Четверг, 28.03.2024, 12:21 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Июнь » 12 » ГУРХ1ЕЛ-РАХ1МУЯЛЪУЛАБ Ц1ОБАЛДА.
19:54
ГУРХ1ЕЛ-РАХ1МУЯЛЪУЛАБ Ц1ОБАЛДА.

8 июналда нилъер улкаялда к1одо гьабуна социалияв х1алт1ухъанасул къо. Щай къвариг1арал чаг1и социалиял х1алт1ухъаби? Гьел х1ажалъула жалго жидедаго ч1ун жидеего хъулухъ гьабун бажаруларел г1адамазе кумек гьабизе, гьезул х1ажалъи т1убазе. Гьединазде гьоркьоре аслияб къаг1иядаялда ккола ригь арал г1адамал.

Ригь арал г1адамазе х1ажат бук1уна г1иц1го материалияб къаг1идаялъ хьезаризе гуребги, сверухъ ругезул бербалагьи, к1алъа-ралъай, ургъел бикьи, цоцада рич1ч1иги. Цониги чи жидехъе ваккизе вач1ани, гьел г1исин лъимал г1адин рохула, хасго кодоб-хъатикь жоги бугони ц1акъго разилъула. Гьебги бич1ч1ун районалъул социалияб рахъалъ г1адамал ц1униялъул централъ (ЦСОН) жигараб х1алт1и гьабула ригь арал г1адамазе, лъимал г1емерал хъизаназе, ресукъазе цебе г1адин бажарич1ониги, жидеда ч1варабниги кумек гьабизе, гьеб бажаринч1они, гьезухъе раккизег1аги ине.

Жакъа нижгун дандч1варав КЦСОНалъул начальник Дибирчуев Х1ажица нижеда гьадин бицана:

Абула берцинлъиялъ дунял хвасар гьабулилан, гьелдасаги дагьаб гьеч1еб к1вар буго инсанасул рух1ияб берцинлъилъун кколеб гурх1ел-рах1му буголъиялъул. КЦСОНалъул х1алт1ухъабазул аслияб мурадлъун ккола жидер ц1обалде ккарал г1адамал рич1ч1и, гьезие бажарухъе кумек гьаби. Гьеб мурадалда КЦСОНалъул сиях1алда вуго 500-г1ан чи. Гьезие хъулухъалъе районалда рихьизарун руго 70ялдаса т1аде арал социалиял х1алт1ухъаби. Гьез ригь аразе гьаризе ккола социалиялгин рук1а-рахъиналъул хъулухъал (гьез г1умру гьабулеб бак1алда рокъоб печь баки, тукаде ин ва цогидалги гьездаго релъаралг1адал). Цебе щибаб росулъ х1ажалъиялде ккарал гьединазул къадар нижецаго балагьулеб бук1ун батани, гьанже щивав чи яги гьезул г1агарлъиялъул чи вач1ине ккола хъван г1арзагун нижер учеталда лъезе. Хадусеб иргаялда гьезда хадуб вухьинавула кумекалъе социалияв х1алт1ухъан.

 

Мадугьалзабазе йокьи-гьебги дир талих1 ккола.

Гьит1инова Мадина Мух1амадовна

-Дун йиго Гьоц1алъ росулъа Хунзахъе росасе яч1арай г1адан. Бет1ергьанчиги хвана, диего лъималги щвеч1о, дунго ялгъузго рокъой хут1ун йиго. Чанго сон буго х1алт1уде яч1уней йик1арай г1аданалъул г1одойги реч1ун бох бекун бук1аралдаса. Г1езег1ан зах1малъи бук1ана гьеб заманалда рокъой егун йигеб мехалда. Гьанже х1ет1еялъул мадар лъугьун буго, амма давлениялъ толей гьеч1о.

Дун йохун йик1уна къват1иса яч1арай г1адан йигониги, авал-къоноялъго, мадугьалзабаз т1аде гъоркье раккич1ого дун жагъалго толей гьеч1олъиялдаса. Мадугьал Къебедова Пат1иматица рехун толаро дун. Зама-заманалдасан яч1ун ц1ехола х1ажатаб-тараб щиб бугебан, гьелъул васасул вас Мух1амадов Мух1амадица живго 7-леб классалда ц1алулев гьит1инав чи вук1аниги, аск1ове вач1ун ц1ехола щиб х1ажат бугебан, ц1ехоч1огогицин, г1азу бараб мехалда жеги дун т1аде яхъиналдего, йилъине нух гьабун батула, чед босизе уна ва гьединго дица щиб малъаниги малъараб гьабула.

Мадугьалзаби: Ажай, Хъанича, Хадижат-гьелги ц1акъал ясал руго. Гьабураб квен бугони, цо-цо гьеб бегьула, къварилъи г1ат1илъи ц1ехон т1аде раккула, к1удияб гьуинлъи-яцлъиялда рук1уна.

Йиго дир дие хъулухъалъе тарай социалияй х1алт1ухъан Мусаева Пат1инахъатунги. Гьелъги дун рехун толаро. Дидаги гьелдаги гьоркьоб кидаго цоцада рич1ч1иялъулаб ах1вал-х1ал бук1уна, къвариг1араб гьикъула, х1ажатаб гьабула.

Цоги дун йохизе ккараб иш буго дир бет1ергьанчиясул лъимал дунгун лъик1 рук1унел рук1ин. Жалго Мах1ачхъалаялда г1умру гьабун рук1аниги, т1аде-гъоркье щвезе рач1инч1ого рук1унаро. Унтун Мах1ачхъалаялда больницаялда дун егараб мехалдаги, гьез дир т1алаб-агъаз гьабуна.

Бокьун буго социалияв х1алт1ухъанасул къоги баркулаго, киналго г1адамазе социалияб хъулухъ гьабиялъул х1алт1ухъабазда баркизе гьезул къо. Гьаризе гьезие чорхое щулияб сахлъиги, гьезул рак1алда ругелщинал мурадал т1урайги.

 

Анц1ул к1одолъулин, цоц1ул гьит1инлъулин абухъего…

Х1усенова Сиядатица г1умру гьабулеб буго Г1арани росулъ. Рикь-рикьун лъималги бак1-бак1алде ун, бет1ергьанчиги хун жийго цох1о хут1арай г1адан йиго гьей. Г1олохъанаб мехалда,-ян бицана Сиядатица,-жидер хъизаналъ г1умру гьабулеб бук1анила «Комсомольское» совхозалда. Г1езег1ан лъик1аб маг1ишат-яшавги бук1анила жидер. Чанахъанлъи гьабулев вук1арав вакьад унтун лъугьун т1ад руссине кканила маг1арухъе.

Бет1ергьанчи инсул т1алабалда рокъов вук1унаанила, жиндица районазда гьоркьосеб руччабазул школа-интернаталда уборщицалъи гьабулеб бук1анила. Цодагьав бет1ер сверарав г1адин лъугьун вук1ун, вакьадасда лъик1аб-квешаб щибго бич1ч1улеб бук1инч1ила, гьелъ гьит1инав лъимер г1адин хьихьанила жинца гьевги. Жиндирго васасдаги абич1ого, чвердезавеян, малъал къунц1еян, гьеб гуребги щибго гьабеян вач1унаанила гьев жинда аск1ове. Гьедин уна г1езег1ан санал. Амма заман г1емераб мехалъ цого бак1алда ч1ун бук1унарелъул, Сиядатидаса рат1алъула бет1ергьанчиги, вакьадги. Лъималги жиде-жидер рукъалде руссинарула.

Ниж Сиядатихъе щвараб мехалда бицинег1ан ц1акъ херлъунги, къваридгоги ятич1о нижеда гьей. Махсаро-хоч1 бокьулей г1адан ятилилан тана нижеца гьей, жиндирго ах1вал-х1ал ц1ехедал гьелъ абуна: «Хвараз доеги йиччалей гьеч1о, ч1агояз анийги толей гьеч1о. амма дун къвак1ун ч1ун йиго киего инч1ого анийго ч1елилан»,-абун. Г1езег1ан къварилъаби рихьарай, цересел г1агарлъиялъул чаг1и хварай г1адан йигила жийилан бицана Сиядатица. Пикру гьабураб мехалда г1аданг1ан ц1акъав чи жинда гьаб дунялалда ватич1ила. Г1арац, рет1ел-кун, бечелъи-щибго гьадингояб жо бук1ун бугила инсанасде данде ккун. Гьеб бич1ч1улеб бугила, херлъидал жийго цох1о хут1араб мехалда. Гьелъ насих1ат гьабуна ворегийила нужеца кинав ватаниги инсанасул къимат гьабич1ого тогейилан.

Н. Г1алиева.

Просмотров: 794 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz