Четверг, 25.04.2024, 15:32 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Апрель » 21 » ГЬУНАРАЛ. МАРАТ Х1АСАНОВ:
21:31
ГЬУНАРАЛ. МАРАТ Х1АСАНОВ:

Лъил бугониги г1умрудул талих1аб лах1зат г1ахьал гьабизе щвеялдаса вохула дун

Коч1ое жиделъ унго-унгояб махщел бугел г1олилазда гьоркьоб нилъер районалъул Т1агьада росулъа Марат Х1асановасул ц1ар рехсани, дида т1ад рекъолел гурого, Хунзахъа чаг1и рук1унареблъи лъала дида. Гьелда т1адеги Марат ккола инсанасул г1умруялда бищун к1вар бугеб, рохалил тадбир-бертин нухда бачунев профессионалияв тамадаги. Гьит1инаб къоялдасанго загьирлъана г1олиласулъ кеч1-бакъаналде, сценическияб махщалиде рокьи-гьеб г1ажаиблъизе кколеб х1ужаги гуро-районалъго адабалда жидер ц1ар рехсолел Маратил эбел-инсулъги буго кеч1-бакъаналъе махщел-гьунар. Рах1матулагьги Сиядатги рачун лъималгун хьвадулел рук1ун руго гъутабазде, росабалъе концертал кьезе. Г1иц1го «щуйил» къиматазда Г1араниб гьоркьохъеб школаги лъуг1изабун, ц1ализе лъугьана гьев ДГУялъул культураялъул факультеталде. Лъик1ал х1асилалгун гьебги лъуг1изабун гали т1амуна к1удияб сценаялде. Маратица хъвала жинцаго ах1улел куч1дузе бакънал, раг1аби. Гьев ккола Дагъистан республикаялъул культураялъул мустах1икъав х1алт1ухъанги. Г1емерго ах1ула Х1асанов г1олилазда гьоркьор т1орит1улел конкурсазул жюриялъул г1ахьалчилъун. Х1алт1ана Авартеатралда, Кизилюрталъул культураялъул управлениялда. Гьабсаг1ат гьес нухмалъи гьабулеб буго г1емер ц1ар бугел коч1охъабаздасан г1уц1араб «Волна» ансамблялъе.

-Марат, кеч1 ах1улев, сценаялда хурхараб г1умруялъул чилъун цеве ч1олаанищ лъимерлъуда мунго?

Гьит1инаб мехалъ дие ц1акъ бокьулаан ц1алдезе, т1ахьазде «жаниве лъугьун» вук1ине. Нижер ахикь бук1ана карудал гъвет1, гьелда т1ад рекъезабун щула гьабун бук1ана бак1. Гъот1одеги вахун лазаталда ц1алдеялдаса бокьулеб щибго бук1инч1о. Анлъабилеб классалда вук1аго ц1алун лъуг1изабуна «Граф Монте-Кристол» к1иго том. Гьеб бук1ана дир т1оцебесеб «ч1ах1иязул» т1ехь. Анищалъ дунго цеве ч1олаан дуниял тирулев г1алимчилъун, хъвадарухъанлъун.

-К1удияб сценаялде т1оцебесеб цевевахъин рак1алда бугищ, бук1анищ х1инкъиялъул асар?

-«Г1олилазул гьунар» илан (Дар молодых) ц1ар бугеб проект бук1ана цо заманаялъ модаялда. 2002-абилеб соналъ «Дом дружбы» к1алг1аялда цеве вахъана дун т1оцеве. Университеталда ц1алулагоги, гьит1инаб къоялдаса нахъе рокъовги аваданлъиялда, ихтилат-кепалда гьоркьов вук1иналъ батила, цо к1удияб х1инкъиялъул, рах1атхвеялъул асар бук1инч1о дилъ к1удияб публикаялда цеве вахъунелъул. Г1енеккаразги гъираялда къабул гьавуна.

-Авар адабият бокьулей г1адан йигелъул, дица т1адег1анаб къимат кьола дур куч1дузул репертуаралъе. Щиб маг1наялда дуца т1аса рищулел ах1улел куч1дузе раг1аби?

-Рух1ияб рахъалъ диего г1агарал рук1иналъги батила, дица репертуаралъе кидаго хунздерил шаг1ирзабазул куч1дул рищулаан. Бакьагьеч1иса Ч1анк1ал, Расул Х1амзатовасул, Х1ажи Гъазимирзоевасул, гьанже ругезда гъорлъа-Мущулиса Мух1амад Х1усеновасул. Нилъер ракьцоязул г1адаб пасих1лъи ва бакъаналда раг1абазул рекъонккей дида нагагь гурого цойгидазул авторазул бихьуларо. Рагъулав хъулухъчияс тушманасдаса ват1ан ц1унун, рукъ балес-кьуч1ал щула гьарун, жидедаго т1адал ишал дурус гьарулел киниги, дицаги х1аракат бахъула дица ах1улеб коч1ол маг1на-г1инги, цо кинаб бук1аниги рахъалъ инсанасе пайда-хайирги, лъик1алде гьесизариги бук1инабизе. Кьалбаз ккола гъвет1, гьединлъидал киданиги к1очон тезе бегьуларо нилъго рижараб росу-ракь, ват1ан. Миллияб маданиятги адабиятги шагьаралда ругезухъе щвезаби, гьеб хадусел г1елазухъе кьун ц1уни буго дир мурад.

-Марат, щиб рик1к1унеб г1умруялда дурго бергьенлъилъун пишацояздаса т1ок1лъилъун?

Цебехун инсан лъик1абщиналде ах1улеб кеч1алъцин гьесизавизе ккеялъул, маг1арул хаслъи ц1унизе ккеялъул бицунев маг1аруласда рекъеладай жинцаго жиндиего учузаб рецц гьаби, пудари?! (велъулаго) Узухъда, рекъеларо. Дица рик1к1унаро дунго бергьун к1удияб гьунаралъул чилъун, кутакав артистлъун. Дие къимат биччанте маг1арулаз кьезе.

-Жакъа къоялда мун лъала г1иц1го кеч1 ах1улев х1исабалда гурев, бертаби, рохалил мажлисал рачунев лъик1ав тамада х1исабалдаги. Бокьулищ дуе гьеб х1алт1и? Ялъуни гьеб заманаялъ ц1ехолеб, шагьи-пара щолеб иш бук1иналъищ т1аде босараб?

-Гуро. Дун вохарав вуго, лъил бугониги г1умруялда талих1аб лазат г1ахьал гьабизе диеги рес щвеялда. Кутакалда асар гьабула маг1арулазул хаслъи, г1адатал ц1унун т1орит1улел бертабаз. Ункъго-щуго бат1ияб сценарий бук1уна дир щибаб тадбиралъе х1адурун, амма ц1ик1к1униселъ тадбир уна цебеккун хъвараб куцалда гуреб, рак1алдаго бук1инч1еб, жеги аваданаб ва рак1ал рохараб х1алалъ. Щивав чиясда, щибаб бат1ияб компаниялда рекъезабизе ккола тамадаяс, гурони дур махщалил багьа щуго капекцин бук1унаро. Ц1акъ бокьилаан Дагъистаналда гьекъолеб жо гьеч1ел бертаби ц1ик1к1ине. Кеп г1иц1го ургьибе т1ураб жаялъ гурелъулха гьабулеб?!

-Хас гьабун г1олилазе биччалеб газеталъе кьолеб гара-ч1вариги бугелъул, бокьилаан дурго хасаб г1умруялъулги дуца гьезие бицани…

-«Г1ищкъу рек1араб ц1а бахъизе лъалел» ан гурищ доб нилъер х1акъалъулъ Ц1адаса Расулица абун бугеб? Дица рик1к1уна хасаб г1умру хасаблъунги нилъго бет1ергьанаблъунги рик1к1унин чияр бердаса балъгояблъун жиб бук1инеян. Западалъулазда релълъун, бугебщинаб къват1ибе гьурщулеллъунги, цоцазул «чорокаб рет1ел чурулелъунги» дагъистаниял рук1ине сурараб иш буго.

-Районалъул г1олилаздехун кинаб хит1аб гьабилеб дуца, «Росдал зах1матчи» гьоркьоб ккун?

-Бищун цебе дица гьарила гьезда кинаб хъулухъ-пишаялда, щиб бак1алда рук1аниги, умумул нечезарулареллъун, рижараб росу-ракь жидедаса ч1ух1араллъун рук1аян. Диего бокьулеб, дицаго ах1араб коч1олъа Расулил раг1абаздалъунги абила гьадин:

Муг1рул тун авлахъалде рахъунел маг1арулал,

Маг1арул мах1ги ях1ги гьарула цадахъ босе….

К1очонге нилъ маг1арулал рук1ин. Ах1улеб коч1олъ, хьвада-ч1вадиялъулъ, т1амулеб г1умруялъулъ. Лъица бук1аниги нилъедаса мисал босулеллъун рук1ине х1аракат бахъе кидаго. Нилъ руго хунз, бат1ияб нилъеда рекъоларо.

-Марат, баркала дуе гара-ч1вариялъухъ. Творчествалъулал бергьенлъабиги, гьедин, маг1арул хаслъи ц1унун цеве вахъине сахлъиги кьеги дуе.

-Нужееги баркала, дун г1адав, гьит1инаб махщалил чиясде к1вар кьуралъухъ. Рохун таги дир ракьцоял кидаго!

Гьале гьединав вуго нилъер районалъул ц1ар къадруго коч1олаб дунялалде босарав, маг1аруллъи хирияв г1олилав Марат Х1асанов. Дов гара-ч1вариялъул байбихьуда гьес рехсарав, жах1дачаг1аз теч1ого, туснахъалде ккарав Дюмал герой Монте-Кристого г1адав асилав, рижиберцинав инсан вугин тана дица гьунарал г1емерав, гьаракь берцинав, г1адамаз бокьараб амплуаялда гъираялда къабул гьабулев Хунзахъ районалъул Т1агьадаса гьев г1олохъанчи. Творческияб цебет1ейги, рак1 разияб г1умруги, районалъул ц1ар гьедин борхатго кквезе тавфикъги дуе, районцояв!

Гара-ч1вари гьабуна Ф. Мух1амадовалъ

 

Просмотров: 858 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz