Пятница, 29.03.2024, 10:35 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Март » 3 » ГЬОРКЬОРЛЪЕЯЛ, ДАНДЕЛЪАБИ, ТУРНИРАЛ, КЪЕЦАЛ.. РАЙОНАЛЪУЛ НУХМАЛЪУЛЕС Х1ИСАБ КЬУНА.
22:22
ГЬОРКЬОРЛЪЕЯЛ, ДАНДЕЛЪАБИ, ТУРНИРАЛ, КЪЕЦАЛ.. РАЙОНАЛЪУЛ НУХМАЛЪУЛЕС Х1ИСАБ КЬУНА.

21 февралалда Хунзахъ райадминистрациялда т1обит1ана районалъул депутатазул собраниялъул иргадулаб сессия. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна районалъул бет1ер Саг1ид Юсуповас, гьесул заместителаз, райадминистрациялъул отделазул нухмалъулез, росабазул бегавулзабаз, депутатаз, республикаялъул энергетикаялъулгун бухьеналъул министрасул заместитель, нилъер ракьцояв Юсуп Маламух1амадовас, районалъул жамг1иял х1аракатчаг1аз ва цогидазги.

Сессиялда гьоркьор лъун рук1ана лъабго суал:

1. Халкъияб собраниялде ДРялъул бет1ерасул Хит1абалъул гьоркьоблъей.

2. «Хунзахъ район» МРалъул бет1ерасул х1исаб кьей.

3. Бюджеталда хиса-басиял.

Сессия рагьана ва лъуг1изег1ан нухда бачана районалъул депутатазул Собраниялъул председатель Хваджаев Хваджаца. Т1оцебесеб ва к1иабилеб суалазда т1асан докладгун цеве вахъана районалъул нухмалъулев Саг1ид Юсупов. Гьес бицана республикаялъул бет1ерасул Хит1аб аслияб къаг1идаялъ буссараб бук1анин ахираб ункъго сонил х1асилал гьариялде ва хадубккун гьабизе кколеб х1алт1ул бициналде. Ахираб ункъго сонил х1алт1ул х1асиллъун ккола республикаялда ч1ара-хьараб ва х1инкъи гьеч1еб, парахатаб, г1адамазул ихтияр ц1унараб г1умру бук1инаби. Гьеб кколила диниялги, къуваталъулалги, т1алъиялъулги, жамг1иялги идарабазул цадахъ рекъон гьабураб х1алт1и. Г1умруялъул киналго рахъал рачун бажарана законалъул ва г1адлу-низамалъул рахънире. Лъик1ал х1асилал ккун руго экономикияб рахъалдаги. Ахираб щуго соналда жаниб к1иц1ул ц1ик1к1ана валовияб регионалияб продукт (ВРП). Гьелго соназда жаниб промышленнияб къайи биччайги ц1ик1к1ун буго к1иго нухалда, г1уц1ун буго 970 ц1ияб т1адег1анаб технологиялъулал х1алт1улал бак1ал, дагь-дагьккун ц1ик1к1унеб буго г1адамазе щолел харжазул къадар. Дагъистан кидаго рик1к1унаан аграрияб республикалъун. Росдал маг1ишат цебет1еялъе ц1айи бугеб х1алт1и гьабулеб буго «Рахъи кьолеб АПК» абураб приоритетияб проект г1умруялде бахъинабиялъ. Улкаялда республикаялъ т1оцебесеб бак1 ккола овощал г1езариялъул рахъалъ ва к1иабилеб бак1алда буго ц1ибил г1езабиялъеги (араб соналъ республикаялда г1езабун буго 150 азарго тонна ц1ибилалъул). Гьединго лъик1ал х1асилал руго нухал гьариялъул, минаби раялъул, лъай кьеялъул, сахлъи ц1униялъул, маданияталъул, г1олилазул политикаялъул, спорталъул ва цогидал рахъаздаги.

Араб соналъ районалъул социалиябгун экономикияб цебет1еялъул х1исаб кьуна хадубго цун районалъул нухмалъулес. Гьесул раг1абазда рекъон г1аммаб къаг1идаялъ босани районалда 2015 соналде дандеккун, араб соналъ социалиялгун экономикиял рихьизариял ц1ик1к1ун руго. Промышленнияб къайи биччай ц1ик1к1ун буго 3 %, росдал маг1ишаталъул ниг1матал г1езари ц1ик1к1ун буго 2,2 %, ралел бак1ал-4 %, ц1иял рукъзал х1алт1изе кьей-0,2 %, даран-базар гьаби-5 %, г1арцулал хъулухъал-7 %. Саг1ид Камильевичас мух1канго бицана щибаб бут1аялда бугеб ах1вал-х1алалъулги ккараб хиса-басиялъулги.

Лъай кьей. Жакъа районалда х1алт1улеб буго 40 школалда цебесеб лъай кьеялъул учреждение, гьениб буго 1594 лъимералъе бак1. Гьел г1уц1абаз гъорлъе рачунел руго лъаг1алидаса анкьго сониде рахинег1ан районалда ругел лъималазул 49 %. Районалда х1алт1улеб буго 52 г1аммаб лъайкьеялъулаб школа, гьенир ц1алулезул къадар бахуна 3897 чиясде. Хасаб х1алт1и гьабулеб буго лъайкьеялъул г1уц1абазул материалиябгун техникияб база щула гьабизеги. Араб соналъ ремонтги гьабун х1алт1изе кьун руго Ц1ада, Гьоц1алъ, Уздалросулъ, К1ахъ, Ц1елмеси ва Г1ахьалч1и ясли-ахал ва Ц1ада 80 ц1алдохъанасе бак1 бугеб школаги.

Сахлъи ц1уни. Районалъул г1адамал унтиялъул даражаялда ва гьезул т1алабазда рекъараб медикияб кумек гьабиялъе х1ажатал шарт1ал г1уц1ун руго районалда. Х1алт1улел руго сахлъи ц1униялъул 54 г1уц1и: 160 унтарасе вегизе бак1 бугеб 3 больница, 4 амбулаториябгун поликлиникияб г1уц1и ва 50 фельдшерлъиялъул пункт. Гьоркьохъеб къаг1идаялъ х1исаб гьабун, районалъул 10 азарго чиясде кколеб буго 50,2 унтарав вегизе бак1, 23 врач ва медикияб персоналалъул 85 чи. 2016 соналда Г1арани росулъ бан бахъана цо сменаялда 100 чи къабул гьабун бажарулеб ц1ияб поликлиника. Гьединго 8 росулъ капиталияб ремонт гьабун къач1ана ФАПал, районалъул централияб больницаялъул пищеблок ва котельня.

Маданият. Хунзахъ район кидаго бечедаб бук1ана жиндирго маданияталъул рахъалъ. Культураялъул бут1аялъул х1алт1ухъаби ккола рух1ияб нахърателал ц1унулел чаг1илъун ва гьез к1вараб х1алт1и гьабулеб буго халкъияб творчество умумузул, г1адатал ц1униялъе ва г1ун бач1унеб г1елалда гьел малъиялъе. 2016 соналда инвестициязул кумекалдалъун Хунзахъ ва Ц1ада рана паркал. Гьединабго парк бана Шотодаги, гьениб буго фонтан, лъималазул площадка ва г1адамал г1одор ч1езе бак1ал. Ц1ада машгьурав россиялъул г1алимчи Х1ажи Х1амзатовасе лъуна бюст. Щибаб моц1алъг1адин районалда т1орит1ула халкъияб творчество ва умумузул г1адатал ц1униялъе ва гьел церет1еялъе квербакъулел тадбирал. Араб соналъ районалъул г1умруялда к1удияб бак1 ккуна т1адег1анаб даражаялда т1обит1араб наиб Х1ажимурад гьавуралдаса 200 сон т1убаялъул х1урматалда т1обит1араб юбилеялъги.

Спорт. Районалъул спортивияб отделалъул аслияб масъалалъун ккола к1ванаг1ан ц1ик1к1ун г1адамал спорталде ва сахаб г1умруялде гъорлъе ц1ай ва г1ун бач1унеб г1ел, хасго лъимал хъалиян ц1аялдаса, гьекъолдиялдаса, наркотикал х1алт1изариялдаса, къват1ал свериялдаса ва цогидалги заралиял ишаздаса рик1к1адги гьарун, хадубккун лъик1ал х1асилал рихьизаризелъун гьел спорталде руссинари.

2016 соналъ капиталияб ремонт гьабун къач1ана Гьоц1алъ спортивияб зал.

Гьоц1алъ, Г1орут1а, Шотода, Г1обода ва Г1ахьалч1и рана футбол х1алел майданал.

Т1агьада, Шотода, Хьиндахъ ва Г1оч1ло ралел руго спортивиял залал. 6 росулъ лъун руго воркаут-площадкаби. Г1арани спортивияб комплексалда х1алт1илеб буго рагъулаб клуб. Гьеб ккола нилъер ракьцояв Мух1амад Юсуповасул сайгъат. Зама-заманалдасан районалда т1орит1ула бат1и-бат1иял спортивиял тадбирал.

Благоустройство. Районалъул киналго росабалъ ц1айи буго х1алт1и гьабулеб буго сверухълъи берцин гьабиялда хурхун.

Араб соналъ Гьоц1алъ-К1ахъ, К1ахъ-Бакьагьеч1и ва Гъонохъ-Г1обода нухазул раг1алда 22 км манзилалда ч1ана 5000 декоративияб гъвет1. Гьезул багьа бахана 12 млн гъурущалде.

Заг1иб, Хунзахъ ва Хунзахъ-Байикь-Ч1ондокь нухлул раг1алда 6,5 км манзилалда чирахъал рана.

Ремонт гьабун ва асфальт т1ун раг1алде бахъана Ч1алда-Гьоц1алъ 7 км манзилалда нух.

Хунзахъ ва Г1арани 3 км манзилалда асфальт т1ун къач1ана нухал.

Раг1алде бахъунеб буго Г1обода-Макьасда 6 км манзилалда нух къач1ай. Гьединго бан лъуг1ана кьишни-къул балеб ц1ияб полигонги.

Росдал маг1ишат. Валовияб продукт г1уц1иялъулъ к1удияб бак1 ккола росдал маг1ишаталъ. Гьеб ккола районалъул халкъияб маг1ишаталъул аслияб бут1а.

Районалда х1алт1улел руго 23 росдал маг1ишаталъул предприятие, 300 КФХ ва 7610 ЛПХ. Гьезда хадуб буго 101946 га ракьул, гьелъул 60000 га буго хъутабазда, 41000 га муг1рузда. Росдал маг1ишаталъул ракьазул къадар бащалъула 86336 гектаралда, гьезул бекьулеб ракь-9993 га, харибак1ал-5987 га, ахал-756 га, хут1арал ракьал ккола муч1дуз.

2016 соналъ районалъул киналго тайпабазул маг1ишатазда г1езабураб росдал маг1ишаталъул валовияб продукциялъул къадар бахана 2 миллиардгун 90 миллион гъурщиде. 2015 соналде дандеккун гьеб ккола 2,2 % ц1ик1к1ун. Могьолал культурабазул бач1иналъул г1аммаб къадар бахана 5146 тоннаялде, г1езабун буго 4700 тонна гьанал, 32500 тонна рахьдал, 680 тонна квасул. Цебесеб соналде дандеккун гьан г1езаби ц1ик1к1ун буго 6 %, рахь-1 %. Ц1унун буго ч1ег1ерх1айваназул 35000 бет1ер, гьезда гьоркьоса 18850 бет1ер г1ачиязул, гьединго 318690 бет1ер г1и-ц1ц1аназулги.

Цо къадаралъул х1алт1и гьабуна «Рахъи кьолеб АПК» абураб приоритетияб проект г1умруялде бахъинабиялъеги. Гьедин Г1ахьалч1и СПКалда х1алт1изе кьуна 150 бет1ер боц1уе бихьизабураб МТФ. Самилахъ 100 бет1ер ч1ег1ерх1айваназул хьихьизе бак1 бугеб ферма бана индивидуалияв предприниматель Майндуров Г1алица.

Хьиндахъ росулъ х1алт1илеб буго лъаг1алие 15-20 млн. т. ччуг1ил х1адурулеб «Сокол» абулеб КФХ. Гьоц1алъ х1алт1изе лъугьана лъаг1алие 15-20 млн гъурщиде къайи биччалеб овощазул цех. Гъоркьисала районалъул чанго маг1ишатазе щун руго гранталги.

Ахиралда районалъул нухмалъиялъул х1алт1уе къимат кьолаго, халкъалъул г1умру-яшав лъик1лъизабиялда хурхарал суалал ва предложениял кьуна цо-цо депутатазги.

И. Мух1амадов.

Просмотров: 570 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz