К1удияб ч1аголъиялда т1обит1ана арал г1одоркъояз Гьоц1алъ оцбаялъул байрам. Тадбиралде бачун бугоан кинабго: рекьул заман байбихьараблъи лъазабун т1оцебесеб рахъбай (оц щвеч1огойищали лъаларо, гьоц1дерица гьеб тракторалъ бан бугоан): спортивиял къецал, ц1игьабун къач1араб зал рагьи, бат1и-бат1иял миллиял квенал, росдаего, сверухъ ругезе г1аммаб ихтилат-кеп. Байрамалъулал тадбиразда гьабуна районалъул т1алъиялъул вакилзабаз гуребги, гьоц1дерил ч1ух1и боксалъул рахъалъ Европаялъул (лъабц1улго - Россиялъул) чемпион, спорталъул мастер Тимур Гайдаловас. Гьесулго ц1аралда бугеб спортивияб залалъе районалъул нухмалъулев Саг1ид Юсуповас сайгъат гьабуна г1езег1ан инвентарьги: теннисалъул стол, тарг1ал, боксалъул грушаби ва перчаткаби.
Кват1изег1ан къот1ич1о росулъ сух1маталъул сас.
Къецазда бергьарал спортсменал, т1аде рач1арал гьалбал к1одо гьаруна сайгъатал – шапакъатаздалъун, рахъана рак1алде щвеялъе суратал, г1уц1ана аваданлъи.
Ц1ун бач1аги хур!
Ф. Мух1амадова.
|