Вторник, 23.04.2024, 09:22 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2011 » Декабрь » 7 » Г1УЦ1АРУХЪАНЛЪИЯЛЪЕ ВИЖАРАВ.
17:08
Г1УЦ1АРУХЪАНЛЪИЯЛЪЕ ВИЖАРАВ.

Дагъистаналъулги, районалъулги ц1ик1к1араб г1елалда лъик1 лъала Мах1ач Бижанов. Дие бокьун буго г1ун бач1унеб г1елалъе гьев унго-унгояв маг1аруласулги, нилъер ракьцоясулги х1акьалъулъ бицине.

Мах1ачил умумул руго Х1ариколо росулъа. Инсул к1удияв эмен Хважа-х1ажи революция ккелалдего анкьго нухалъ х1еж бopxapaв чи ккола. Эбелалъул к1удияв эмен-Г1алихан Аварский. Мах1ачил эмен Айтбер вук1ана Дагъистаналдаго ц1ар раг1арав бах1арчи, чот1ахъан, капитан Айтбер Бижанов бах1арчиясул хвелалъ хвана Ват1аналъул рагьда, Кавказ ц1унулаго. Гьединаб кьалбал щулияб хъизамалда 1929 соналъул 19 декабралда гьавуна Мах1ач Бижанов. «Ц1удул бусадаса гъедо боржунарин» аби бугелъул гьев бат1ияв лъугьине ресги бук1инч1о.

Мах1ач Айтберович Бижанов дида т1оцеве вихьана 1970 соналъул ахиралда, Буйнакскиялъул консервал гьарулел заводалде вач1ун. Дун вук1ана гьенив х1алт1улев г1олохъанав инженер. Заводалъул нухмалъулез бицунеб бук1ана гьав дур ракьцояв вугин Каспийскиялда исполкомалъул председательлъун х1алт1улев вук1арав, ракь багъарун хадуб ц1идасан шагьар базе обкомалъ вит1арав горкомалъул секретарилан.

Каспийск бук1ана городин ц1ар бук1аниги, цо гурони асфальт лъураб къват1ги  гьеч1еб, нилъер хъутаби г1адаб, х1арщул ц1ураб, галошал рет1ун гурони хьвадун бажарулареб шагьар. Гьеб бук1ана к1иго заводалъе : «Дагдизель», «Завод точной механики» бараб шагьар. Заводазда сверун рук1ана г1емерал баракал, азбаралъуб лъин, цогидабги гьелдаго релъараб. Бижановас шагьар ц1идасан бана. Каспийскиялъе щвана РСФСРалда бищунго бац1ц1адабги, г1урччинабги шагьаралъул ц1ар, гьединго абадиялъе хьвадулеб Баг1араб байрахъги. Кинаб шагьар бук1араб Буйнакск Мах1ач гьениве вач1араб мехалъ? Ракь багъарун риххарал рукъзал, лъабго сменаялда х1алт1улел школал, радал анлъго т1убараб мехалъ школазде унел ц1алдохъаби, кинабго г1айиб ракь багъариялдеги рехун гьеч1еб г1адлу-низам, планалго т1ураларел завод-фабрикал».

Мах1ачица х1алт1и байбихьана г1адлу-низам ч1езабиялдасан. Х1алт1и бажаруларел нухмалъулел хисана, бажарулеб ишалде т1амуна. Бугеб г1айиб чиясда бич1ч1изе гьабулаан, г1айиб гьеч1ев чи вахъулеб г1адат бук1инч1о. Х1алт1улезе кумек гьабулаан, квер ч1валаан. Мисал: консервал гьарулеб к1удияб, лъабазарго чи х1алт1улеб заводалда сезон бакъулъ ц1а ккана. Гьеб свинабизе нухмалъи гьабулев чи вук1ана Бижанов, МВДялъул министр Свистунов гьенив вук1ананиги. Т1убанго ящиказул цехги бух1ун (гьелда баг1арараб заманаялъ бензиналда г1адин ц1а рек1ана) к1вана ц1а свинабизе. Аск1об бук1ана нефтебаза, к1удияб балагьалдаса хвасарлъана. Заводалъул директор вук1ана г1олохъанчи Мух1амаднуров Нурмух1амад, директорасул заместитель Саг1идов Мах1ач. Бижановас горкомалъул бюроялда хехго суалги лъун к1иясего выговоралги кьуна, х1алт1удаги тана. Обкомалъул бюроялъ т1алаб гьабулеб бук1ана ц1акъ к1удияб зарал х1укуматалъе ккедал, к1иялго х1алт1удасаги рахъизе, ва партиялдасаги рехизе. Гьабизе кколеб г1адлу жинца гьабун бугилан, Мах1ачида к1вана к1иявго ц1унизе. Хадуб Нурмух1амад т1амуна – «Дагконсервалъул» бет1ерав инженерлъун, рик1к1уна Россиялдаго бищун лъай бугел консервщиказда гьоркьов, гьанже х1алт1улев вуго «Дагконсервалъул» генералияв директорлъун, Саг1идов Мах1ачги х1алт1ана заводалъул директорлъун.

Кват1ич1ого Хасавюрталъул консервал гьарулеб заводалда ккана Буйнакскиялда бук1аралдаса гьит1инаб пожар. Директор х1алт1удасаги вахъана, партиялдасаги рехана, туснахъалдаги т1амуна. Досда гьикъараб мехалъ дуе гьаб тамих1 щай гьабурабин, жаваб кьун буго Хасавюрталда жив ц1унизе Бижанов гьеч1илан. Дида гьеб кинабго мух1канго лъала, аск1об бугеб чадил заводалъул городалда бищун г1олохъанав директорлъун вук1ана дун. Х1алт1удеги Бижановас т1амун вук1ана. Консервал гьарулеб заводалъул нухмалъулел рук1ана дир лъик1ал гьудул-гьалмагъзаби, г1емер лъик1аб-квешаб дида малъарал. Гьедин жинда цадахъ х1алт1улел Мах1ачица ц1униялъул г1емер мисалал рук1ана. Т1оцевесев секретарас жидер гьабулеб т1алаб бихьун, кутакалда гъираялда х1алт1улаан киналго г1уц1иязул нухмалъулел. Кват1ич1ого городалда хут1ич1о цониги план т1убалареб г1уц1и (предприятие).

Аслияб к1вар Мах1ачица кьолеб бук1ана ц1идасан шагьар баялде. КПССалъул ЦКялъул ва Министерзабазул Советалъул х1укмуялда рекъон шагьар базе кьун бук1ана щуго сон. Х1укмаби кагьтида хут1ула гьел т1уразе Мах1ач г1адав нухмалъулев гьеч1они. Т1олабго Союзалдаса рук1ана Буйнакскиялда строителал: Армениялдаса, Ставрополалдаса, Армиялъул строителал, «спецконтингент» абун туснахъалда ругелги. Мах1ачида к1вана киналго шагьаралъул г1адамазул строителаздехун бугеб бербалагьи кьуч1дасанго хисизе, гьездехун адаб-х1урмат бугеб бербалагьи лъугьинабизе. Горкомалъул пленумалда киназдаго лъазабун бук1ана, кинаб къвариг1елалъ лъихъе строителал рач1ананиги, гьел приёмниялда ч1ун тезе бегьуларин. Мисал гьенибги жинцаго бихьизабулаан. Горкомалда кинаб данделъи гьабулеб бук1аниги, строитель приёмниялда вугин абурабго гьесул къвариг1ел т1убазе къват1иве вахъунаан ва ч1обогояб кабинеталдеги вачун гьесул мурад т1убалаан. Строителазул къо ц1акъго к1одо гьабулаан, киналго х1алт1ухъабазе сайигъатал кьолаан, фабрик-заводазул нухмалъулезда т1адаб бук1ана гьезие к1олеб г1аданлъи гьабизе. Рак1алда буго: Армениялдаса вач1арав цо цевет1урав строителасул лъабкъого сон т1убараб къо к1одо гьабуна т1олго шагьаралъул активги данде ах1ун, кьуна сайигъатал, Расул Х1амзатовасул баркиялъул телеграмма бач1ана, гьелдаса ц1акъго вохана гьобол. Гьедин жидер адаб-х1урмат гьабулеб бихьараб мехалъ строителазе ц1акъ бокьана шагьарги, ц1акъ гъираялда х1алт1изеги х1алт1ана.

Шагьар базе зах1малъаби ккарабго Мах1ачие кумекалъе ватулаан нилъерго Х1амзатил Расул. Россиялъул Федерациялъего лъаг1алие щуго гурони гьеч1еб асфальтоукладчик Буйнакскиялъе щвезе гьабун бук1ана Расулил кумекалдалъун. Бищун борхиялдаса байбихьун асфальтги лъун шагьар х1арщудаса бац1алъана. Лъабго-ункъго соналда Буйнакскиялда бана ункъазарго квартира, ц1ияб микрорайон «Гьудуллъи», щуго школа, сельхозтехникум, г1емер тукаби, ясли, больница, поликлиника, ГОВД, АТС, тюрьма, кинотеатр, дворец культуры, асфальтобетонный завод, цогидалги х1ажатал минаби. Лъабго сменаялда ц1алулел рук1арал лъимал 1 - 1,5 сменаялде ц1алдезе хьвадана.

Гьеб кинабго бук1ана цебе жинцаго мисалги бихьизабун Мах1ачица гьабураб х1алт1ул х1асил. Радал саг1ат анлъго т1убарабго резинадул чакмабиги рет1ун шагьар сверулаан гьес, стройкабазде щолаан, анкьго т1убарабго данделъи ах1улан.

Нижее киназего Мах1ач вук1ана мисал, гьев вук1ана Аллагьас жиндие кинабго кьурав чи: ворхатав, къарт1ав, сипат рекъарав, ц1акь берцинго к1алъазе лъалев чи. Ниж гьесдаса чух1ун рук1унаан. Шагьаралъе лъабго Баг1араб байрахъги тун Мах1ач вачана Дагпотребсоюзалъул пpeдседaтeльлъyн х1алт1изе. К1иябго шагьаралъул зах1матчаг1аз-Каспискиялъулаз ва Буйнакскиялъулаз Мах1ач Айтберович вищана жидерго х1урматияв гражданинлъун. Ц1иял нухмалъулел рач1аралго Буйнакскиялдаса строителал мохъ-мохъалъ ана, адаб гьабизе кколел г1адамазде т1аде семизе лъугьана, бюро г1емер ах1улаан, х1алт1и дагь гьабулаан.

Ц1ияб, жинда лъазего лъалареб х1алт1уда Мах1ачица живго вихьизе гьавуна бергьун гьунар т1ок1ав г1уц1арухъан х1исабалда. Дагъпотребсоюз бук1ана Россиялдаго кинабго рахъалъ нахъе ккарал лъабго потребсоюзалда  гьоркьоб цониги нухмалъулев вахъун гурони х1алт1удаса инч1еб контора. Гьеб бук1ана ц1акь к1удияб организация: тукаби, чед, консервал, чагъир гьабулел заводал ругеб, Дагъистан тун къват1ибги жиндир предприятиял ругеб: х1укуматалда жаниб х1укуматин» абулеб г1уц1и. Гьенив Мах1ач х1алт1араб ич1го соналда жаниб даран ц1ик1к1ана к1иго нухалъ, овощал, пихъ боси 8,5 нухалъ, рана ц1иял консервал ва чед гьабулел заводал, бана ункънусго тукен. Дагъпотребсоюз г1уц1аралдаса нахъе ран рук1инч1о гьедиг1ан тукаби. Дагъпотребсоюз Россиялда бищун нахъе ккаралдаса бачана т1оцебесеб, к1иабилеб бак1алде. Потребсоюзалъул х1алт1ул къаг1ида, гьанир семинарал гьарун бихьизабуна Россиялъул цогидал регионазда, мисалияб х1исабалда. Автономиял республикабаздаса Центрсоюзалъул членлъун вук1ана цох1ого цо Мах1ач Айтберович Бижанов. Т1оцебе потребсоюзалъул историялда Центрсоюзалъул советалда председательлъи гьабизе к1удияб х1урмат гьабун т1ад къан бук1ана Мах1ачида.

Бицен буго Дагьистаналда х1алт1удаса рахъулин ц1акъ квеш х1алт1аралги, ц1акъ лъик1 х1алт1аралгиян. Мах1ач Бижанов ккана к1иабилезде гьоркьове. «Антика» тукада нус азарго гъурщил къайи камунилан, гьеб г1айиб бугезда- бец1изабун бук1ананиги Мах1ач г1арзаги кьун нахъе ине ккана. Гьединал х1алт1ухъаби г1адада хут1уларелъул, ункъого сон баниги Мах1ач берцинго х1алт1улев вуго Каспийскиялъул бет1ерасул заместительлъун.

Мах1ач потребсоюзалдаса ун балеб буго къоло микьго сон, г1емер дандч1вала цадахъ х1алт1улел рук1арал гьалмагъзаби, амма гьесул гьунаралъул, бажариялъул, г1аданлъиялъул бицунев гурев чи дандч1валаро, нилъер талих1 кканила гьединав чигун х1алт1изе щвеян абула. Нижеца г1емер пикру гьабулаан киндай цо чиясда к1иго шагьарги базе к1вараб, лъихъаго бажарич1еб Дагъпотребсоюзги цебе бачине к1варабин? Гьеб буго Мах1ачие нилъер г1адамал рокьи, Дагъистан бокьи. Гурони гьединал к1удиял х1алт1аби бажаризе рес бук1унаро.

Мах1ач живго г1елилан ч1олароан, хадур х1алт1изеги г1олохъанал нухмалъулел х1адур гьарулаан. Гьес ругьун гьаруразда гьоркьор руго: Гъази Гъазиев-Мах1ачхъалаялъул маххул нухазул отделениялъул бет1ер, министрлъун х1алт1улев вук1арав Г1усман Г1усманов, Дагъконсервалъул генералияв директор Мух1амаднуров Нурмух1амад, Халкъияб Собраниялъул председателасул заместителаллъун х1алт1арал Насир Х1айдаров ва Каммаев, Карабудахкент районалъул бет1ер Г1исаев ва г1емерал цогидалги.

Нижер, бат1и-бат1иял миллатазул цадахъ х1алт1улел рук1аразул цо пикру бук1ана: Мах1ач Айтберович Бижанов Дагъистаналъул т1оцевесев нухмалъулевлъун вук1ине бищунго мустах1икъав чи вугилан. Гьедин ккун бук1арабани гьаб къабих1лъиялде нилъги Дагъистанги ккелароан. Т1адег1анав Аллагьас бат1айиса хъван бук1ун буго. Нилъер мунагьазе г1оло батила, нилъедаго релъарал т1адеги т1амун.

Ахиралда, Мах1ачие гьарула щулияб сахлъи. Лъималги гьезул лъималги жиндаго релъарал, Дагьистан урхъарал лъугьаги гьесул.

Ах1мадов Халилбег,

Шамил районалъул х1урматияв гражданин.


Просмотров: 923 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz