Четверг, 28.03.2024, 18:58 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Сентябрь » 30 » ГIАЖАИБАБ КЪУВАТАЛЪУЛ ИНСАН.
17:01
ГIАЖАИБАБ КЪУВАТАЛЪУЛ ИНСАН.

Чорхолъ цIикIкIараб къуват-жан бугел гIадамазда гьоркьов Хунзахъ росулъ гIемер рехсола Хочоев АхIмадил цIар. АхIмад вукIана гьоркьохъеб лагаялъул, кIигъуждулъа гIебав, гъеж-квер бицатав, жанив цIураб къаркъалаялъул чи.

АхIмадил мадугьал, жиндир мунагьал чураяв, МухIамадов МухIамадица (АтахI) бицунаан М ахIачхъалаялде АхIмадихъ битIун букIанила I00 литр тIолеб бочка цIураб нарт босизе. Эхеде щвараб мехалъ 40-45 метралъул манзилалъ, гъажалда бочкаги лъун, вачIанила гьев жаниве лъугьун - ма гьале, бухIулел рукIаянги абун.

Цоги, АхIмадил рахъалъ бицуна: ГIалиев XIамидил рокъове щвараб мехалъ гьесул хъизан ПатIимат ятула азбаралда гIака бечIчIулей. АскIовеги вачIун АхIмадица гIака, кьегIер гIадин, гъажалде рехула ва 5-6 метралъ босун добегIан лъола.

АхIмадил гIумру ана шоферлъун хIалтIулаго. 60 абилел соназ МахIачхъалаялда ва Буйнакскиялда цIалулел рукIарал росдал гIолохъабаз бицуна данде ккедал 5-I0 гъурущ кьолаанила гьев лъикIав инсанас эбелалъ, кIодоца битIаниланги абун, гьебин абуни АхIмадица жиндирго чвантинисайин кьолеб букIараб. ГIемер баччана АхIмадица, рокъоса шагьаралде «эбел-инсуца студентазе битIараб» квен- тIехги картошкадул хъапалги.

МухIамадов МухIамадица (АтахI) бицана цо нухалъ АхIмад вачIанила жиндихъе лъабилаб баси хъвезе кумекалъе вачIайилан. Живги, мадугьаласул гьари къабул гьабун, вилълъанила Хочолазул дове. Квар- гIарщгIаги босейин абидал, гьалъие кваргIаги щайиланги абун, хурхун лълъурдуздагун, бетIерги кьуризабун, баси гIодоб лъун буго. АхIмадица бохдузда гьоркьосан рачIги цIан дугъдазабун басиги чIезабун горбода нус лъейилан абун буго мадугьаласда.

АхIмад вукIана хIинкъи лъаларев, лебалав, тирияв инсан. Цо нухалъ ЛъагIилухъ росулъе щваравго гьоболасул бакI цIехон унев гьесда цадахъ ккараз абун буго гьоболасул цIакъ ццидалаб, кIудияб гьой бугилан, гьелъ чиги жаниве къазе толарилан. Къададасаги вахун ун вуго АхIмад гьой бугеб бакIалде. Рахсидасаги бичун, гьебги къвалакь ккун рокъовеги лъугьун гьоболасда абун буго гьадигIан хIинкъараб гьойгIаги рокъоб щай хьихьун бугебан, хIакъикъаталдайин абуни гьой букIарабила хьиндал кIкIалахъ чанго нухалъ багъун бергьараб гьой. Цойги нухалъ машинаялъул коробка босизе Горький шагьаралдеги ун тIадвуссунев районалъул гIолохъабазда данде ккун вуго вокзалалда къандалъоялда жаниб лъураб коробкаги къвалакь ккун босун вачIунев. Гьез бицунаан лълъел цIураб ведро босун вачIуневин кколаанила.

I968 соналъ, 9 май кIодо гьабулеб байрамалда, районалъул гугарухъан бергьараб мехалъ АхIмадица хапун жиндаго аскIов вукIарав гьалмагъги кодов ккун свери бахъана. Гьес кодове восарав чийин абуни вукIун вуго доб мехалъ Хунзахъ районалъул тIоцевесев секретарь Маххулов МухIамад.

Кутакалда бокьулаан гьесие спорт, гleмep вихьулаан АхIмад къецазухъ валагьун. I97I соналъул хаслихъе машинаялъ авария гьабун нилъедаса ватIалъана лебалав, махсара-хочI гIемерав, гIажаибаб къуваталъул инсан. Амма хунздерил рекIелъ гьевги, гьесул гьунар-къуватги, къо хIехьейги абадиялъго хутIана. Ахираталъул рокъов вохизавун ватаги гьев.

Расул ГIамирханов

Хунзахъ росу.

 

Просмотров: 485 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz