гьелда гъорлъ вугоан 50 г1анасев чи. Гьел унел рук1ана нижедаса к1иго версталъ рик1к1адиг1анисан, нухккун гурелха, бит1ахъе кьурабалъан. Дица команда кьуна рагъ гьабизе х1адурлъеян. Гьеб заманалда Х1ажимурад нижеде г1агарлъун вук1ана бащдаб версталъул манзилалде. Гъоркьч1ел гьабун бихьараб мехалда гьес к1вараб х1алалъ ах1ана «X1ажимурад вач1ана» абун. Гьеб гьаракь раг1араб мехалда дир Кюринскиялъулаб команда рахъ-рахъалде щущан ана ва дун хут1ана цох1о ротагун цадахъ. Гьай-гьай, нижеда к1веч1о ч1араб бак1алдаса нахъе инеги, амма бажарич1о кьвагьдезеги. Доб мехал­да бук1араб туманк1 к1олароан башдаб версталъул манзилалде кьвагьизе. Х1ажимурадил г1адамал рахъун, рорхун жидерго керчал т1агъралгун, нижеда аск1осан паркъун ана».

Гьеле гьединго хъвалеб буго 1848 соналда Хосрехалда генерал Мищенкол къокъаялда данде Х1ажимурад вахъараб мехалда ккараб лъугьабахъиналъул х1акъалъулъ В.А.Поттоцаги. Имаматалъул г1умруялда жаниб к1удияб роль х1алт1изабуна Х1ажимурадица. Х1акъаб жо, гьединлъидал батила Шамилицаги гьесие к1удияб къимат кьолеб бук1араб. Цо-цояз гьезул гьоркьорлъаби т1еялъе г1иллалъун бихьизабула «имамлъун вук1ине вуго хвалчен бег1ерав» - илан Х1ажимурадица абурал paг1аби. Дир х1исабалда гьелъие цогидалги г1иллаби рук1ун ратила.

X1ажимурадица рахъ кколаан тохлъукьего гьарулел рагъулал гьужумазул ва гьев вук1ана рак1алдаго гьеч1ел кьабиял щвезариялъул унго-унгояв устарлъун. Халатал рагъал гьаризейин абуни Х1ажимурадие рек1ее г1олароан. 1850 соналда Дурчали маг1арда Х1ажимурадил къокъаялде гьужум гьабуна, гьелдаса лъик1аланго ц1ик1к1араб къуватги бугел, пачаясул аскараз. Г1емерисел муридазда къо х1ехьезе к1веч1о ва гьел нахъе къана. Лъугьараб ах1вал-х1алалдаса хвасарлъизе квербакъана Кlapaт1а наиблъун т1амурав Шамилил вас Гъазимух1амадица. «Шамилил цо-цо рагъазда Дагъистаналъул хвалчабазул кунч1и» абураб жиндирго асаралда Мух1амад-Т1агьирица хъвалеб буго: «Гьит1инав г1олилав жеги къвак1ич1ев вас... Жиндирго анлъго гьалмагъасгун цадахъ гьесда к1вана нахъе къалезе лъик1ал шарт1ал г1уц1изе ва т1убан кьаби щвеялдаса гьел хвасар гьаризе. Х1акъаб жо, гьеб хъинт1ун батизеги бегьула Х1ажимурадил ч1ух1иялда.

Х1ажимурадилги Шамилилги т1оцебесеб тунка-г1уси ккана Жунгуталда бук1араб мехтулиялъул ханзабазул минаялдаса гьес Ах1мадхан хун хут1арай къоролай Нух1бика йикъараб мехалда.

Цо нухалда жиндирго къокъагун цадахъ Х1ажимурадица сапар бухьуна лъазего лъалареб рахъалде. Г1иц1го жиндирго наиблъиялъул г1орхъуде щвараб мехалда бицуна гьес рек1аразда Нух1бика йикъизе ва радалиде рокъоре т1адруссине кколилан.

Гьеб киналъулго xlaкъалъулъ биографиялъулаб очеркалда В. А. Поттоца хъвалеб буго: «Бец1аб сардилъ рак1алдаго гьеч1ого Х1ажимурад решт1уна Жунгут росдал раг1алда. Гьесда цадахъ вук1уна 200 гlaнасев муридги. Гьезул къокъаялъул ц1ик1к1арасел ч1ола Жунгут сверун ккун. Хут1аралги рачун Х1ажимурад уна росулъе. Гьел рихьуларо росдал къват1азда тирулел рук1арал г1урусазул патрулаздаги. Ва хъалаялда жаниреги ун, щибниги сас-хъуйги бахъине биччач1ого гьениса хан йикъула. Бицинч1ониги лъаларишха, радал макьидаса рорч1араб мехалда Ах1мадханги хун хут1арай къоролай Бика жинцаго Х1ажимурадица йикъун ун ятараб мехалда, киг1ан х1инкъараб ва г1ажаиблъизарураб ах1вал-х1ал росулъ лъугьарабали. Ханасул хъалайин абуни бук1ана г1емерал г1адамал рук1унеб росдал  бакьулъ, борхатаб гох1да, сверун ганч1ил къадал гьарураб гьелъул кавудухъги рук1ана къуватал хъаравулзаби, росулъин абуни г1урус армиялъул батальон. Гьединлъидал бич1ч1изе зах1мат бук1ана кин к1вараб Х1ажимурадида гьеб бах1арчияб ц1огь гьабизе».

Гьеб ишалдалъун Х1ажимурадица рак1 хвезабуна цоги наибасулги ханалъул дурц Даниял Султ1ан Елисуйскиясул. Даниял-Султ1аница гьарулеб бук1ана багьа кьезег1ан хан жиндихъ теян. Амма Х1ажимурадица инкар гьабуна. Гьеб мехалда Даниял-Султ1аница Шамилида гьарана, имамасул ихтияралдаса пайдаги босун, ва цере лъурал шарт1азул кьуч1алда жиндир якьад нахъе йиччаян Х1ажимурадие буюрухъ кьеян. Гьесги инкар гьабуна. Шамилица гьелъие г1иллалъун бихьизабуна шариг1аталъ гьукъулила рагъулаб давла бахъизе ва гьелъул миллат гьабулесул ихтияр гьеч1ого цогидасухъе кьезе абун. Амма гьебго заманалда, ай къвариг1ел гьеч1ел къват1ул харбаздаса ц1одорлъи бук1инелъун, Шамилица Х1ажимурадие буюрухъ кьуна Hyxlбика Хунзахъа г1емер рик1к1адаго гьеч1еб Ахъбердил Мух1амадил ко­лоде щвезаеян. Х1ажи­мурадица имамасул буюрухъ т1убазабуна. Амма ханалъулгун дандч1ваял гьаризе гьесие гьелъул квалквал ккеч1о. Ахиралдаги Нух1бика йичун йосана.

Къарахъа Мух1амад Т1агьирица бихьизабухъе к1икъоялда анц1абилезул байбихьуда, Хайдакъалдасан ва Табасараналдасанги имамасухъе рач1ине лъугьана г1емерал гьариял, гьез абулеб бук1ана жидеда гьоркьоб шариг1ат билъанхъизабулеб идара г1уц1изе ва исламалъул кидагосеб армиялда жал цолъизаризе кинав вук1аниги наиб вит1еян. Гьелъул маг1на бук1ана гьел халкъазе Шамилил армиялда цадахъ бак1алъулал ханзабаздаги данде рагъизе бокьун бугилан абураб.

Гьеб суал т1убазабизе имамас т1адкъана Салт1аса Г1умарида. Амма гьесда «к1веч1о лъабазагог1анасев мурид вугониги Хайдакъалде нух ба­хъизе. Гьеб мехалда Шамилица г1одор тана наибзаби гьев Г1умар, Ичич1алиса Къади ва Къарахъа Мух1амад. Гьедин ккараб мехалда Х1ажиму­радица имамасда гьарана щунусго рек1аравги вачун жив вит1е гьениве абун. Амма гьес цебе лъуна жидеда гьоркьор, киналго гьалмагъзабигун, Хьаргабиса Х1усен, наибасул заместитель Генуса Ибрагьим ва наиб Мелъелт1аса Батир рук1ине ккеялъул шарт1ги.

Байбихьуда, ай Буйнакалде щвейгун, Х1ажимурад т1аде к1анц1ана Шагьвалиханасул минаялде ва гьевги ч1ван кверде росана гьесул лъимал ва ч1ужу Хайдакъалдаса Жамавханил яцги. Хайдакъалъул г1адамаз Х1ажимурадида гьарана Шагьвалиханасул хъизаналъул г1адамал эркен гьареян. Гьедин гьабуни хайдакъалъулаз раг1и кьолеб бук1ана Жамавхан гьезул рахъалде вуссинавизе. Амма гьезие Х1ажимурадица инкар гьабуна.

Шамилица Хайдакъалдеги Табасараналдеги Х1ажимурад вит1ун вук1ана цо ч1араб мурадгун, ай гьеб регионалъул г1адамазда гьоркьоб имаматалъул низам ва шариг1ат билълъанхъизабиялъул идара г1уц1изе ва гьелдалъун имаматалъул г1орхъабиги г1ат1ид гьаризе. Мух1амад-Т1агьир ал-Карахияс хъвавухъе, Х1ажимурадица имамасул амру т1убазабич1о.

Бихьаразда ц1ехараб мехалда, Шамилие якъинго баянлъана Хайдакъалде Х1ажимурад щвеялъул ва гьениб ккарабщиналъул х1акъалъулъ. Гьелъ гьесул рах1ат хвезе, ццин бахъине гьабуна. Х1ажимурад мах1румлъана наиблъиялдаса ва эркен гьавуна киналго хъулухъаздаса. Гьединго бахъана гье­сул рукъалъул мал-мулкалъул цо бут1аги.

Г1одов таниги, Х1ажимурад имаматалъул политикияб г1умруялдаса ват1а т1ун ч1еч1о. Жиндирго божарал г1адамалги данде ах1ун гьес къасд гьабуна Шамилида данде хунз рахъинаризе, ай гьес гьезда абулеб бук1ана ц1итарав наибасул рихьизариял т1уразаризе инкар гьабеян ва Шамилида данде ч1аян. Гьеб му­радалда XIажимурадица Бакьагьеч1и росулъе данде рак1арана жиндирго «гъалбац1ал». Шамилицаги къасд гьабулеб бук1ана Бакьагьеч1и росу кьуч1дасанго ч1унтизабизе ва Х1ажимурадги жанив т1амизе. Амма гьеб ишалде гъорлъе лъугьана Дагъистаналъул машгьурал рух1аниял, г1алимзаби, гьездаго гъорлъ Шамилил вакьад Гъазигъумекиса Жамалудинги. Гьес Х1ажимурад мук1ур гьавуна данде ч1ейги гьабич1ого, Шамилил ц1обалде кверде ине. Имамасги т1убазабуна рух1аниязул гьари ва XIaжимурадида т1аса лъугьана, амма буюрухъ кьуна г1умру гьабизе гьев Веденове вит1изе.

Заманалъе хъизанги Кьохъ росулъ тун, Х1ажимурадица сапар бухьана Веденобе ва нухда унев чи гьев щвана Г1андиве Жамалудинихъе. Х1ажимурад сапаралъ т1овит1ун гьесда цадахъ рук1ана вацг1ал Х1айдарбек ва вацасул вас Эльдарги.

Жамалудиница раг1и кьун бук1ана Х1ажимурадгун цадахъ Веденове ине ва имамасулгун гара-ч1вари гьабизе. Амма киналалиго хехал ишаз гьев рег1изе теч1о. Гьединлъидал Х1ажимурад имаматалъул централде ине ккана жиндирго г1агарал нукарзабигун цадахъ.

Гьай-гьай, цевеккун вук1арав наиб Веденове унев вук1ана мах1ниги гъираги гьеч1ого, пашманго. Зах1мат бук1ана гьесие, г1адатияв маг1арулав г1адин, имамасул кидагосеб бербалагьиялда гъоркь г1умру гьабизе ругьунлъизе. Гьир г1еч1елъубе къвач1аян абухъего, гьедин пикрабазда вугев Х1ажимурадида дандч1вана цо «лъик1ав» лъалев чиги. Гьев вихьараб мехалда «лъик1ав» чияс ах1ун буго: «Вай мискин Х1ажимурад! Ибрагьим аварагасул носода гъоркье алжаналъул куй г1адин мун дуего бокьун унев вугоха Шамилил кверде. Дуда лъайха, пакъир, цевего г1адин дов дудехун тушманлъиялда ва гурх1ел гьеч1ого валагьизе вук1ин. Амма дуе жеги гьелдаса ворч1изе рес буго. Гьабсаг1аталда имам Даргъоялда гьеч1о, ах1и бахъун Чачаналде ана. Аллагь гурх1агиха гьанже дуда»…

Гьел пашманал, х1инкъаби кьолел раг1абаз к1оченаруна Х1ажимурадида Жамалудинил г1акъилал малъа-хъваял ва гьес х1укму гьабуна пачаясул аскаразул рахъалде ине.

Сулейман Сулей­манов, журналист.

 

 

 

 

 

Просмотров: 689 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz