Пятница, 29.03.2024, 18:46 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Июль » 3 » ГЬАБУЛЕЛЪЕ КЪУВАТ КЬЕГИ.
10:02
ГЬАБУЛЕЛЪЕ КЪУВАТ КЬЕГИ.

Дагъистан Республикаялъул Бет1ер Рамазан Г1абдулат1иповас к1удияб к1вар кьолеб буго Республикаялъул агропромышленныяб комплекс цебет1езабиялде. Къват1исел пачалихъаздаса росич1ого гьанги, рахьги, пихъгун, овощалги ва цогидалги ниг1матал нилъерго республикаялда г1езариялде. Гьедин гьабизе ккани, рахъи кьолеб куцаялда х1алт1изе ккола росдал маг1ишаталъул киналго бут1аби.

Жакъа нижеца лъай-хъвай гьабила  нужергун кин гьеб х1алт1и Х1ариколо СПКялда унеб бугебали.

Районалъул росдал маг1ишаталъул лъик1ал поизводственныял кооперативазда (СПК) гьоркьоб ц1ар рехсола Х1ариколо «Баг1арав партизан» СПКялъулги. 1997 соналдаса нахъе гьелъие нухмалъи гьабулеб буго Х1ариколоса Лачемилаев Гьадигатулагьица. Гьесул буго т1адег1анаб зооинженерасул лъай ва лъик1аб х1албихьи.

Институтги лъуг1изабун т1ад вуссарав Гьадигатула т1оцебе х1алт1изе вач1ана г1агараб росдал колхозалде племучетчиклъун, хадуб вачана райкомсомолалъул райкомалъул эркен гьавурав комсомол организациялъул секретарасул х1алт1уде. Гьенисанги гьев т1амуна Гьамишт1а колхозалъул парткомалъул секретарьлъун. 1997 соналдаса нахъе хисич1ого Лачемилаев х1алт1улев вуго Х1ариколо СПКялда.

Рехсараб СПКялда хадуб бухьинабураб ракьул къадар бахуна муч1дулги, харибак1алги гъорлъе рачун 2900 гектаралде. Гьелдасан бекьулеб ракьалъул 648 гектар. Исана 250 гектаралда бекьун буго ролъ, пурч1ина. Люцерна ва суданка. 150 гектар ракьалъул х1адур гьабулеб буго пиринч1 бекьизе.

Гьеб гуребги, СПКялда буго 570 бет1ер тайпадулаб боц1ул, гьездасан 200 беч1ч1улеб г1ака, 800 бет1ер тайпадулаб г1иял. Регул, рекьул х1алт1аби гьаризе колхозалъул руго лизингалъул кумекалдалъун росарал лъабго МТЗ, к1иго ДТ тракторал, 1 комбайн.

СПКялда кинабго х1алт1и гьаабула механизированнияб къаг1идаялда, ай боц1уе кормаби, хер кьей, гьезда хадуб бук1унеб чороклъи бац1ц1ад гьаби, г1ачи реч1ч1и т1обит1ула гьелъие рихьизарурал хасал алатазул кумекалдалъун.

Ц1акъ к1вар бугеблъун ккола маг1ишатазе г1и-боц1уда хасел т1амизабиялъул заман. Бергьенлъиялда гьеб ине ккани, риидалго гьабун бук1ине ккола гьез лъик1аб х1адурлъи. Гьедин. Цебеккунго гьабураб лъик1аб х1адурлъиялъул х1асилалда т1аса ин ккезе теч1ого лъик1аб кьаралъиялда т1амизабуна СПКялъ исанисеб хасел г1и-боц1уда. Щибаб г1иялъажоялда хадуб ц1унана 94 проценталъ т1инч1, щибаб г1акдада хадуб ц1унана бече. Щибаб г1иялъажоялдаса къунц1ана 2,8 – 3,00 кг. квасул.

Раг1и-хер-гьеб ккола гьанги, рахьги, квасги. Гьединлъидал риидалил заманалда раг1и-хер х1адуриялде ц1ик1к1араб к1варги кьун, СПКялъ исана х1адурун бук1ана г1унги, т1ок1борч1унги харил, люцернаялъул, 350 тонна комбикормаялъул, 550 – 600 т.анц1-анц1 тонна сенажалъул ва силосалъул. Гьедин, фермаялда щибаб г1акдадаса гьоркьохъеб х1исабалда 2000 – 2300 литра рахьдалги беч1ч1ун, гьеб пачалихъалъе бичун гьелдасан хайир боси лъун бук1ана СПКялъ жидерго аслияб ва к1вар бугеб масъалалъун.

Раг1и-хер х1адуриялде, гьезие зооветеринариял т1алабазда рекъон кванил рацион ч1езабиялде

гуребги, СПКялда к1вар кьола  муч1дузда г1ачи хьихьиялъул  щибаб къойилаб низам бит1араб куцалда г1уц1иялдеги. Рук1ине кколеб низам ц1унун гьел хьихьани, гьездаса бахъулеб рахьдал къадар г1емерго ц1ик1к1инабизе к1ола. Мисалалъе босани, риидалил бух1араб заманалда, щибаб къоялъ г1ачи цого бак1алде кваназаризе рачине бегьуларо, гьел раг1ад бугеб бак1алдехун рачун х1ухьбахъи гьабизе тезе ккола, лъим гьекъезабич1ого тезего бегьуларо. Гьел ва цогидалги т1алаб т1уразариялъ, живго росдал маг1ишаталъул специалист вук1иналъги, Гьадигатулагьица нухмалъи гьабулеб СПКялда к1ола риидалил бищунго рахь  беч1ч1улеб заманалда, маг1ишаталъе т1убараб лъаг1елалъ беч1ч1улеб рахьдал 60-70 процентиги щвезе, лъабкъого проценталъниги г1и-боц1и кьара гьабизе.

Диргун гара-ч1вариялда вук1арав СПКялъул нухмалъулев Гьадигатулагьида  дица ц1ехана г1и-боц1ухъабазе щолел харжал кинал ругелан. Гьес дие бицана г1иявехьасе моц1ие 10 азарго гъурущ г1арац, моц1ие 1 хъвезе лемаг, ва цо хъап ролъул кьолилан.

Дояркаялъе гьоркьохъеб х1исабалда щолеб буго моц1рое18-20 азарго гъурущ харж, лъаг1алие 500 килограмм могьол, 3 тонна харил. Т1адеги пачалихъалъ кьола 1 литра беч1ч1араб рахьалт1е 3 гъурущ, цо х1айван хьихьун 100 гъурущ.

Г1ачи вехьасе гьоркьохъеб х1исабалда щола 1 бет1ер хьихьун 100 гъурущ, рек1ине чу, з тонна харил, 500 килограмм кормаялъул. Х1исаб гьабураб мехалда бегьиларебг1адаб мухь-харжги гьеч1елъул, СПКялде  х1алт1изе рач1унезул къадар ц1ик1к1араб батилилан ккун бук1ана дида. Амма, пайда щибила, х1алт1изе рач1ине г1олохъанаб г1елалъе бокьулебго гьеч1илан абуна дида Гьадигатулагьица.

Ахираб заманалъ пачалихъалъ т1аде к1вар кьолеб буго хурзал лъалъалел каналал  рац1ц1иналде, ва гьел ц1и гьариялде, гьединго пиринч1 бекьулел чекал цере квер г1унт1уларого ч1унтун рук1арал гьел къач1аялде.

Гьеб программаялда гъорлъ нижер СПКялги гьаруна цо къадаралъул х1алт1аби. Ахирияб 3 соналъ рац1ц1ана ва  ц1и гьаруна 25-30 км. каналазул ва т1убанго капиталияб ремонт гьабун къач1ана 150 гектар пиринч1 бекьизе бугеб бак1алъул. Кинабниги гьезда арал харжал рахана 11  миллионалде. Гьеб лъик1аб х1алт1иялъухъ нижее рес кьезе буго могьолал культурабазул бач1ин ц1ик1к1инабизе ва пиринч1 бекьун гьел ракьаздасан пайда босизе.

Гьикъана дица гьесда гьабсаг1аталда маг1ишаталда данд ч1валел зах1малъабазулги. Гьес дие бицана гьадин: - Г1аммаб къаг1идаялда босани, маг1ишаталъе к1удияб зах1малъилъун лъугьун буго Мах1ачхъалаялъул гормол заводалъ г1иц1го 18 гъурущ гурого литраялъухъ кьеч1ого босулеб рахъдахъ г1арац заманалда кьунгут1и.  Гьединлъидал кооперативалъе чара гьеч1ого х1ажатаблъун рик1к1уна дица СПКялда аск1обго цо гьит1инабниги рахьдадасан продукция лъугьинабулеб завод рагьизе.

Гьеб рагьизе ккани, пачалихъалъул дагьабниги кумек гьеч1ого, СПКялъул х1ал г1оларо х1ажатабщинаб босизе.

Киса-кибго росдал маг1ишат ч1унтулеб бугеб, ахал, хурзабазул т1алаб гьабич1ого рекьич1ого толеб, г1и-боц1и хьихьулезул къадар ц1акъго г1одобег1ан бугеб заманалда, Х1ариколо СПКялъул гьадинаб цебет1ей, х1акъикъаталдаги бугебдаяли лъазелъун дица хурхен ккуна районалъул росдал маг1ишаталъул отделалъул к1удияв зоотехник Г1умаров Х1осолгун. Гьесги дие тасдикъ гьабуна СПКязда гьоркьор  т1орит1улел къецазда экономикиял рихьизариязул х1асилалда, рехсараб маг1ишаталъ кидаго т1оцересел ва к1иабилел бак1ал къолеллъи, росдал г1адамалги гьесул х1алт1иялдаса рази рук1ин.

Нилъецаги гьарула Гьадигатулагьие хадубккунги гьабулеб ишалъулъ бит1 ккей, рак1алда ругел мурадал т1урай.

Ахираб заманалда пачалихъалъ т1аде к1вар кьолеб буго хурзал лъалъалел каналал рац1ц1ад гьариялде ва гьел ц1и гьариялде гьединго цебе к1вер г1унт1уларого ч1унтун рук1арал пиринч1 бекьулел чекал къач1аялде. Гьеб мурадалда СПКялъ гьаруна цо къадаралъул х1алт1аби. Ахирияб 3 соналда жаниб рац1ц1ана ва ц1и гьаруна 25-30 километр каналазул ва т1убанго  капиталияб ремонт гьабун къач1ан буго 150 гектар пиринч1 бекьизе бугеб ракьалъул. Гьезда т1ад арал харжал рахун руго 11 миллион гъурущалде.

Гьабураб лъик1аб х1алт1иялъул х1асилалда маг1ишаталъе рес щвезехъин буго могьолал культурабазул бач1ин ц1ик1к1инабизе ва пиринч1 бекьун гьел ракьаздасан пайда босизе.

Н. Г1алиева.   

Просмотров: 511 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz