16-17 июлалда Моч1охъ т1обит1ана республикаялъул муг1рузулаб территориалияб округалъул г1олилал-экологазул слет. Гьелда г1ахьаллъи гьабуна Хунзахъ, Гумбет, Болъихъ ва Ц1умада районазул школлъималаз.
Слеталъул г1ахьалчаг1азе саламги кьун, гьеб рагьана районалъул бет1ерасул заместитель Саг1адула Батировас. Гьес бицана жакъа районалъул г1ун бач1унеб г1елалъе бит1араб экологиялъулаб тарбия кьеялъул бугеб к1варалъул, гьединго к1вар буссинабуна районалъул экологияб ах1вал-х1ал лъик1лъизабиялъулъ гьадинал тадбираз лъолеб к1удияб бут1аялдеги.
Роц1ц1араб гьава-бакъги, т1абиг1аталда гьабулеб квен-т1ехги, ц1акъ лъик1аб ах1вал-х1ал бук1ана гьел къоязда Моч1охъ х1орил раг1алда. Ц1алдохъабаз г1ахьаллъи гьабуна «Экологиялъул плакат», «Экологиялъул выставка», «Приветствие» ва «Бищун лъик1аб кеч1» номинациязда т1орит1арал къецазда..
Конкурсалъул х1асилалда слеталда бергьенлъи босана Хунзахъ районалъул командаялъ.
|