Пятница, 29.03.2024, 01:08 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Ноябрь » 17 » ГЬАНЖЕСЕЛ Т1АЛАБАЗУЛ КЬУЧ1АЛДА.
14:16
ГЬАНЖЕСЕЛ Т1АЛАБАЗУЛ КЬУЧ1АЛДА.

Гьал къоязда гьавураб къо к1одо гьабуна Гьоц1алъ гьоркьохъеб школалъул директор Г1абдурах1манов Г1абдурах1ман Мух1амадовичас.

1976 соналда Дагъистаналъул педагогикияб институталъул ингилис мац1алъул факультетги лъуг1изабун вач1ана Г1абдурах1ман Мух1амадович г1агараб районалде х1алт1изе. Жиндицаго т1аса бищараб махщалиде бугеб рокьиялъги, х1алт1изе бугеб гъираялъги, т1оцебесеб къоялдасанго к1вах1-свак тун х1алт1ана Г1абдурах1ман. Гьес т1олабго жиндирго жан-жигарги, лъайги кьуна цере ц1алулел ц1алдохъабазул лъайги тарбияги борхизабиялъе. 12 соналъ бокьулеб х1алт1уда х1алт1улаго, Г1абдурах1манил свак лъалареб зах1матги, бажариги бихьун районалъул лъай кьеялъул управлениялъ гьев т1амуна школалъул директорлъун. Гьелдаса нахъе ана 30 сон. Гьеб заманалда жаниб къойидаса-къойиде т1егьан ва берцинлъун бач1ана школа, лъик1лъана гьелъул ц1алулгун тарбия кьеялъул х1алт1и. Гьавураб къоги баркун Г1абдурах1манихъе щварал нижедаги гьесдаги гьоркьоб ккана гьадинаб гара-ч1вари.

-Г1абдурах1ман Мух1амадович, бокьилаан нужер школалъул х1акъалъулъ дагьалго баянал кьуни. Чан муг1алим, чан ц1алдохъан школалда ц1алулев вугев?

-Школалда ц1алулев вуго кинавниги 267 ц1алдохъан. Гьезие тарбиягун лъай кьолеб буго 41 муг1алимас. Гьезда гьоркьор руго 11 т1адег1анаб категориялъул муг1алим, 5 лъай кьеялъул отличник ва 8 лъай кьеялъул х1урматияв х1алт1ухъанасул ц1арал щварал педагогал.

Кинавлъун вук1ине кколев муг1алим?

-Учитель яги муг1алим, гьев жиндирго ишалъул махщелчи, унго-унгояв педагог ватани, вук1ине ккола ц1алдохъанасулгун лъик1аб гьоркьоблъи гьабизе бажарулев, гьев вич1ч1улев, жинца кьолеб дарсиде ц1алдохъанасул гъира бижизабизе лъалев, гьезул рек1елъе нух батизе к1олев чилъун. Муг1алим вук1ине ккола лъималги рокьулев, жиндирго предметги лъик1 лъалевлъун.

Нижер школалъул щивав муг1алим къеркьола, умумуз нижеде божилъи гьабун ц1ализаризе кьурал, гьезие бищунго хириял лъималазда г1елмуялъул аслу гъваридго малъизе, гьел тарбия щварал, г1умруялда жаниб жидерго бак1 батизе бажарулел г1адамаллъун куцазе.

Учитель лъималазе вук1ине ккола кинабго рахъалъ мисаллъун гуревги, гьудуллъунги, насих1атчилъунги. Нижер ц1алдохъаби-гьел руго нижер лъимал. Гьезул рохелалъ нижги рохула, гьезул пашманлъиялъ нижги пашман гьарула.

Бугищ нужер жакъасел т1алабазе жаваб кьолеб школа?

-Школа-гьеб ккола жинда жаниб лъимерлъиги, балугълъиги, г1олохъанлъиги, х1албихьиги бугеб к1удияб дуниял. Школа-гьеб ккола кутакалда маг1на к1удияб раг1и. гьениб щола лъималазе т1оцебесеб, хадубккун гьезие г1умруялда х1ажалъулеб лъай. Школалъул г1умру-гьеб ккола хадусеб лъималазул къисмат, гьединлъидал школалъул т1олабго коллектив къеркьола гьанжесел т1алабазда данде кколедухъ гьениб х1алт1и бачине, РФялъул лъай кьеялъул х1акъалъулъ законалъул рихьизариял т1уразаризе. Гьеб мурадги цебе лъун гьабураб х1алт1и х1асилалда Т1олгороссиялъул олимпиадабазде лъимал х1адур гьариялъулъ бихьизабураб т1адег1анаб даражаялъул х1алт1уе г1оло нижер школалъ ккуна 19 бак1. Гьединго районалдаги школазда гьоркьор т1орит1улел рейтингаздаги рук1ана сонал нижер школалъ т1оцебесеб, к1иабилеб, лъабабилеб, ункъабилел…бак1ал ккуралги… Нижер школалда руго гьанжесел т1алабазда данде кколел предметазулал кабинетал, дарс кьолелъул педагогазул творческияб х1алт1и цебет1езабиялъе х1ажалъулел гьанжесел технологиял.

Гьеб гуребги, районалда кинаб тадбир т1обит1улеб бугониги нижер школалъ гьелда г1ахьаллъи гьабула ва мустах1икъал бак1алги росун т1адги руссуна.

Школалъул учительзаби г1ахьаллъула учительзабазда гьоркьор т1орит1улел «Лъаг1алил учитель» конкурсазда.

Ц1алдохъаби г1ахьаллъула «Живая классика», «Шаг в будущее» ва гьел гурел г1емерал цогидалги конкурсазда.

-Умумул рази рук1унищ школалъул х1алт1иялдаса?

-Школа лъуг1ун къват1ире риччаразда киданиги к1очон толаро, жидер г1умруялъулъ гвангъараб бак1 ккураб школа. Байрамазулал къоязги, гьадингоги гьел г1емер рач1уна школалде, гьезул гьурмаздаса киданиги камуларо гьимиги, учителасул х1урматалда абулел х1еренал раг1абиги. Гьебги рик1к1уна дица учителасе щолеб щулияб шапакъатлъун, гьесул талих1лъун.

Г1абдурах1ман, баркула Дуда гьавураб къо. Бокьун буго дуе гьаризе сахлъи, хадубккунги гьабулеб х1алт1улъ ч1ах1иял бергьенлъаби, лъай бугел ц1алдохъаби школалъул ва росдал адаб-х1урмат ц1унарал къимат т1ок1ал махщелчаг1и.

Н. Г1алиева

 

Просмотров: 629 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz