Среда, 24.04.2024, 05:50 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2017 » Июнь » 6 » ГЬИТ1ИНОВ МУХ1УДАДА.
23:30
ГЬИТ1ИНОВ МУХ1УДАДА.

Божизеги захIматаб, божаниги ракIалъ къабул гьабизеги бокьулареб хIакъикъатлъун лъугьана гьайбатал къасдалги, мисал босизе рекъарал ишалги гьанирго тун, араб анкьалда ГьитIинов МухIудадаца абадияб рокъобе сапар бухьин. 26 маялъ къокъидго чIвараб захIматаб унтул квачIикьа ворчIизе кIвечIо гьев мунагьал чурадида. ЛъикIав инсан, жигарав жамгIияв хIаракатчи, гьунар бугев гIуцIарухъан, гIемерал соназ батIи-батIиял жавабиял хъулухъазда хIалтIарав ва тIолабго гIумру гIагараб районалъе пайдаялъе буссинабурав ГьитIинов МухIудада ТIалхIатовичасул хвел бакIаб камилъун лъугьана районалъего.

МухIудада ТIалхIатович гьавуна 1946 соналъул 7 октябралъ Хунзахъ росулъ. 1965 соналда гьес лъугIизабуна росдал гьоркьохъеб школа. 1967-1971 соназда инженер-механикасул махщалие цIалана Орджоникидзе шагьаралда росдал магIишаталъул институталда. Гьениса тIад вуссиндал гIолохъанав специалист хIалтIана районазда гьоркьосев сельхоз-техниклъун. Гьенив хIалтIулаго МухIудада ТIалхIатович ахIула армиялде. ВатIаналда цебе тIадаб налъиги тIубан тIад вуссаралдаса ГьитIиновасул захIматалъулаб гIумру бухьараб буго партиялъулгун комсомолалъул хIалтIуда. Щуго соналъ гьабуна гьес районалъул комсомолалъул гIуцIиялъе нухмалъи. Гьел соназда жаниб МухIудадал хIаракаталдалъун районалда гIуцIана вокалиябгун-инструменталияб ансамбль ва комсомолалъул активалъул Кьили магIарле поход.1978-1990 соназ парткомлъун вукIана Хунзахъ Хизроевасул цIаралда бугеб колхозалда. 2000-2012 соназ хIалтIана районалъул нухазул участкаялъул начальниклъун. Гьел соназда гьесул нухмалъиялда гъоркь гIемераб хIалтIи гьабуна районалъул нухазул даража борхизабизе, 47 километралъул манзилалда нухазде тIуна хъил. 2005 соналъ МухIудадал захIмат кIодо гьабуна «Дагъистан республикаялъул нухазул магIишаталъул мустахIикъав хIалтIухъан» абураб хIурматияб цIаралдалъун. Пенсиялде ун хадувги ахирисеб къоялде щвезегIан жамгIияб хъулухъ хIисабалда директорлъи гьабуна Хунзахъ бугеб рагъулабгун-патриотикияб «ХIажимурад» клубалъе. Районалде рачIаралщинал гьалбал, тарих бокьулел гъираялда къабул гьарулаан «МухIудадал» фонтаналда клубалъул гIахьалчагIаз.

КIочонареб, наслабаз мисал босизе мустахIикъаб лъалкI тана гьес ракьалда хадур гIолезе. Щиб хъулухъ тIад къаниги МухIудадаца живго вихьизавуна хIалтIудехун жавабчилъи цIикIкIарав ва бажари бугев нухмалъулевлъун. Гьесул гIумруялда кIудияб бакI ккуна жамгIияб хIаракатчилъиялъ. Районалда кинаб тадбир тIобитIулеб бугониги, щиб хIажалъаниги кумекалъе ватулаан гьев. ГьитIиновасул хIаракаталдалъун гIуцIун рукIана 1989 соналъ Хунзахъ росдал 2400 сон тIубаялъул, 2000 соналъ районалъ 70 сон тIубаялъул ва 2001 соналъ Хизроевасул цIаралда бугеб колхозалъул юбилеял. Районцоязда жеги ракIалдаса ун батиларо араб соналъ МухIудадал нухмалъиялда гъоркь тIадегIанаб даражаялда тIобитIараб наиб ХIажимурад гьавуралдаса 200 сон тIубаялъул юбилейги. М. ГьитIинов вукIана районалъулго патриот, жамгIияв хIаракатчи, бажари бугев гIуцIарухъан, лъикIав насихIатчи ва росуцояв. Гьединавлъун хутIила МухIудада гIага-божаразулги гьудул-гьалмагъзабазулги, цадахъ хIалтIаразулги ракIазулъ жеги гIемерал соназ. Аллагьас мунагьал чурун ратаги гьесул. Эбел ПатIиматида, хъизан Сиядатида, васазда ва тIолабго гIагарлъиялда гъваридаб пашманлъиялъул зигарагун

Райадминистрация,

Хунзахъ росдал жамагIат,

Цадахъ хIалтIарал ва гьудул-гьалмагълъи.

«Росдал захIматчи» газеталъул коллектив.

Просмотров: 453 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz