Четверг, 25.04.2024, 13:32 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Апрель » 28 » Г1УНГУТ1АБИ КАМУН ГЬЕЧ1О.
21:02
Г1УНГУТ1АБИ КАМУН ГЬЕЧ1О.

Щибаб росулъе щвейдал, гьенир ругел цогидал г1уц1абаздегог1адин ниж щола росдал бегавуласухъеги. Ц1ех-рех гьабула росдал бугеб ах1вал-х1алалъул, г1адамазул г1умру-яшавалъул, х1алт1улъ дандч1валел ругел зах1малъабазул Харахьи щведалги рак1алда бук1ана росдал нухмалъулевгун дандч1вазе, амма гьев отпускалдаги ватун, нижер суалазе жавабал кьуна гьесул заместитель Шейхова Эльмираца. Гъоркьехун кьолеб буго нижедаги гьелдаги гьоркьоб ккараб гара-ч1вари.

-Эльмира Мух1амадовна кинаб ах1вал-х1ал бугеб росулъ? Кинал х1алт1аби гьарун бажарарал?

-Г1унгут1аби камун гьеч1ониги, бат1аго квешаб ах1вал-х1ал бугин абизе бегьуларо. Г1адатияб маг1арул росу ккола нижер Харахьи. Нижер гьаниб буго гьоркьохъеб школа, ясли-ах, библиотека, участковияб больница, культураялъул рукъ, спортивияб зал ва почалъулаб отделение. Мукъсанабго бюджет бугониги цо-цо к1вар бугел х1алт1аби гьарун рорч1ана. Мисалалъе, 120 метралъул манзилалда росдал аслияб къот1нор рана чирахъал. Рац1ц1а-ракъалъи ц1униялъул мурадалда кьишни-къул баччизеян босана ГАЗ-53 автомашина. Гьеб ч1езабун бук1уна росдал централда ва кьишнидул ц1урабго ч1ехьола. Лъуна 3-4 трансформатор. Харахьи-Болъихъ нухда мусор балеб бак1 сверун къан къач1ана. Хасаб федералияб программаялда рекъон байбихьун буго росу лъедалъун хьезабиялъе х1алт1аби гьаризе. Гьединан Парси-Харахьи лъел мухъ бачине рахъ бухъизе байбихьун буго, гьеб щун буго Сивухъ росдада аск1об бугеб «Чидат1а» абулеб бак1алде. Гьединго нижер росдадаса г1емер рик1к1ада гьеч1еб «Къвек1ада» абулеб бак1алда х1адурун буго лъим жаниб ц1унизе бихьизабураб 2 бассейн. Капиталияб ремонт гьабун къач1ана росдал администрациялъул мина. Санкт-Петербургалда г1умру гьабун вугев росулъа предприниматель Г1усманов Г1исах1ажил кумекалдалъун гьебго капиталияб ремонт гьабуна мажгиталдаги.

-Сунде руссун рук1унел росдал жамаг1ат? Кинаб даражаялда бугеб гьезул маг1ишат-яшав?

-Киналго маг1арул росабалъгог1адин, нижер анибги аслияб къаг1идаялъ г1адамазул бет1ербахъи г1и-боц1удасан бук1уна. Росулъ буго 583 бет1ер ч1ег1ербоц1ул, гьездасан 120 г1ака. Буго 902 бет1ер г1иялги. «Нугъай» гъутаналда 362 бет1ер ч1ег1ерх1айваналъул ва 100 г1и-ц1ц1аназул. Руго росулъ ругел г1уц1абазда х1алт1улелги. Г1емерал росуцоял, хасго г1олилал х1алт1илел руго россиялъул бат1и-бат1иял шагьаразда. Росулъ х1алт1и-пишаги гьеч1они, бугелдасаги мукъсанабго гурони харж-мухьги щолеб гьеч1они, жидеего хъизан-рукъ гьабизег1аги х1алт1изе къват1ире инч1ого г1олохъаби т1уралел гьеч1о. Сезоналда рекъон росулъ х1алт1ула хасал бет1ергьаби ругел 2 консервазулаб цехги.

-Кинал ругел аслиял росдада цере ч1арал масъалаби? Чара гьеч1ого т1уразе кколел ишал?

-Аслияб суал буго росулъ г1ураб къадаралда лъим ч1езаби. Хасало росдал цо авалалда лъим бук1унаро. Т1адехун рехсараб лъел мухъалъул х1алт1и раг1алде бахъарабго гьеб суал роц1ц1ине ккола. Спортзалалда ч1арбида бугеб хъарщиги турун, гьениб жаниб г1олилал руссине бажарулеб х1ал гьеч1о. Цоги росдае х1ажат бугоан г1аммаб канализацияги. Гьединго басралъун руго токалъул мухъалги. Х1ажат буго росдал аслияб къват1алдег1аги хъил т1езеги. Гьедин х1исаб гьабуни маг1арул росдал г1унгут1аби г1емер ратиларищха. Амма гьездасан бищунго к1вар ц1ик1к1араб-росу лъедалъун хьезабун бажарулебани, гьебги к1удияб х1алт1илъун бук1инаан.

-Ахиралдаги щиб дуе абизе бокьилеб жамаг1аталдехун?

-Дица жамаг1аталъе гьарила гъунки, вацлъи ва цоцазда гъорлъ гьуинго рук1ине. Росулъ щиб х1алт1и гьабулеб бугониги г1арац бак1арулеб бугониги гьел кумекалъе ратула. Гьелъухъ к1удияб баркалаги буго гьезие. Киназего гьарула щулияб сахлъи, халатаб ва талих1аб г1умру, хъизан-лъималаздаса рохун тайги киналго!

P.S. Гьаб гара-ч1вариялда цебе ниж дандч1ван рук1ана росдал жамаг1аталъул цо-цо вакилзабигун. Росдал ах1вал-х1алалъул ц1ех-рех гьабидал, гьезул г1езег1ан г1арзал ва г1узраби ратана. Гьезул раг1абазда рекъон, росдал аслияб г1узрулъун кколеб буго хасало г1ураб къадаралда лъим гьеч1олъи. Гьединго ц1акъго басралъун, рортун иналде ккун ругила токалъул мухъал.

-Бищун нижер рах1ат хвезабулеблъун ккола лъел суал. Ахирисеб ункъго соналда жаниб, к1иго хаселалъ росдал цояб авалалда лъим бук1инч1о. Росулъе лъел ц1ияб мухъ бачине араб соналъ федералияб бюджеталдасан ц1ик1к1араб къадар г1арцул биччан бугин раг1ун бук1ана, лъаларо гьелъул щиб ккарабалиги. Гьеди-додинал ишазул нижеда бицунеб г1адат росдал администрациялъулги гьеч1о. Жамаг1аталда цебе гьабураб х1алт1ул х1исаб кьолеб гьеч1о бегавулас. Цебе зама-заманалдасан жамаг1аталъулгун дандч1вай т1обит1улаан. Гьениб гьоркьоб лъолаан росдаего к1вар бугел суалал, бицунаан гьабулеб бугеб х1алт1улги. Гьал ахирал соназда гьединал данделъаби т1орит1ич1о, щайгурелъул нижер суалазе жаваб кьезе бокьулеб гьеч1о росдал администрациялъе. Гьединго басралъун руго токалъул кваралги. Дагьабниги гьури-муч бахъарабго гьел т1ун рач1уна. Жибго токалъулги бук1ине кколеб т1адецуй гьеч1о. Гьеб г1иллаялдалъун, дагьаб цебег1ан росулъ цо чиясул ц1ик1к1араб багьаялде босараб холодильник бух1ана. Къасимехалда къват1ахъ чирахъалги рек1унел гьеч1о. Гьелъухъ нижецаго бак1арун моц1рое 6 азарго гъурущ кьезе кколеб раг1ула. Пенсиялъги пособиязги хьихьун руго росдал г1емерисел г1адамал. Гьебги бук1инч1ебани лъаларо, щиб нижеца гьабизе бук1арабали. Жакъа нужгог1адинан цереги рач1унаан нижехъе цогидал журналисталги х1акимзабиги. Нижеда г1олеб-г1оларелъул ц1ех-рехги гьабун нахъе унаан, амма щибго нижее гьездасан кумек щвеч1о,-ян абуна гьез.

Г1адамазул ругел гьел г1арзазул нижеца ц1ех-рех гьабуна росдал администрациялда. Амма киг1ан х1аракат бахъаниги бегавуласлгун бухьен кквезе щвеч1о. Гьесул заместителалъги ч1ванкъот1араб жаваб кьеч1о. Гьединлъидал, хьул буго бегавуласда газеталда ц1алунг1аги г1адамазул рах1ат хвезабулел ругел суалал рихьилилан.

Гьанибго абич1ого г1оларо, журналистазухъа г1адамазул г1умрулъик1лъизабун бажаруларилан. Гьезухъ гьединал ресалги рук1унарин. Гьелъие тарал чаг1и руго росдалги районалъулги х1акимзаби. Нижеда бажарулеб жо ккола пуланаб бак1алда гьадинаб г1унгут1и бугин абун, гьелъул х1акъалъулъ мух1канаб ц1ех-рех гьабун т1алъиялдаги жамг1ияталдаги гьеб раг1изаби.

И. Мух1амадов.

 

Просмотров: 965 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz