27 октябралда Гьоц1алъ т1обит1ана республикаялъулаб динияб мажлис. Гьеб т1обит1ун бук1ана Дагъистаналъул к1иабилев имам Гьоц1алъа Х1амзатбег рак1алде щвезавиялъул мурадалда.
Тадбиралда г1ахьаллъи гьабизе вач1ун вук1арав Дагъистаналъул муфтий, шейх Ах1мад х1ажи Афандица жиндирго к1алъаялда Аллагьасе рецц гьабуна диналъул вацалгун данделъизе щвеялъухъ, бицана Х1амзат имамасул бах1арчилъиялъул ва нилъеца рак1бац1ц1адго г1ибадат гьабизе ккеялъул х1акъалъулъ. «Дунялалдаги ахираталдаги инсан т1адег1ан гьавула жиндирго берцинаб г1амалалъ ва лъик1ал ишаз. Жах1да-х1усуд, г1амал к1одолъи ва хъант1и г1адал рек1ел унтабаздаса вац1ц1алъизе ккани, чара гьеч1ого Т1адег1анав Аллагь рехсезе ккола ва гьабулеб г1ибадаталъулъ ихлас ц1унизе ккола. Гьелде ругьун гьарула т1асаввуфалъ» -ян бицана гьес. Ваг1за-хабаргун цере рахъана муфтияталъул муг1рузул территориалияб округалда вугев вакил Магьди-х1ажи Г1абидов, Унсоколо районалъул имам Гъазимух1амад Абакаров, г1алимчи Хасмух1амадх1ажи Абубакаров ва цогидалги т1алъиялъулгун жамг1ияталъул рахъалдасан вакилзаби. Гьез бицана Х1амзат имамасул г1умруялъул, как баялъул, эбел-инсул ц1унизе кколеб адабалъул бугеб к1варалъул, г1елмуялъул къиматалъул х1акъалъулъ. Мажлис берцин гьабун бук1ана к1алъаязда гьоркьоб ах1улел ва рик1к1унел нашидазги, Къуръаналъул аятазги. Мажлисалъул ахиралда районалъул нухмалъулесул ишал т1уралев Нурмух1амад Задиевас баркала кьуна гьеб г1уц1аразе ва г1ахьаллъи гьабизе рач1анщиназе. Муфтиясе сайгъат гьабуна хвалченги.
Гьебго къоялъ Гьоц1алъ школалда рагьана Х1амзат имамасул музей. Гьединго 27-28 октябралда росулъ т1орит1ана имамасул ц1аралда республикаялъулаб волейболалъул турнирги. Гьениб бергьенлъи щвана Кизилюрт районалъул Нечаевка росдал командаялъе, к1иабилеб бак1-т1анусдерие, лъабабилеб бак1алде рач1ана гьоц1дерил волейболистал. Бергьараб ва призалъулал бак1ал ккурал командабазе кьуна кубок, медалал ва грамотаби.
И.Мух1амадов
|