Четверг, 25.04.2024, 02:31 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2018 » Апрель » 9 » Г1УНГУТ1АБИ КАМУН ГЬЕЧ1О.
21:24
Г1УНГУТ1АБИ КАМУН ГЬЕЧ1О.

Бакьагьеч1и советалде гъорлъе унеб 2 росулъ ва 1 Г1арада гъутаналда хъвай-хъваг1аялда рекъон г1умру гьабулеб буго 1932 чияс, амма гьездасан х1акъикъаталда гьениб г1умру гьабун буго г1иц1го 876 чияс, ай к1иц1ул дагь. Буго 1 ФАП, 1 библиотека, 1 культураялъул рукъ, почалъулаб отделение, 2 ясли-ах ва 2 гьоркьохъеб школа. Гьездасан 1 садик ва 1 школа уна Кизилюрт районалъул лъай кьеялъул бут1аялде гъорлъе. 2015 соналдаса нахъе советалъул бегавуллъун х1алт1илев вуго Г1алиев Артур. Гьел саназда жаниб гьабураб ва хадубккун гьабизе рак1алда бугебги х1алт1ул бицана гьес нижергун гьабураб гара-ч1вариялда.

-Артур Жах1барович, мун бегавуллъун вугеб 3 соналда жаниб кинаб хиса-баси лъугьараб советалда. Кинал х1алт1аби гьарун бажарарал?

-Дун бегавуллъун ккараб заманалдаса цадахъ ккана росулъ г1ураб къадаралда лъим гьеч1олъиялъул г1унгут1и. гьединлъидал аслияб къаг1идаялъ лъабабго сон дир лъел суал роц1ц1инабулаго ана, жеги гьеб х1алт1и раг1алде бахъунги гьеч1о. Бук1аниги цо-цо бажарарал г1иси-бикъинал х1алт1аби гьарун рорч1ана. Бакьагьеч1и жаниб 500 метрадул манзилалда нухде т1уна хъил. Росулъе жанире рач1унеб нухда рана чирахъал. Зама-заманалдасан чабахх баччун къач1ала росулъ ругел нухал. Ракьги баччун рит1а-ришизарула росдал хабзалазул цо бут1а. г1адамазул г1арцудалъун босана цо ц1ияб трансформаторги. Бан раг1алде бахъунеб буго ц1ияб футбол х1алеб майдан.

-Кинал ругел аслиял цере ч1арал масъалаби? Чара гьеч1ого гьаризе кколел х1алт1аби?

-Дун хъулухъалде вач1аралдаса росдал рах1ат хвезабулеблъун ккола лъел суал. Хасало росулъ т1убанго лъим къот1ула. Г1адамаз доба-гьаниса лъим баччун жидеего г1амал гьабизе кколеб буго. Гьелъие г1илла буго Бакьагьеч1ибе унеб лъел мухъалде гъорлъе бат1и-бат1иял росаби журай. Гьединлъидал аслияб цебе лъураб масъалаги ккола росулъ г1ураб къадаралда лъим ч1езаби. Районалъул нухмалъиялъги киг1ан г1емер дица гьараниги нижер суал т1убазе нухал ратич1о. Киназдасаго хьулги къот1ун нижеца росдал жамаг1аталъул ц1аралдасан лъел иш т1убазе кумек гьарун г1арза хъван бук1ана республикаялъул бет1ерасул ишал т1уралев Владимир Васильевичасухъе. Г1емер мех иналдего исана нижер гьари т1убазабилин абураб жаваб бач1ана республикаялъул ралел бак1азулгун архитектураялъул ва ЖКХялъул министерствоялдасан. Кумек нижее щвани рак1алда буго Гозолоколосан лъел ц1ияб мухъ бачине. Нижерго къуваталдалъун къач1ан раг1алде бахъинабулеб буго 2 км. манзилалда чинич1иса росулъе бач1унеб лъел мухъ. Гьелъул 800 м. манзилалда бухъун буго риццатал, давление х1ехьолел пластмассаялъул турбаби лъезе рахъ. Гьенир ругел нек1сиял лъел тараназулги ревизия гьабуна, гьезда хадуб бербалагьиялъе х1алт1ухъанги толев вуго. Гьал рицарал тадбирал т1убарабго, цо авалалда алхинч1ого лъим ч1езе гьабизе рес буго. Гьединго хьул буго росулъе т1абиг1ияб газ бач1иналдеги. Гьелъие росулъ трубабазул жанисеб разводкаги нек1ого гьабун буго. Х1ажат буго росулъе жанибе магистралалъул труба бачине. Гьелъие х1алт1и гьабилин раг1и кьуна районалъул бет1ерасул ишал т1уралев Шамил Г1аммаевасги. Гьел гурелги маг1арухъ г1умру гьабун ругел г1адамазул г1иси-бикъинал г1унгут1аби камун рук1инищха. Амма бищун г1адамал лъедалъун хьезарун бажарулебани, росдал аслияб ургъел т1аса инаан.

-Сунде руссун рук1унел росдал жамаг1ат? Кинаб маг1ишат-яшав гьезул бугеб?

Руго х1укуматалъул х1алт1абазда ругелги. Г1езег1ан чаг1и х1алт1улел руго рагъулаб часталда. Г1арада гъутаналда ругезул аслияб бет1ербахъи бук1уна г1и-боц1иялдасан. Гьениб лъик1аб даражаялда х1алт1илеб буго колхозги. Маг1арухъ г1умру гьабун ругезги умумузулго батараб г1и-боц1и хьихьиги хур-хер рехун теч1о. киналниги нижер советалда руго г1адамал бет1ергьанал 1199 бет1ер ч1ег1ерх1айваназул ва 4778 бет1ер г1и-ц1ц1аназулги. Руго цо-цо росдада аск1об бугеб карьералда х1алт1илел ругел г1олохъабиги. Амма гьелдаго цадахъ Бакьагьеч1и бащалъиялдаса ц1ик1к1ун рукъзал ч1орого руго. Гьезул г1емерисел руго гъутаналда, Мах1ачхъалаялда ва цогидалги шагьаразда. Гьелъие г1иллалъун дида бихьула нижер гъутан цогидазда данде ккун г1езег1ан цебет1урабги х1ажатал шарт1ал ругебги бук1ин. Гьединлъидал нижер г1адамал т1олабго муг1рузулаб Дагъистаналда цебеч1араб масъала росаби ц1уни. Амма гьелъие г1адамазе росабалъ г1умру гьабизе ккани чара гьеч1ого х1ажаталг1аги шарт1ал г1уц1изе ккола. Амма г1емерисезул гьединал шарт1ал ч1езеризе рес бук1унаро. Бажарарал шарт1ал нижецаги г1уц1улел руго. Кват1ич1ого рак1алда буго рукъзал гьаризе нусгог1ан участок кьезеги.

- Ахиралдаги щиб дуе абизе бокьилеб жамаг1аталдехун?

- Бокьун буго къвариг1араб мехалда кумекалъе ратулел росуцоязе рак1-рак1алъулаб баркала кьезе. Хасго росдал г1олохъаби щиб х1алт1и гьабулеб бугониги х1алае ратула. Цоги дир мурад буго цох1а хъизамг1адин жамаг1ат гъункизаби. Гьаб ахир заманаялъ г1емерлъулел руго интернеталда хъвадарулел ва нахъасан гаргадулел чаг1и. Узухъда ратила дир х1алт1удаса рази гьеч1елги, дунгоги рази гьеч1о дирго х1алт1удаса, гьединго щивасул ихтияр буго рагьун жиндирго пикру загьир гьабизеги. Амма жамаг1аталда гьаризе бокьун буго нахъасан гаргадун, г1адамал цоцазде гьусун, жамаг1аталда гьоркьоб рикьалаби ккезарич1ого нужерго бугеб г1узруги, г1олеб г1олареб рахъги, бицун дихъе рач1аян. Рикь-рикьун ругони х1алт1иги цебет1олареблъидал, х1ажат буго букъараб зарг1адинан жамаг1ат гъункизе. Дица киназего гьарула щулияб сахлъи, халатаб ва талих1аб г1умру, хъизан-лъималаздаса рохун, х1алт1ул ургъалида таги киналго.

Гара-ч1вари гьабуна И. Мух1амадовас.

Просмотров: 551 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz