Четверг, 25.04.2024, 08:53 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Август » 6 » ГЬАЛДОЛЕБ Г1УМРУЯЛЪУЛ БАКЬУЛЪ.
17:46
ГЬАЛДОЛЕБ Г1УМРУЯЛЪУЛ БАКЬУЛЪ.

Машгьурав политик Мух1у Г1алиевасул 75-сонилаб юбилеялде газеталъе материал бак1арулаго, т1аде ккана 15 соналъ цебего гьесул  х1акъалъулъ  шаг1ир  Мух1амад Г1исаевас хъван бук1араб ц1акъ интересаб макъалаялде. Нижеда мустах1икъаблъун бихьана гьеб жакъасеб газеталдаги лъезе.

Щибаб лъар байбихьула иццаздаса. Лъарал цолъун лъугьуна гьалагал г1орал. Г1ораз нух бахъула ралъдалъе. Амма рук1уна цо- цоял я г1урулъе яги ралъдалъе щвеч1ого къунел. Бакъулаб дунялалда щибалъул буго жиндирго бакI, налъи, т1асан бихьизаби. Инсанасул г1умруги буго гьединабго жо. Дица гьеб басрияб, цебего лъалеб, балъголъи гуреб т1абиг1аталъулги инсанасулги г1умруялъул иналъул пикру гьабулеб буго Myxly Г1алиевасул 60 сон т1убаялда хурхун. Гьев бат1аго маг1арулазе жиндир х1акъалъулъ бицине ккарав, яги гьезда лъаларев чи гуро. Гьесие жиндиего бокьаниги бокьич1ониги гьединаб буго пачалихъалъул т1адег1анав хъулухъчиясул, политикасул г1умру. Кинабго бук1уна г1адамазул берда цебе, борцуна щибаб гали, ц1алула щибаб раг1и, дагьаб бук1уна кьолеб баркала, бак1аб бук1уна реч1ч1улеб гамачI.

Myxly Г1алиевасул г1умруялдаги дагьаб бук1инч1о, яги бук1инаро гьедин.

Бук1аниги, рач1а т1адруссинин лъарал бет1ералде, гьесул г1умруялъул байбихьуде. Хунзахъ районалъул Т1анусиса Хуриса Г1али лъаларев чи т1алъиялдаго вук1инч1илан абуни мекъи ккеларо. Гьев вук1ана к1удияб хъизаналъул бет1ер. Микьго лъимер г1уна гьесул хъизаналда ва жакъа гьезул щивас мустах1икъаб бак1 ккола г1умруялда. Г1али живгоги вук1ана г1умруялъул кинабго къварилъи-г1ат1илъи рек1елъан биччарав, К1удияб Ват1анияб рагъул киналго зах1малъабиги раччарав, граждан рагъалъул х1апу-чапуралъулъе лъимерлъиги ккарав чи. Цо чанго соналъ цеве г1умруялдаса ват1алъана гьев.

Дида г1емер дандч1вач1о гьесдаса бег1ераб пикруялъул, махсаро лъалев, г1умру, гьелъул  маг1на бич1ч1улев чи. Кици т1амун, мисал бачун гурони калам гьабуларев гьев релълъунаан маг1арулазул ч1агояб энциклопедиялда. Хвалда цебе Т1анусире Г1алиде раккизе щвана дунги академик Гъайирбег Г1абдурах1мановги. Г1акълуги пикруги добго бук1аниги, бихьулеб бук1ана черх заг1ипго бук1ин. Г1емераб хабар ккана. Гьесда ургьел ч1ван бук1ана киналъулго. Хасго, к1удияб раччи т1аде бегарав, жиндирго бищун к1удияв васасул.

Инсул рукъалъул гъаситоялдасан байбихьула инсанасул сапар. Гьелде руссарал, рухьарал рук1уна хадусел гьесул ишалги пикрабиги. Гъаситоялъул хинлъи босула цадахъ. Ахир-къадги, гьелъул хинлъиги цогидазе тун, уна г1умруялдаса.

Абизе бокьун буго г1умруялъул щибаб лъалк1алда гьесул мугъ ч1валеб бак1лъун инсул гъасито бук1анилан ва гьеб тун бат1ияб г1умруялъул байбихьуда гьесие кумекги щвеч1илан.

Хадуб? Хадусеб г1умруялъ нух жинцаго бахъула, малъула. Myxly Г1алиевасул лъимерлъи ккана бит1ахъего Ват1анияб рагъул соназда данде. Жеги лъаг1ел т1убан бук1инч1о гьес, хиянатав тушманас г1урхъи баханилан хабар т1ибит1араб мехалъ. Маг1арухъ г1олохъабаз чуял кьололел рук1ана рагъде ине. Завалалда вугев г1олохъанчи Мух1ул эменги ана рагъде. Г1ажаибаб къисмат буго дол соназул лъималазулги. Гьезда лъана рагъул бух1иги, ракъиги, маг1уги, рагъдаса къанаг1ат т1адруссаразул роххелги. Гьелъ батизеги бегьула дол соназ гьарурал г1адамазулъ г1ажаибаб къох1ехьей, ишалъе рит1ухълъи, цебе лъураб масъала т1убазабун бажариги бугеб.

1954 соналда Т1ануси росулъ анкьго классги лъуг1изабун Myxly Г1алиев ц1ализе Избербашалъул школа-интернаталде вит1ула. Г1олилав ккола жиндирго г1агараб росуги тун, живго г1адинал бат1и-бат1иял миллатазул лъимал ц1алулеб, шагьаралъул сверуде. Гьенибги васасул, щай жив гьенив вугевали лъик1аб бич1ч1и бук1ун буго. Гуребани маг1арухъ ц1аларав чиясе бигьаго бук1ун батиларо г1арцул  медалалда анц1го класс лъуг1изабизеги. Щаяли лъаларо, Myxly Г1алиевас т1аса бищун буго ДГУялъул филологиялъул факультет. Балагьараб мехалъ, гьев мекъиги ккун гьеч1о. Доб заманалда гьевгун ц1алулел рук1арал студентал жакъа ккола г1алимзаби, пачалихъиял х1аракатчаг1и, насих1атчаг1и. Гьездасан цояв, Россиялъул г1елмуялъул мустах1икъав х1аракатчи профессор Сиражудин Х1айбулаевас, доб заман рак1алде щвезабулаго, бицуна гьесул лъай босизе бук1араб к1удияб гъираялъул ва къвалакь чадил буханкаги ккун, т1ут1ун гьебги кунаго унел рук1арал бах1сазул.

1962 соналда университетги лъуг1изабун гьев х1алт1изе Ц1умада районалъул TIaca Гьаквари росулъе уна. Баг1араб дипломгун ц1али лъуг1арав чиясе рес бук1унаан бокьараб бак1алда х1алт1и т1аса бищизе. Бицуна доб мехалъ учительлъун х1алт1изе бак1 жибго росулъги бук1анилан.

Myxly Г1алиев TIaca Гьаквари гьоркьохъеб школалда х1алт1ула учительлъун, завучлъун, директорлъун. Гьенив х1алт1улаго данделъула г1умруялъул гьудул Зайнабги. Щиб лъалеб, Ц1умада х1алт1изе т1аса бищиялъе г1иллаги гьей йик1арайищалиги...

Амма лъаялъул ралъдалъ чвердезе шавкъ бугев г1олиласда учителасул х1алт1и гьит1ин бихьулеб бук1ун батизеги бегьула. Гьев ц1ализе лъугьуна ДГУялъул аспирантураялде. Амма ц1ализе лъугьаниги, диссертациялда т1ад х1алт1изе рес щоларо. Гьесда ректорасги парткомалъул секретарасги абула университеталъе комсомолалъул цевехъан къвариг1ун вугилан.

Лъабго соналъ ДГУялъул ВЛКСМалъул комитеталъе бет1ерлъиги гьабун, т1адвуссуна гьев аспирантураялде ва 1966-1969 соназда ц1унула философиял г1елмабазул кандидатасул диссертация. Жиндиего щвараб аслияб махщел филологиялда данде кколареб г1елмуялда диссертация ц1униялъги нуг1лъи гьабула гьесул гъваридаб лъаялъе.

Аспирантураялдаса хадубги гьесул нух, г1елмуялде гуреб, хъулухъалъул болъабазде бук1уна. Гьелдаса хадуб Myxly Г1алиев вищула Мах1ачхъала шагьаралъул ВЛКСМалъул комитеталъул т1оцевесев секретарлъун. Бицуна гьел соназ хасго якъинлъанин Myxly Г1алиевасул г1уц1арухъанлъиялъе бажарийилан. Доб заманалда, кин бук1аниги, гьабулеб х1алт1иги бихьулаан, гьелъие къиматги кьолаан.

1972 соналда, 32 сон барав чи гьев вищула Мах1ачхъала шагьаралъул КПССалъул Советский райкомалъул т1оцевесев секретарьлъун. Гьеб бук1уна к1удияб божилъи. Доб заманалда балеб, г1ат1ид гьабулеб бук1ана, Дагъистаналдаго к1удияздасан цояб, оборонаялъул к1варалъул сепараторазул завод. Гьесул х1алт1ул заманалда Советский районалда бана гьединабго радиозаводги. Гьанже гьел Кировский районалде ккола. Анц1ила лъабго соналъ гьабуна Myxly Г1алиевас гьеб районалъе нухмалъи. Мекъи ккеларо гьел сонал рук1анин бищунго ц1убарал, ишалъул ц1ypaл, маг1нa бугелин абуниги. Республикаялда бищунго г1олохъаназдасан цояв райкомалъул секретарь вук1ана унго-унгояб гьелегьараб г1умруялъул бакьулъ, т1олабго республикаялъул нухмалъиялъулги г1адамазулги берда цеве. Абизе ккаралъуб раг1иги абулев, ишги т1алаб гьабулев, кьураб раг1иги кколев - гьединаб бук1ана доб мехалъ гьесие кьолеб къимат. К1олаан гьесда ц1унизе ккарав ц1унизеги.

Бицуна цо гьадинаб лъугьа-бахъин, Москваялдаса Дагъистаналде вач1ун вук1ана КПССалъул ЦКялъул член, Дагъистаналдасан СССРалъул Верховный Советалде депутат, СССРалъул радиопромышленносталъул министр Подорожный. Гьев рази вук1унаро Советский районалда бугеб цо заводалъул директорасул х1алт1удаса ва борхула гьев эркен гьавиялъул суал. Хехаб къаг1идаялда Myxly Г1алиев ах1ула КПССалъул обкомалъул бюроялде. Гьеб данделъун бук1уна доб мехалъ  КПССалъул       Дагъистаналъул обкомалъул т1оцевесев секретарь Мух1амад-Салам Г1умахановасул  дачаялда.

- Кинаб пикру райкомалъул секретарасул бугеб? - ан ц1ехараб мехалъ Myxly Г1алиевас ч1ванкъот1ун бихьизабула заводалъул директор вахъизе бегьулареблъи. Гьобол ццидахуна, амма Г1умахановасе рек1ее г1ола г1олохъанав  секретарасул раг1аби ва абула:

- Нилъеца, КПССалъул ЦКялъул членаз, рахъ кквезе ккеларищ бищунго г1олохъанав ва х1алт1улев секретарасул?- абун.

Лъалеб жо буго хабар бат1айиса  лъугьине бегьулеб бук1араблъиги. Амма тавакал бергьана.

Бицуна х1акъикъаталдаги Myxly Г1алиевас ц1унарав чи вук1анила лъик1ав  г1уц1арухъан ва гьес г1емераб х1алт1и гьабунила нилъер республика цебет1еялъеги.

1985 соналда гьесда т1адкъана КПССалъул обкомалъул бищунго жавабияб - г1уц1иялъул отделалъе нухмалъи гьабизе.

Гьениб гьабураб х1алт1улги цоги цогидалъулги г1емер бицине бегьулаан. Амма 1990 соналда республикаялъул т1алъиялда хиса-басиял ккана ва КПССалъул обкомалъул т1оцевесев секретарьлъун Myxly Г1алиев вищана. Гьеб мехалъ гьесул бук1ана г1умруялъул 50 сон. К1алт1а бук1ана ц1ияб замана. Жагъаллъун бук1ана СССРалъулги  КПССалъулги кьуч1. Жегиги партиялъухъа т1убанго ихтиярал ун рук1инч1о, амма  иналъе щибго щаклъиги хут1ун бук1инч1о. Myxly Г1алиевасул рес бук1ана Дагъистаналъул Верховный Советалъул председательлъун вищизе. Гьедин гьабулеб бук1ана киса-кибего. Амма гьев партиялъе, коммунистаз жиндаго гьабураб божилъиялъе рит1ухъавлъун хут1ана.

Г1емерал суалалги харбалги рижизаруна гьес гьабураб т1асабищиялъ.

Жакъаги гьел лъуг1унги гьеч1о. Амма рик1к1уна к1удияв, вац1ц1адав, республикаялъул ургъел бугев нухмалъулев ва политик х1исабалда гьесул нух гьеб галиялдасан байбихьанилан.

Т1адехун рехсаралдаса хадуб, гьайгьай, г1емерисезулгун нухал рикьана.  Коммунистасул билет  «демократиялъухъ» хисаразе гьеб рек1ее гьеч1о. Гурони кинха бич1ч1илеб КПССалъул обкомалъул вук1арав т1оцевесев секретарь цо къоялъги х1алт1иги гьеч1ого хут1и. Гьесие нух къалеб бук1ана Верховный Советалъул председателасул заместительлъун вищизегицин. Г1емерисезда рак1алда батила гьеб. Х1инкъи бук1ана

республикаялда х1алуцин лъугьиналъулгицин...

Чанго соналъ заместительлъунги х1алт1ун, вищула Верховный Советалъул председательлъун. Гьелъулги къоял дагьлъун рук1уна. Ц1ияб заманаялъе х1ажалъула ц1ияб парламент, ай Халкъияб Собрание. Т1убанго хисула цере ч1арал масъалаби, х1ажалъула заманалда рекъарал законал. Дагъистаналъул тарихалда жаниб 1995 соналда байбихьана нилъер гьаниб унго-унгояб парламент х1алт1изе.

Гьелдаса араб заманалда жаниб къабул гьаруна г1умруялъе к1вар бугел анц1-анц1 къанунал. Гьезда гьоркьор руго республикаялъе ц1акъго к1удияб к1варалъул, миллияб цок1аллъи, ращалъи бук1инабиялде руссаралги.

Гьединаздасан цояб х1исабалда рехсезе бокьун буго жеги Верховный Советалдасаго Халкъияб Собраниялъе ирсалъе щвараб, г1емераб даг1ба- раг1игун къабул гьабураб гочинабун г1и-боц1и хьихьиялда хурхараб закон. Гьеб х1адурана Myxly Г1алиевасул хасаб бербалагьиялда гъоркь. Абизе бегьула гьелъ ахир лъунин гьутабазул ракьазда гочинабун г1и хьихьулел сагабазда, гьел гочунел нухазда сверун даг1ба-раг1иялъе. Лъалеб бук1ахъе, г1ат1иракьалде гочине ккарал маг1арулаз къач1ана, рекьана, хьуц1аздаса рац1ц1ад гьаруна ракьал. Амма гьезул ихтиярал, гьеб закон къабул гъабизег1ан, сунцаниги ц1унулел рук1инч1о. Цо-цо миллатчаг1азин абуни гьеб х1алт1изабуна жидерго мурадалда, г1адамазда гьоркьобе кьалул ракьа рехиялъе.

Дагъистаналъул жамаг1аталъ лъик1 къабул гьаруна диналда, намусалда, диниял рикьалабазда, вагьабиязда хурхун къабул гьарурал къануналги.

Халкъияб Собраниялъул х1алт1уда цадахъ, гьелъул председатель, парламенталъул г1уц1арухъан-политик х1исабалда к1удияв г1уна живго Myxly Г1алиевги.

Лъица щиб бицаниги, кин борцаниги, ахираб анлъго соналда жаниб ч1агояб раг1и раг1улеб, бугелда бугеб абулеб, жамаг1аталда бугеб ах1вал-х1ал мат1уялъусан г1адин бихьулеб бак1 бук1ана Халкъияб Собрание. Гьенисан дагъистаниязда раг1ана ц1огьаздаги, хъамалчаг1аздаги абулеб раг1иги, гьелъие парламентарияз кьолеб къиматги.

Араб соналъул август-сентябрь лъугьана Дагъистаналъул халкъалъул цолъиялъул ва гьелъул т1алъиялъул халкъалда цебе жидерго налъиялъул х1албихьулеблъун. Дагъистаналъул халкъалъ умумузул аманаталъе рит1ухълъи бихьизабуна. Амма рекъел ц1уни жидерго г1акъиллъилъун рик1к1унеб бук1араб т1алъи биххана, гьезда жаваб кьезе к1веч1о щай гьедин ккарабали. Кинабго бак1лъи бач1инахъего т1аде ккана маг1арулазде. Гьеб мехалъги Халкъияб Собраниеги гьелъул председательги рук1ана халкъалъе бит1араб бицунеб, бугелда бугеб абулеб, гьезул хьулал рухьараб бак1лъун. Myxly Г1алиевасул к1алъаязда, ишазулъ раг1улебги бихьулебги бук1ана жидерго бугеб ургъелги унтиги.

Гьес жиндирго аслияб ишлъун рик1к1унеб бук1араб Дагъистаналда рекъел ц1униялъул анищ т1убач1о. Рагъ лъуг1ун хадуб гьев щвана Ансалт1е, Рахат1е, Болъихъе. Рак1алде щола къадалъ гамач1цин бух1арал росаби, къват1ир хут1арал г1адамал ва гьезул хьулазул ц1урал берал.

Дир пикруялда политик вук1ине ккола рац1ц1адал кверазул, роц1ц1арал къасдазул чи. Жакъа гьеб г1емерисеб мехалъ бат1айиса кколеб буго. Myxly Г1алиевас политик х1исабалдаги бихьизабуна цебе лъураб масъалаялъе рит1ухълъи, бицунебги гьабулебги дандеккей, жиндиргоялдаса миллаталъул ургъел цебе гьаби.

Т1адехун рехсаралъе мисалалги г1емер руго. Рак1алде щвезабуниги г1ела дол «Конституциялъул данде ккунгут1иялин» цlap тарал къоял. Хадубги, цого миллаталъул чияс чанго нухалда Пачалихъалъул Советалъул бет1ерасул хъулухъ гьабизе бегьуларилан абураб Конституциялъул бихьизаби хисизабулеб заман. Гьезда данде вахъана Myxly Г1алиев. Кинал х1асилал гьелъул ккаралали бицине ккеларо, гьеб к1оченег1ан заман инч1о.

Киналго гьел лъугьа-бахъиназда гьесул раг1и хисич1о, ахиралде щвезег1ан республикаялъул Конституция ц1унана. Живго вихьизавуна вичун восуларев, т1адецуялъукьа х1инкъуларев чилъун.

Бат1аго бицен гьабизе мустах1икъаб буго Россиялъул Федеративияб Советалъул член х1исабалда гьес гьабураб х1алт1иги. Гьаб гьит1инаб макъалаялда бицен гьабизе рес гьеч1олъиялда бан гьеб г1иц1го рехсон тезе кколеб буго. Myxly Г1алиев ккола Т1асияб Палатаялъул Халкъазда гьоркьосел бухьеназул  комитеталъул председателасул заместитель. Дагъистаналъул вакил х1исабалда вуго СНГялъул Парламентазда гьоркьосеб Ассамблеялъул, Ч1ег1ераб ралъдал ва Тихий океаналъул Парламентазул союзалъул, Европарламенталъул член. Гьес г1ахьаллъи гьабуна Россиялъул, Европаялъул, Азиялъул, Востокалъул пачалихъазда гьоркьор гьарулел бат1и-бат1иял къот1иязда, гара-ч1вариязда, маслих1атазда. Икъбал бугев политик-парламентарий вугин абула гьев цадахъ х1алт1улез. Дагъистаниязда г1емераб мехалъ рак1алда ч1ела Чачаналда бугеб ах1вал- х1алалда хурхун ва Дагъистаналъул бицун Европарламенталда гьес гьабураб к1алъайги.

- Myxlye г1ола ц1вакараб столги, Москваялде унаго командировочноеги бугони, - ян абуна цо гьесде г1агарав чияс, Мух1ул бицен ккедал, гьесде г1айиб г1унт1изабулеб г1адинан.

Досие кинаб маг1на гьел раг1абазулъ бук1арабали лъаларо. Дие гьелъ рагьана гьесул г1умру гьабиялъул къаг1ида, рац1ц1алъи.

Абула к1удияб гъот1ода ганч1ал г1емер щолилан. Камуларо гьев маг1арулазе кумек гьабуларев, гьел кколарев чи вугилан абулелги. Г1емерисеб мехалъ гьеб батула цо лъиеялиго кьеч1еб хъулухъ, щвеч1еб кредит, яги цоги мурад. Гьеч1о гьесулъ миллатчилъи, маг1арулав вугин чи ват1а гьави. Гьелъги борцуна чиясул хасият.

Дие рес ккана г1емерал росабалъе, маг1арул районазде гьевгун сапаралда г1ахьаллъизе. К1велаан анц1-анц1 росабазул т1урарал къвариг1елазулги гьаниб бицине.

Myxly Г1алиев чанго рищиялда депутатлъун вищулеб вуго Хунзахъ районалъул Харахьи участкаялдасан. Гьесулгун сапаралдасаги вуссун, округалъул росабалъ депутатасул кверч1ваялдалъун т1урарал ишазул бициндал, редакциялъул х1алт1ухъанас дида абуна.

- Myxly Г1алиев депутатлъун гьеч1ел росабаз щибха гьабизе кколеб? -абун.

Кинав чиха вугев гьев г1адатияб г1умруялда, кабинетги тараб, галстукги бахъараб мехалъ? Г1адамазда гьоркьов, тепсиялда сверухъ? Хъизангун, лъималгун, г1агарлъигун?

Руго гьал суалазулъ жаваб кьезе к1олелги к1оларелги бак1ал. Бит1ун бицани, Myxly Г1алиевасул г1адинаб хъулухъалъул чаг1и  г1адатияб к1аг1идаялда цере ч1езаризе зах1мат бук1уна. Кидаго х1алт1и, дандч1ваял нахъойги х1алт1и, гьадинаб бук1уна гьезул г1умру.

Бук1аниги х1албихьизе бокьун буго бат1ияв Myxly Г1алиевасул дагьабго бицине.

Гьев вуго г1ажаибго г1адатияв г1адамасда хабар рекъезабизе лъалев гьит1инасухъги к1удиясухъги г1енеккулев, сабурав чи. Ц1акъ ургъун гурони къимат кьоларо чиясе, гьесул ишазе. Саг1таз бицун бажарула дандч1варал, цадахъ х1алт1арал г1адамазул х1акъалъулъ.

Myxly Г1алиевасе бокьула поэзия, г1емерал куч1дул лъала, рек1ехъе ц1алула Мах1мудидаса - г1олохъанал поэтазде щвезег1ан.

Гьесул г1умруялда к1удияб бак1 ккола маг1арул коч1оца. Саг1таз, рес бугони сордо-къоязги г1енеккилаан гьев гьезухъ. Цо кеч1 рек1ее г1уни, чанго нухалъ такрар гьабизе бокьула. Хасго гьесие к1удияб асар гьабула хунздерил булбул Г1айшат Тажудиновалъ ах1улеб «Баг1арал мачуял» абулеб кеч1алъ. Амма цо коч1одаги коч1охъаналдаги гьесул ц1ар бухьинаби бит1ун бук1инаро. Гьесие хирияб буго маг1арулазул адабиятги маданиятги, г1ахьаллъи гьабула бат1и-бат1иял концертазда, вечеразда. Гьединлъидал батизеги бегьула творчествоялъул чаг1и щиб кканиги гьесухъе унелги ва кверч1вай щолебги .

Буго Myxly Г1алиевасул г1умру берцин гьабулеб цойги гьайбатлъи - гьесул ч1ужу Зайнаб. Г1амал берцинай, раг1и кьуч1ай, маг1на бугей гьелда абизе бегьула рукъалъул унго-унгояб х1уби йигилан. Жийгоги жавабияб х1алт1уда йигониги, гьей ккола Пачалихъалъул Советалъул шапакъатазул секторалъул нухмалъулей, гьелда заман батула гьалбал къабул гьаризеги гьел т1орит1изеги. Гьез г1езаруна васги ясги. Гьезулги жидерго хъизанал руго. Инсудаса ват1алъун хадуб, Myxly Г1алиев хут1ана Хуриса Г1алил к1удияб хъизаналъул бет1ерлъун. Дир пикруялда, гьеб ц1акъ к1удияб жавабчилъи ккола.

Гьесул бищунго лъик1аб г1амал-хасияталъул рахълъун дида бихьула жинда аск1ов вугев бищун гьит1инавги чи к1одо гьави.

Квешаб? Гьеб гьавураб къоялъ бицунеб хабар гуро. Ратила гьелги, гьеч1ев чи вук1унаро.

Жиндирго лъабкъого сон т1убаялде Myxly Г1алиев - Халкъияб Собраниялъул председатель, депутат, политик, жамг1ияв х1аракатчи, профессор вач1ун вуго бечедаб г1умруялъул нухги нахъа тун.

Гьабсаг1аталдаги гьев вуго гьалдолеб г1умруялъул бакьулъ ва бук1инесеб буго цебе.

Мух1амад Г1ИСАЕВ.

 

 

 

 

      

 

 

 

 

 

 

Просмотров: 576 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz