Пятница, 29.03.2024, 16:00 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Декабрь » 30 » ГIУМРУЯЛЪУЛ ДАРАЖА БОРХИЗАБИЗЕЛЪУН.
12:57
ГIУМРУЯЛЪУЛ ДАРАЖА БОРХИЗАБИЗЕЛЪУН.

Районалъул нухмалъуде вач1ун Нурмух1амад Махсут1х1ажиевич Задиевасул бащдаб лъаг1ел гурого гьеч1ониги, г1езег1ан х1алт1аби гьарун руго Сариралъул тахшагьаралда тарихалде унеб бугеб лъаг1алида жаниб. Гьезул х1акъалъулъ бицараб гара-ч1вари ккана дирги Нурмух1амадилги ц1ияб соналда цебе.

Нурмух1амад Махсут1х1ажиевич, кинаб бук1араб дуе 2018 сон, щиб гьабизе бажарараб гьаб соналъ районалда?

-2018 сон дие бук1ана к1удияб божилъи ва жавабчилъи т1аде босараблъун. Республикаялъул т1алъиялъ г1агараб районалъул бет1ерасул ишал т1уралевлъун вит1ана дун 13 июлалдасан байбихьун. 22 ноябралъ районалъул Собраниялъул депутатаз дида божилъи гьабуна районалъе нухмалъи гьабизе. Гурун гъуждулгун г1адатаб халкъалъул г1умру-яшав лъик1лъизабизе журана цадахъ х1алт1улелгун, пикруцоялгун ниж. Гьарурал к1вар бугел х1алт1абазда гьоркьор рехсезе бегьула: бух1аралъул бак1алда ц1ияб бан лъуг1араб Лъаг1илухъ школа, гьебго росулъ рагьараб ясли-ах, Г1арани росулъ гьекъолеб лъеда хурхун лъугьун бук1араб г1орхъолъа борч1араб ах1вал-х1алалдаса рорч1изе к1вей. Федералияб «Городская комфортная среда» программаялда рекъон, райцентралда бан лъуг1ана лъабго парк. Г1обода, Ц1ада росабалъ рана спортивиял площадкаби, Х1ариколо ва Бакьагьеч1и росабалъ х1алт1изе кьуна футболалъул майданал. Республикаялъул росдал маг1ишаталъул министерлъиялъул квербакъиялдалъун Ц1ияб Т1ануси (Хашт1а) хъутаналда х1алт1изе кьуна 100 ц1алдохъанасе бак1 бугеб школа. Хадубккун интернатги гьабун, гьелъул пайда бук1ине буго аск1ор ругел хъутабазул лъималазеги. Т1агьада, Х1ариколо, Буц1ра, Г1ахьалч1и, Г1обода школазда хисизе к1вана хинлъизариялъул системаби, капиталияб ремонт гьабуна Гьац1алухъ ясли-ахалъе. Ц1ада рагьана Поэзиялъул рукъ. Кутакалда дун вохараб ва районцоязе баркала г1умруялъ кьезе бугеб х1алт1илъун лъугьана Ц1ада Расул Х1амзатовасул «Хъах1ал къункъраби» мемориалалда гьабураб капиталияб ремонт. К1вах1-свак тун х1алт1ана гьенир районалъул г1адатал г1адамалги, х1акимзабиги, ч1ах1иялги-г1исиналги. Унго-унголъунги бихьизабуна ракьцояз жамаг1аталъул газа кьурда рек1унеблъи. Цойгидалги лъик1а-лъик1ал тадбирал г1уц1адго т1орит1ана районалда, г1адамазул жигараб г1ахьаллъи сабаблъун ккун. Лъида лъалареб республикаялъул роцада хундерица т1обит1улеб 9 маялъул байрам?! Дагьаб цебег1ан лъабабго участокалда т1обит1ана лъик1ал сайгъаталгун улбузул къо. Ц1ияб соналда цере районалъул сахаватчаг1азги кверч1ван рохизаризе к1вана лъимал-инвалидал, бесдалал, ц1алулъ т1ок1лъи бихьизабурал. 26 декабралда т1адмаг1арулазе бищун х1ажатаб хинлъи бук1инабизелъун, т1алъиялъул щуго росулъе биччана т1абиг1ияб газ. Бищунго воххараб х1ужа ккана, декабрьги гьоркьобе бачун харжил налъаби къазе к1веялдаса, налогал рак1ари, гьоркьохъеб х1исабалда, нусго проценталдасаги т1аде ун бук1иналдаса.

Кинал масъалаби т1урач1ого хут1арал?

-Ц1акъ анищ ва х1ажалъи бук1араб Нак1к1икь росулъ ясли-ахалда т1аде группа рагьизе к1веч1о, г1аммаб пашманлъиялъе. Базе байбихьараб Шотот1а школа лъуг1ич1о. Политикияб г1умруялда ц1ияв чи вугелъул гъорлъе ккезеги х1ажалъанаха дие заман, районцоязухъ г1енеккизе, гьел рич1ч1изе.

Кинал планал дур ругел ц1ияб 2019 соналде?

-Дица рик1к1уна лъик1аб лъай щвараб г1олеб г1елалъулъ бугин бук1инеселъул хвасарлъиян. Х1ажат буго лъай кьеялъул даража борхизабизе. Районалда чанги басрияб школа буго, мисалалъе босани, Г1ахьалч1и 1937 соналъго баралъул бак1алда рак1алда буго ц1ияб базе, лъай кьеялъул г1уц1абазда ремонтал гьаризе. К1удияб рогьо-ничлъун рик1к1уна дица къват1исел х1укуматазул ниг1маталги кванан, росдал маг1ишатги накалде ккезе тун, росулъ г1умру гьабун ругел рук1ин. Х1ажат буго СПКяздехун бербалагьиги т1алабалги хисизаризе, г1и-боц1ухъанлъиги хурухъанлъиги, ахихъанлъиги ц1и гьабизе. Гьелде руссарал руго дир х1алт1ул планал. Лъик1аб г1умруялъул аслу-сахлъи кколелъул, сахлъи ц1униялде, медперсоналалъул унтараздехун гьабулеб бербалагьи лъик1лъизабиялдеги кьезе буго хасаб к1вар.

Щиб гьарилилеб районцоязе 2019 соналда?

Лъугьайги дагъистаниязе тIаде бачIунеб сон баракатаблъун, рохел гьарзаяблъун, рекIел анищал тIуралеблъун, цIиял бергьенлъабаз нилъ рази гьарулеблъун. Гьарула киназего щулияб сахлъи, халатаб гIумру, хIалтIулъ бергьенлъаби, щивав чиясе цIияб талихIгун рохел. Риччанте тIуразе щивасул рекIелъ ругел лъикIал къасдалгун мурадал, лъикIлъизе гIумру-яшав, бугелда баракат лъезе, тIаде рачIунел нигIматал гьарзалъизе. Биччанте, ЦIияб 2019 сон букIине ургъел-балагьал рикIкIалъараблъун, ракълилаблъун ва талихIаблъун.

 

Просмотров: 508 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz