Четверг, 28.03.2024, 19:12 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Декабрь » 30 » ГАЗЕТА БУК1АНА УНГО-УНГОЛЪУНГИ ХАЛКЪИЯБЛЪУН.
21:34
ГАЗЕТА БУК1АНА УНГО-УНГОЛЪУНГИ ХАЛКЪИЯБЛЪУН.

Дунялалъулго пролетариаталъул вождь В. И. Ленинил бихьизаби бук1ана «Газета – гьеб ккола г1иц1го коллективияб пропагандист ва   коллективияб агитатор гуребги, коллективияб г1уц1арухъанги» абун.

Жиб г1уц1араб къоялдаса нахъе районалъул газеталъ нахъа тараб нухалъул дица бицинаро, бицина дунго гьений х1алт1арал соназ (ц1игьабун г1уц1иялде щвезег1ан) газета гьабиялъулги гьеб къват1ибе  биччаялъулги бук1араб ах1вал-х1алалъул.

Т1оцебесеб иргаялда к1вар кьолаан КПССалъул съездазул, гьелъул Централияб Комитеталъул х1укмаби халкъалъухъе щвезариялде ва гьел  т1уразариялде зах1матчаг1и  рахъинариялде. Гьеб мурадалда гьабулаан гьел х1укмабазул г1ат1идаб пропаганда. Газеталъул гьурмаздаса къанаг1атги камулароан «КПССалъул (пуланаб съездалъул х1укмаби – г1умруялде!), «Щуго сонил план – болжал щвелалде!» - абураб ах1иял ва гьел ах1иязда гъоркь рахъулаан районалъул  колхозазда, совхозазда, промышленниял предприятиязда, цогидалги г1уц1абазда гьабулеб бугеб х1алт1ул х1акъалъулъ макъалаби.

Газеталъ х1алт1и бачунаан, щибаб моц1алъе мух1канго х1адурарал ва КПССалъул райкомалъул бюроялъул заседаниязда тасдикъ гьарурал планазда рекъон. Доб заманалда партиялъги х1укуматалъги церелъурал масъалаби т1уразариялъе квербакъулеб к1удияб къуватлъун бук1ана социалистияб къец. Къец г1уц1ун бук1унаан маг1ишатазда гьоркьоб.  Аслияб къаг1идаялъ нилъер район г1и-боц1ухъанлъиялъул район кколелъул, газеталъги ц1ик1к1араб к1вар буссинабулаан маг1ишаталъул гьеб бут1а цебет1езабиялде. Зама-заманалдасан рахъулаан гьан, рахь, квас г1езабиялъул ва гьел ниг1матал пачалихъалъе ричиялъул баянал. Гьоркьоса къот1ич1ого кьолаан хасалоде г1и-боц1уе раг1и-хер х1адуриялъул х1алт1ул сводкаби. Хъутабазде г1и-боц1ул къавабазде щолаан редакциялъул х1алт1ухъаби ва батараб ах1вал-х1ал газеталдаги бахъулаан, гьай гьай х1ажатаб бак1алда гьабулаан кьварараб критикаги. Газеталъул аслияб масъалалъунги бук1унаан, бергьенлъабазул гуреб, г1унгут1абазул ц1ик1к1ун хъвай.

Газеталда ц1ик1к1араб бак1 кьолаан лъай кьеялъул, медицинаялъул, культураялъул учрежденияздасан хъвалел материалазе, риччалаан лъималазе харбазе, сахлъи ц1униялъул темабазда хасал гьурмал.

Гьац1улъ х1еги х1анилъ расги камуларин абухъе, рук1унаан доб мехалъги халкъияб маг1ишаталдехун жавабчилъи гьеч1еб бербалагьи гьабиялъул, исрапчилъиялъул, бикъа-хъамиялъул х1ужабиги. Гьеб рахъалъ к1удияб х1алт1и гьабулаан районалда бук1араб, халкъияб хъаравуллъиялъул комитеталъ. Газеталда рахъарал критикиял материал рит1улаан, критика жидее гьабурал нухмалъулезухъе, гьел г1унгут1аби лъуг1изариялъе гьабураб х1алт1ул х1акъалъулъ ц1ан болжалгун, пуланаб къоялде газеталде хъвараб баян щвезабеян абураб кагъатги. Газеталъул критикаялдаса х1инкъулаан, цогидаб т1адег1анаб идараялъ гьабулеб киг1ан к1удиябги г1адлуялдасаги ц1ик1к1ун.

Редакциялъ ц1ик1к1араб к1вар кьолаан газеталъулги халкъалъулги бухьен щула гьабиялде, щибаб росулъ г1уц1ун рук1унаан штаталда гьеч1ел корреспондентазул постал зама-заманалдасан редакциялда т1орит1улаан гьезул данделъаби, гьарулаан х1ажатал малъа-хъваял, кьолаан г1иси-бикъинал сайгъаталги. Гьединаб къаг1идаялъ газета лъугьун бук1ана унго-унголъунги халкъияблъун.

Дол соназ районалъул газетазда гьоркьор лъазарун рук1унаан республикаялъул конкурсал. Дун газеталда х1алт1изе яч1араб заманалда, гьеб бук1ана 1965 сон, дида нилъер газета батана республикаялъул газетазда гьоркьоб цебесеб кьерда. Ва гьелдаса хадубги гьеб конкурсалда гьелъие къанаг1атги щвеч1о к1иабилеб бак1, кидаго бук1ана т1оцебесеб кьерда. Гьелъул х1аракатал х1алт1ухъабазе рач1унаан дипломал, грамотаби, премиял, кьолаан бат1и-бат1иял ц1арал. Гьелъие нуг1лъи гьабула 1985 соналъ нилъер газета лъун бук1ана СССРалъул ВДНХялда (выставкаялда) СССРалъул т1олабго халкъалда бихьизелъун. Гьединаб къиматалде бахараб газета  республикаялда цоги бук1инч1о. Гьеб заманалда газеталъул тиражги бук1унаан 3000-ялдасаги ц1ик1к1ун. Къват1ибе биччалаан анкьие лъабго газета.

Цебе квералъ х1арпалги рищун гьабулеб бук1араб батани, гьел соназде мухъал риун т1олел машинаби – линотипал рач1ун, гьединго квералъ сверулеб бук1араб газета кьабулеб машина токалъ х1алт1изабулелъ хисун бук1аниги, зама-заманалдасан ток ссунги, машинаби хунги ва цогидалги квалквалаздалъунги  къанаг1атги к1олароан газета заманалда лъуг1изабизе. Бук1унаан редакциялдаго сардал рогьине ккараб заманги. Х1ажалъи ккани, х1алт1улаан  г1одоркъоязги. Киг1ан зах1мат бук1аниги, щиб къо бихьаниги жиндир заманалда газета ц1алдолезухъе щвезабизе кколаан. Г1емер рак1алде щола, цо нухалъ, газета кьабулаго, гьеб кьабулеб машинаги хун, богол г1ужалъ вахъун, редакторлъун вук1арав Юсупов Мух1амадх1ажи, Хьаргабивеги ун сардилъ гьезул печатникги т1аде вахъинавун, гьебги кьабун  рогьиналде редакциялде щвараб къо.

Совет х1укуматалъул заманалда газеталъул бук1араб  к1варалъулги, гьелъул къиматалъулги, к1одолъиялъулги гьаб гьит1инабго макъалаялда бицун бажариларо. Гьелъул х1акъалъулъ т1убараб т1ехь хъвазе бегьула. Къокъго абуни, гьаб ц1игьабун г1уц1ийин абулеб бигъараб заманалде щвезег1ан, районалъул «Росдал зах1матчи» газета бук1ана бергьенлъабаздаса бергьенлъабазде халкъ ах1улеб гучаб къуватлъунги, халкъалъул унго-унгояб трибуналъунги.

40 соналъ редакциялда х1алт1арай, гьанже пенсионерка Х1ажиева Сундус, Дагъистаналъул культураялъул мустах1икъай х1алт1ухъан.

 

Просмотров: 452 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz