Пятница, 19.04.2024, 21:33 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2015 » Октябрь » 3 » Г1ЕЛМУЯЛЪЕ КЬУРАБ Г1УМРУ.
11:59
Г1ЕЛМУЯЛЪЕ КЬУРАБ Г1УМРУ.

«Г1елмуялъ инсанасдаса т1алаб гьабула т1олабго г1умру. Нужер к1иго г1умру бук1арабани, гьеб к1иябгоги г1елароан нужее. Г1елмуялъ инсанасдаса т1алаб гьабула к1удияб х1аракат ва х1алуцараб х1асрат-шавкъги». - Гьединал раг1абаздалъун загьир гьабун буго г1елмуялъулги г1адамазулги гьоркьоблъиялъул х1акъалъулъ жиндирго пикру ц1ар раг1арав г1алимчи - фи­зиолог И. П. Павловас.

Х1акъикъаталдаги руго жиндир к1иго г1умру бук1арабани, к1иябгоги г1елмуялъе кьезе х1адурал г1адамал. Умумуз абухъе, гьединазул чот1ролъ рехсезе мустах1икъай йиго Хунзахъ росулъа Халидова Мисай Расуловна.

Мисай йиго Кавказалда ислам дин т1ибит1изабизе Шамалдаса (Сирия) рач1аразул наслуялъул г1адан. XIII г1асруялъул ахиралда - Х1V г1асруялъул авалалда Дагъистаналде вач1арав Ах1мад аш-Шами рик1к1уна гьезул тухумалъе кьуч лъуравлъун. Тарихиял хъвай-хъваг1аязда рекъон, гьезул умумуз т1оцебе гlyмру гьабулеб бук1ун буго Ругъжаб росулъ, хадур гочун руго Г1ахьалч1ире ва ХVII г1асруялда - Хунзахъе. Гьеб тухумалдаса вук1ана Дагъистаналдаго машгьурав г1алимчи, Г1умаханасул заманалъул къади, гьесул насих1атчи ва г1акълучи, г1емерал г1елмиял асаразулги словаразулги автор Хунзахъа Дибиркъади.

Лъай кьеялдаса к1вар бугеблъунги пайдаяблъунги кколин тарбия кьейилан абун буго парангазул машгьурав хъвадарухъан Антуан де Сент-Экзюперица. Г1иц1го тарбия бугила инсан куцалеб жо. Лъик1аб хъизамалда тарбия щвана йик1инесей г1алимч1ужуялъе. Гьей ккола щуго сон бараб мехалдаго вабаалъул унтуца эбел-инсудасаги мах1румлъун ятимлъуда хут1арав, хадув т1олабго улкаялъего к1вар бугев, машгьурав чекистлъун вахъарав, Дагъистан Республикаялъул жанисел ишазул министрасул т1оцевесев заместителасул т1адег1анаб хъулухъ чанго соналъ т1убазабурав Хунзахъа Халидов Расулил яс.

Хунздерил росдал к1удияб жамаг1аталда гьоркьоб ц1ик1к1араб къадру-къимат бук1ана, г1умру къокъал рати гурони, т1ок1аб г1айиб ч1вазе бак1 бук1инч1ел гьесул эмен Халидилазул Къурамух1амадилги ва эбел Бахулги.

Мунагьал чураял эбел-инсул рух1алъул рах1ат хвезабулеб иш жин­дир напсалдасан лъугьинин х1инкъун т1амуна Расулица т1олабго г1умру. Мисайил г1амал-хасияталъулъги куцана инсуца рак1бац1ц1алъиги, paгlye рит1ухълъиги, г1адамаздехул гурх1ел рах1муги, х1ажатасе кумекалъул квер бегьиги, ц1ик1к1араздехун адабги, г1исиназдехун т1алабги, т1адег1анаб намус-ях1ги, х1алт1уде гъира-шавкъги, лъик1абщиналдехун рек1ел ц1айиги, квешабщиналдехун рокьукълъиги.

Т1адег1анал хъулухъазда эмен Мах1ачхъалаялда х1алт1улев вук1индал, Мисай ц1алана тахшагьаралда бищунго лъик1аблъун рик1к1унеб № 13 гьоркьохъеб школалда. 1955 соналда ц1ализе лъугьана Ц1адаса Х1амзатил ц1аралда бук1араб Дагъистаналъул руччабазул педагогияб институталде. Гьелдаса хадуб нилъер республикаялда пачалихъияб университет рагьидал, Мисай Халидова лъугьана ц1ияб т1адег1анаб ц1алул идараялъул тарихалъулабгун филологияб факуль­теталъул студенткалъун.

1961 соналда университетги лъуг1изабун, гьей х1алт1изе лъугьана доб заманалда бук1араб СССРалъул Г1елмабазул академиялъул Дагъистаналъулаб филиалалъул Ц1адаса Х1амзатил ц1аралда бугеб Тарихалъул, мац1алъул ва адабияталъул институталде. Бащдаб г1асруялдасаги ц1ик1к1ун заманалъ халат бахъараб ва жакъа бет1ерай г1елмияй х1алт1ухъанлъун яхъинег1ан гьоркьоса къот1ун гьеч1еб х1аракатчилъиялъулъ нахъа тана эхеде рахунеб болъодул киналго х1ок1ал: к1удияй лаборант, гьит1инай (1962), к1удияй (1984), аслияй (1999) г1елмияй х1алт1ухъан.

Гьедин анц1-анц1 соназ бак1арана г1алимч1ужуялъ маг1арул халкъалъул к1алзул гьунаралъул асарал, гьезул г1елмияб ц1ех-рех гьабуна, басмаялда бахъун, халкъалъухъе кьеялъулъги лъик1аб х1аракатчилъи бихьизабуна.

Жиндирго г1елмияб х1аракатчилъи байбихьараб заман рак1алде щвезабун, гьадин бицана жакъа фолклоралъул отделалъул бет1ерай г1елмияй х1алт1ухъанлъун яхъун йигей Мисай Расуловна Халидовалъ.

- Доб заманалда адабияталъул отделалъе нухмалъи гьабулеб бук1ана к1удияв г1алимчи, г1олилазул насих1атчи, г1амал-хасияталъул рахъалъ мисал босизе мустах1икъав маг1арулав, профессор Шигьабудин Илясович Микаг1иловас. Институталде х1алт1изе лъугьаралдасаго дун жиндирго т1алабалде гъоркье йосана т1оцебе «Авар адабияталъул тарихалъул очерк» хъварав Бакьайич1иса Бадави Мух1амадовас. Х1акъикъаталдаги гьев вук1ана маг1арул адабият унго-унголъунги гъваридго бич1ч1улев ва гьелъие г1елмияб къимат кьезе гьунар бугев чи.

Чанго раг1и абизе бокьун буго г1олохъанго г1умруялдаса ват1алъарав, мунагьал чураяв Г1алих1ажи Ахлакъовасул х1акъалъулъги. Доб заманалда гьес нухмалъи гьабулеб бук1ана фольклоралда т1ад х1алт1улел г1алимзабазул къокъаялъе. Г1алих1ажияс х1аракат бахъулаан х1алт1удехун жавабчилъиялъул асар нижелъ лъугьинабизе. Живго ц1акъ аваданав, инсан хирияв, кумекалъе х1адурав чи вук1аниги, нижедехун кьвари бихьизабулаан. Цо-цо мехалда лъик1го какулаан отделалда гьоркьоб лъезе босараб нижер г1елмияб х1алт1и. Г1олохъанго рук1индал, доб мехалда нижеда бич1ч1улеб бук1инч1о гьесул щибаб раг1удасан щолеб бугеб кумек. Жакъа, гьев рак1алде щванщинахъе дица, дирго талих1лъун рик1к1уна Г1алих1ажиясда цадахъ х1алт1изе рес ккей. Гьев вук1ана дир кандидатлъиялъулаб диссертациялъул г1елмияв нухмалъулев, гьес редакторлъи гьабуна «Маг1арулазул фольклоралъул г1исинал дидактикиял жанрал» абураб дир т1оцебесеб т1ехьалъеги.

Гьал мухъазул авторасда Мисай Расуловна лъалей йигелдаса лъебергоялдасаги ц1ик1к1ун сон батила. Гьей бац1ц1адаб маг1арул мац1алда к1алъалей йик1иналъ дун х1икмалъизавун вихьидал, цо нухалъ Мисайица гьадин бицана:

- Шагьаралда г1умру гьабун ругониги, нижер рокъоб кидаго рахьдал мац1 - маг1арул мац1 къадруялда бук1ана. Араб г1асруялъул лъеберабилел соназдаго Дербенталда росдал маг1ишаталъул техникум, Грозныялда Северияб Кавказ краялъул т1адег1анаб коммунистияб росдал маг1ишаталъул школа, Москваялда НКВДялъул Т1адег1анаб школа лъуг1арав, К1удияб

Ват1анияб рагъ байбихьаралдаса ахиралде щвезег1ан Ленинградалда контразведкаялда х1алт1арав, гьелдаса хадубги т1олабго г1умру Мах1ачхъалаялда т1амурав чи вук1аниги, дир эмен киданиги рокъов нижедехун гlypyc мац1алъ к1алъалароан. Шагьаралда г1умру гьабун йигей ясалда гlypyc мац1 лъач1ого хут1иларин абун, инсуца дие насих1ат гьабулаан маг1арул мац1 к1ванаг1ан гъваридго лъазабизе х1аракат бахъейилан.

Гьедин гара-ч1варун ругеб заманалда дица гьелда гьикъана:

- Мисай Расуловна, институталде х1алт1изе лъугьинег1ан маг1арул фольклоралъулгун дур кинаб гьоркьоблъи бук1араб? - ан.

- Ц1ик1к1араздасан раг1улаан кицаби, лъай-хъвай бук1ана цо-цо халкъиял биценазулгун, куч1дузулгун, маргьабазулгун. Амма фольклоралъул темаялдасан цониги х1алт1и гьабун бук1инч1о институталда, хадуса - университеталда ц1алулеб мехалдаги.

Дир дипломалъулаб х1алт1иялъулги тема бук1ана «Шолоховасул прозаялъулал асаразул лексика».

Дагъистаналъул литератураялъул рахъалъ дица г1елмияб ц1ех-рех гьабуна лъараг1азул хъвадарухъан Юсуп Гереевасул г1умруялъулги xlaракатчилъиялъулги. Гьанже гьесул ц1ар къанаг1атги рехсолеб гьеч1о. Гьев вук1ана г1ажаибаб къисматалъул чи. Гьавуна 1903 соналда Капур-Гъумухъ росулъ учительлъун х1алт1улев вук1арав латышасул хъизамалда. Эменги хун бесдаллъун хут1идал, гьесул т1алаб гьабуна инсул гьудул - учитель Августин Скрабеца. Хъах1аб гвардиялъулаз ч1вазехъин вук1ун, А. Скрабе муг1рузул росабалъ вахчизе ккедал, Халимбегаулалдаса Арсу Гереевас гьев жиндиего васлъун вачана ва гьесда лъуна хварав вацасул ц1ар. Гьедин Юсуп Арсуевич Гереевас Ишкартиб росулъ яшав гьабулеб бук1индал, гьесда лъик1го лъана лъараг1 мац1, вахъана гьунар бугев хъвадарухъанлъун, СССРалъул Хъвадарухъабазул союзалъул членлъун. Хъвалаан лъараг1 ва гlypyc мац1азда. Хабар гleмерго халалъилелде, гьаниб рехсела Ю. Гереевас лъараг1 мац1алда «Шамил» абураб пьеса хъван бук1ун бугиланги.

- Лъицаха мун гьеcизаюрай халкъалъул к1алзул гьунаралъул асаразул ц1ех-рехалде гъорлъе лъугьине.

- Т1оцее х1алт1уде лъугьараб ме­халда, темаялъул бицен ккедал, доб мехалда дида цадахъ х1алт1улей йик1арай лезгиязул г1алимч1ужу Фируза Вагьабовалъ абуна дуца фольклоралъул тема т1аса бищейин, хасго маг1арул текстазда т1ад х1алт1улев г1алимчи цониги гьеч1илан. Гьеб суал дандбараб мехалда, Бадави Мух1амадовасги дир пикру бит1араблъун рик1к1ана.

Жакъа Мисай Расуловна Халидова ккола халкъалъул к1алзул гьунаралъул асаразул ц1ех-рех гьабураб 140-ялдасаги ц1ик1к1ун г1елмияб макъалаялъул автор. 1973 соналда ц1унана «Маг1арулазул фольклоралъул г1исинал дидактикиял жанрал» абураб темаялда филологиял г1елмабазул кандидатасул ц1аралъе диссертация. 1997 соналда докторлъиялъул диссертация ц1унана «Дагъистаналъул халкъазул мифологияб ва тарихияб эпос» абураб тема­ялдасан. К1иябгоги диссертациялъул кьуч1алда хъварал г1елмиял т1ахьал басмаялда рахъана. Гьелъ х1адур гьарун къват1ире риччана «Маг1арулазул халкъияб к1алзул гьунаралъул асарал» (2004) ва «Дагъистаналъул халкъалъул фольклоралда Кавказалъулаб рагъ» (2013) абурал т1ахьал. Данде гьабуна «Кавказалъулаб рагъул х1акъалъулъ Дагъистаналъул халкъазул биценал» абураб мажмуг1. Сиражудин Х1айбулаевичасда цадахъ х1адур гьабуна «Халкъалъул хазина» абураб т1ехь, Г1. Г1абдурах1мановасда цадахъ гlyц1араб «Аваразул халкъиял маргьаби» абураб т1ехь бахъана 1990 соналда маг1арул мац1алда ва 2003 соналда Анкараялда турказул мац1алдаги.

Мисай Халидовалъ жиндирго бут1а лъуна 2006 соналда Мах1ачхъалаялда къват1ибе биччараб «К1удияб Ват1анияб рагъул х1акъалъулъ Дагъистаналъул халкъазул фольклор абураб» мажмуг1 г1уц1иялъулъги. Бит1ахъе рек1елъ гъаргъар базабула рагъде вас т1овит1арай эбелалъул ургьисан угьараб бух1араб х1ухьеллъун лъугьарал гьадинал раг1аби гьеб т1ехьалдаса ц1алидал:

Г1орал угьдич1одай, къудратав Аллагъ,

Къолъик1, эбелилан, квер босулелъул.

Муг1рул г1одич1одай, г1азизав Аллагь,

Г1одилей дунги тун, мун унеб мехалъ.

Исана нилъер т1олабго улкаялъ к1одо гьабулеб бугелъул фашистазулаб Германиялда т1ад К1удияб Бергьенлъи босаралдаса 70 сон т1убай, гьаб макъалаялде т1убанго босизе мустах1икъаблъун бихьана Мисайица жиндирго инсуца-Халидов Расулица бицаралдаса 1994 соналда хъвараб «Чадил къимат» абураб хабар:

«1942 абилеб соналъул февралалда дун ккана Ленинградская областалъул Мурзинка абулеб поселокалде. Рукъалъ дун вук1ана цо инженерасухъ. Гьесул йик1ана ч1ужуги, к1иго гьит1инал, жеги школалде рачинч1ел ясалги.

Цо къоялъ къват1иве арав гьев инженер к1иго-лъабго къоялъ рокъове вач1инч1о. Дица гъесул ч1ужуялда гьикъана рос киве аравилан. Гьелъ абуна чанаве ун вугилан. Гъелъул маг1на кколаан ч1ван хут1арал чуязул гьан балагьизе анилан абураб жо. Ункъабилеб къоялъ вач1ана гьев рокъове. Гьеб сордоялъ гьез дун кваназе цадахъ г1одов ч1езе axlaнa. Столалда бугоан бежараб чол гьан. Дицаги дирго бечелъи цебе бахъана: к1ияйго ясалъе кьуна цо-цо чакаралъул къот1и ва бакъвараб чадил кесек столалда лъуна.

Ч1ужуги росги цоцахъ ралагьана ва гьезул бадибе маг1у к1анц1ана. Дица щиб ккарабилан гьикъараб мехалъ, инженерасул ч1ужуялъ бицана: «Нижер лъай-хъвай ккана политехническияб институталда цадахъ ц1алулеб мехалъ. Нижеда хъизан-рукъ гьабизе рак1алде ккана, амма доб мехалда жеги студенталлъун рук1индал, нижер рес бук1инч1о бертин гьабизе. Нижеца къот1и гьабун бук1ана, анц1го соналдасан бертинги гьабун, юбилей т1обит1изе. Жакъа буго нижер цадахъ анц1го сон т1убалеб къо. Доб мехалъ дида кидаго рак1алде кколароан юби­лей гьадин т1обит1илилан.

Унго, цо г1орц1изег1ан ч1ег1ераб чед кваналеб къо бач1инародай!» -ян абуна гьелъ, бадиса маг1уги бац1ц1унаго».

Мисай Расуловнаялъул г1елмиял ц1ех-рехазулги ц1ик1к1араб бут1а буго, РАНалъул ДНЦялъул Ц1адаса Х1амзатил ц1аралда бугеб ИИЯЛалъул х1алт1ухъабаз х1адур гьабун, 1991 соналда Москваялда «Г1елму» издательствоялъ къват1ибе биччараб «Дагъистаналъул халкъазул г1адатазулаб фольклор» абураб т1ехьалдаги. 1995 соналда гьеб мустах1икълъана Дагъистан Республикаялъул Пачалихъияб премиялъе. Гьедин М. Халидоваги яхъана гьеб премиялъул лауреатлъун.

- Мисай Расуловна нижер коллективалда гьоркьой бищунго х1аракатай, кинаб проекталда т1ад х1алт1улел ругониги, гьеб раг1алде бахъинабиялъе г1оло жигарги жанги кьолей г1елмияй х1алт1ухъан йиго, - ян бицана М. Халидовалъул х1акъалъулъ РАНалъул ДНЦялъул Мац1алъул, адабияталъул ва этнографиялъул институталъул директор, филологиял г1елмабазул доктор, профессор Мух1амад Ибрагьимович Мух1амадовас. - Гьаб ахираб заманалда нижер институталда аслияблъун ва ц1ик1к1араб к1вар бугеблъун лъугьун буго «Дагъистаналъул халкъазул фольклоралъул памятникал» абураб г1аммаб ц1аралда гъоркь 20 том къват1ибе биччаялъул проект. 2012 соналда Москваялда «Г1елму» издательствоялъ къват1ибе биччараб, «Мифологияб проза» абураб 1V том басмаялда бахъизе х1адур гьабиялъул жавабчилъи жиндего т1аде босун бук1ана фольклоралъул отделалъул бет1ерай г1елмияй х1алт1ухъан Мисай Расуловна Халидовалъ. Х1алт1улей йиго цогидал томал х1адур гьариялда т1адги. Гьелъ жигараб г1ахьаллъи гьабула институталъул г1елмияб г1умруялъулъги. Гьей йиго г1елмияб советалъул член ва институталда цебе бугеб диссертационнияб советалъул членги. Дагъистаналъул фольклоралда ва адабияталда хурхарал масъалабазул бицине т1орит1улел т1олгороссиялъулал, регионалиял ва республикаялъулал г1елмиял конференциязда, симпозиумазда ва сессиязда г1ахьаллъула ва гьений к1алъазе яхъуна.

Институталъул директорас Мисай Расуловнаялъул х1акъалъул бицаралдасан бич1ч1улеб бук1ана халкъалъул к1алзул гьунаралъул асарал рак1аризе гьей щвеч1ей маг1арул росу къанаг1атги хут1ун гьеч1еблъи ва гьединаб к1вах1 гьеч1еб х1алт1удалъун гьей г1алимч1ужуялъ г1емерал халкъиял асарал, халкъалъул к1алдир ругьунал биценал т1убанго т1аг1иналдаса хвасар гьарун, халкъалъухъе нахъруссинарун ругеблъи.

Хунзахъа г1алимч1ужуялъул гleмерсоназулаб х1аракатчилъиялъе къимат кьун, гьей чанц1улго мустах1икълъана РАНалъул ДНЦялъул президиумалъул рахъалдасан баркалабазе, сайгъатазе ва Х1урматалъул грамотабазе, гьединго Россиялъул г1елмабазул академиялъул Х1урматалъул грамотаялъеги. Гьелъие кьуна «Дагъистан Республикаялъул г1елмуялъул мустах1икъай х1алт1ухъан» абураб къадруяб ц1арги.

Мисай Халидова йиго к1иго лъимадул эбел. Яс Г1умарова Динара Зубаировна х1алт1улей йиго республи­каялъул Противочумная станциялда тохтурлъун. Гьелъие щвана «Дагъи­стан Республикаялъул мустах1икъай тохтур» абураб х1урматияб ц1ар.

Вас Г1умаров Камил ккола биологиял г1елмабазул доктор, профес­сор. Х1алт1улев вуго Россиялъул г1елмабазул академиялъул Дагъистаналъулаб г1елмияб централъул Прикаспийский биологиялъулал сурсатазул институталда х1айваназулаб экологиялъул лабораториялъул заведующийлъун.

Мисайица лъималазе кинаб тарбия кьун бугебали бихьизабула, рехсараб институталъул директорасул заместительлъун чанго соналъ х1алт1арав Камил Зубаировичас, гьеб «кабинеталъулаб» хъулухъалдаса инкарги гьабун, лабораториялда «ч1агояб» х1алт1уде машгъуллъи т1аса бищун бук1иналъ.

Гьаниб ахиралдаги рехсеч1ого г1еларо нилъер гьаб макъалаялъул багьадур Хунзахъа Халидов Расулил яс Мисайил бугеблъи спортивияб гимнастикаялъул рахъалъ к1иабилеб разряд ва г1олохъанаб мехалъ лъедеялъулъги лъик1ал х1асилал рихьизарулел рук1араблъи.

Мух1амалкамил Гьиматов.

 

Просмотров: 3089 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 5.0/1

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz