Пятница, 19.04.2024, 11:14 | RSS | Приветствую Вас Гость
Главная | Регистрация | Вход
Меню
Последние номера

18 август 2023 г. № 33 (10387)

11 август 2023 г. № 32 (10386)

4 август 2023 г. № 31 (10385)

28 июль 2023 г. № 30 (10384)

21 июль 2023 г. № 29 (10383)

Газета - это лицо района
Мы в социальных сетях
Instagram Facebook
Видео
З.О.Ж. ХУНЗАХСКИХ АКСАКАЛОВ. Спартакиада среди Хунзахцев Супербабушка Сакинат из Хунзаха Лотерея газеты СЕЛЬСКИЙ ТРУЖЕНИК . Открытие камня памяти Хаджи Мурату Культура и традиции Хунзахский р-он «Белые журавли»ЦАДА 2010г. Cвадебный обряд c.Сиух посмертно наградили Орденом «Мужест Участник ВОВ Мух1амад-расул. Праздник Белых журавлей Цада 2009г. Док. фильм о Хунзахском районе. Праздник в ХУНЗАХЕ 9 май 2011 год. Патахов Курбанали с.Сиух 2012г.Вече Махмуд Абдулхаликов Народный артист ВИА САРИР 1994г.Хунзахский район Хундерил музей тарихалъул нугI Юбилей Хунзаха 1989 год (2400 лет) Непавший Герой - Хаджи Мурат Документальный фильм.Хунзахский рай 70 -летие Хунзахского района. Хунзахский музей. Белые журавли.К 90-летию Расула Гам Документальный фильм Хунзахский рай Презентационный ролик курортно-тури РАСУЛ ГАМЗАТОВ-ФИЛЬМ О ПОЭТЕ. ФОРУМ МОЛОДЕЖИ ХУНЗАХСКОГО РАЙОНА 2 День молодежи в Хунзахском районе 2 УМУМУЗУЛ КУЧ1ДУЛ (Г1АЙШАТ ТАЖУДИНОВ Праздник Белые журавли (К 91 летию Закладки первого камня МАТЛАС. Фильм о Кайтмазе Аварском 100 летний юбилей Махулова в Хунзах Стихи Расула Гамзатова. День молодежи в с. Хунзах. 2015 год Вечер памяти наиба Хаджимурата в Ху Хунзахский район. Гьазул х1акъалъулъ бицуна Мала Алха Гьазул х1акъалъулъ бицуна-Магомед Ц Районалъул найихъабазул данделъи Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Гимбато Инсан ва сахлъи Гьазул х1акъалъулъ бицуна - ХIайбул Улбузул хIурматалда... Эбелалъул къ День в музее.2017 год. Итоги 2013-2016г.г. МРХунзахский ра Тарихалъул тIанчал(Страницы истории (Открытие памятника Фазу Алиевой) г ГIажизал лъимал рохизаруна Гьазул хIакъалъулъ бицуна - Работни МагIарул гIадатал ракIалде щвей Хунзахский каньон АВАРСКИЙ КОНЦЕРТ(САРИР) с.ХУНЗАХ 19 Санал свераниги хвел гьечIеб байрам День учителя ЦIада поэзиялъул рукъ рагьана М.ХIайдарбеков кIодо гьавун гьабура ГIобода варкаут рагьи ХIабибил бергьенлъиги бекьечIдерил Мы в гостях Патахова Айшат Улбузул хIурматалда - ГьоцIалъ росу Инсан ва сахлъи Хунзах больница День матери Голубой огонек ГIадамал ва замана - ГьоцIалъ росу Афганистаналъул рагъухъабазул дандч 8 Март кIодо гьабуна Гьудуллъиялъул дандчIвай ГIухьбузул къо кIодо гьабуна КIудияб бергьенлъиялде рачIунаго
Выдающиеся личности района
Случайное фото
Водопад Тобот
Погода
Форма входа
Логин:
Пароль:
Наша кнопка
Мы будем вам признательны, если вы разместите нашу кнопку у себя на сайте.

Хунзахская Газета, Сельский труженик, Росдал захIматчи


Статистика

Онлайн всего: 1
Гостей: 1
Пользователей: 0


Главная » 2016 » Октябрь » 8 » Г1ЕЛМУ- ЛЪАЙ КАМИЛЛЪАРАЗ КУЦАН Г1УНА ДУР НАСЛУ.
16:22
Г1ЕЛМУ- ЛЪАЙ КАМИЛЛЪАРАЗ КУЦАН Г1УНА ДУР НАСЛУ.

Районалъул социалиябгун экономикияб цебет1еялъулъ хасаб бак1 ккола лъай кьеялъул учрежденияз. Т1олабго улкаялдаго г1адин, нилъер районалдаги соналдаса соналде ц1ик1к1араб к1вар кьолеб буго лъай кьеялъул даража борхизабиялде. Лъай кьеялъулъ х1алт1изарулел руго ц1и-ц1иял инновациялъулал къаг1идаби, технологиял Педагогаз жидерго профессионалияб байрамалда дандч1вай гьабулеб буго х1алт1улъ ч1ах1иял бергьенлъабигун.

Районалда буго 6 азаргог1ан лъимералъе тарбия-лъай кьолеб лъай кьеялъул 100 г1уц1и, гьездасан 19-яб гочинабун г1и-боц1и хьихьулеб зонаялде ккола. Маг1арухъ лъай кьеялъул отделалъул нухмалъиялде гъорлъе уна 41 школа, гьезул 20-гьоркьохъеб, 8 аслияб, 13 байбихьул ккола. Лъай кьеялда х1алт1улев вуго 900-ялдасаги ц1ик1к1ун учитель ва 200 школалда цебесеб тарбия-лъай кьеялъул х1алт1ухъан. Районалда буго 205 педагогияв х1алт1ухъанас  тарбия-лъай кьолеб  1411 лъимер жаниб бугеб  36 ясли-ах,  ахирал соназ чанго росулъ т1адеги рагьана гьел.

Районалъул 3 школа мустах1икълъана «школа-миллионер» абураб ц1аралъе, 19 учителасе щвана президентасул премия. Щибаб школалда руго компьютеразул классал, интернет.

«РФялъул мустах1икъав учитель» абураб ц1ар щвана районалдаса 8 учителасе, «ДРялъул мустах1икъав учитель» абураб-38-ясе.

Районалда руго 109 т1адег1анаб, 342-т1оцебесеб категориялъул учительзаби ва воспитателал, 33-РФялъул г1аммаб лъай кьеялъул х1урматияв х1алт1ухъан.

Соналдаса соналде лъик1лъулеб буго районалъул школазул материалиябгун техникияб база. 2007 соналда районалде «Лъай кьей» миллияб проекталда рекъон бач1ана 5 млн. 354 азарго гъурущалъул багьаяб къайи, 4 автобус, 2008 соналда 3 млн. 866579 гъурущалъул багьаяб къайи ва 3 автобус, ч1орого учебникал. Гьедин 2 соналда жаниб  школал хьезаруна 4 интерактивияб доскаялдалъун, 12-кинабго дарс кьеялъе х1ажатабщиналдалъун хьезарурал ц1алул кабинеталдалъун. Ц1ияб ц1алул соналда школазда буго 9 автобус.

Ахирал соназда Хьини, Байикь, Ц1ельмес, Шотот1а росабалъ рагьана ц1иял ясли-ахал, т1адеги ц1иял корпусал рана Гьоц1алъ-320 лъимералъе, Хунзахъ-150 лъимералъе, Т1агьада 180 лъимералъе ва Гьац1алухъ-120 лъимералъе бак1 бугел, Гъоркьколо, Нак1к1икь, Гъонохъ школазе ц1иял минаби, Г1арани ва Ц1ияб Буц1ра росабалъ ран лъуг1ана ц1иял спортивиял залал, ралел руго Буц1ра ва Хьиндахъ росабалъги ц1иял спортзалал. Исана х1алт1изе кьуна 56 ц1алдохъанасе х1исаб гьабураб Ц1ада аслияб школа.

Амма киналго соназда гуро лъай кьеялъул даража гьединаб т1адег1анаб бажариялда бук1араб, рук1инч1о г1урал учительзаби ва хъвазе-ц1ализе лъалел.

Дагъистан кодобе босун хадуса пачаясул х1укуматалъе х1ажалъула жидерго политика билълъанхъизабиялъе г1урус хъвай-ц1али лъалел г1адамал. Гьел ц1акъ къанаг1ат рук1иналъ, гьеб заманалда Авариялъул ханлъун вук1арав Ибрагьимица ресал ратун 1860 соналда рагьула маг1арухъ г1урус хъваялъул ва мац1алъул школа. Гьенив ц1алулев 12 васасе дарсал кьолел рук1ун руго К1арат1аса Х1усеница ва Къудукьа Абулмуслимица.

Х1укуматалъул баяназда рекъон т1оцебесеб  г1урус школа Хунзахъ рагьараблъун рехсола 1865-66 сонал. Т1оцебе гьенив х1алт1ула Айдемир Черкеевский. Амма гьениб ц1ализе данде кколеб мина бук1инч1олъиялъ гьеб бахъула Темирхан-Шурабе ва хадуб гьенибги къала.

1888 соналда Хунзахъ рагьула цо классалъул училище. Гьелъ кьуч1 лъуна гьанжесеб Хунзахъ гьоркьохъеб школалъе. Гьениб ц1алулев вук1ана 16 вас. Школалда цебе бук1ана г1ак1аде бахъараб г1арцухъ 12 ц1алдохъан хьихьулеб пансионатги. Гьединго округалда вук1ана 246 вас жаниб ц1алулеб 65 мажгиталъулаб школаги.

Амма лъай кьеялда сверухъ ч1ванкъот1араб х1алт1и г1иц1го Советияб власть бергьун хадуб, районалъул лъай кьеялъул управлениялде Асадула Мух1амаев вач1индал гьабизе лъугьана. Гьедин 1920-21 ц1алул соналда районалда рагьула 11 школа. Гьенир ц1алулел 399 лъимералда гьоркьор 75 ясги йик1уна. Хунзахъ рагьула васазе ва ясазе бат1а-бат1аго 2 школа.

1930 соналда Хунзахъ т1оцебе рагьула 13 лъимерги гьеб хьихьун 2 х1алт1ухъанги ругеб ясли-ах.

1922-23 ц1алул соналда Авар округалда г1иц1го 3 учителасул бук1ана хасаб лъай. Гьединлъидал гьезие кумекалъе Россиялдаса, Белоруссиялдаса, Украинаялдаса  ва цогидалги бак1аздаса г1урус учительзаби рач1ине байбихьана. 1950-51 ц1алул соналда районалда гьединазул къадар 138-ялде бахун бук1ана. Гьезул 20-язда жидерго талих1 батана районалда. К1удияб адабалда ва рокьиялда лъег1елдерил г1адамаз ц1ар рехсола гьений х1алт1арай Ф. Пилякинал, гьец1ендерица Т. Журавлевалъул, Волощенко Мариял-Хьиндахъ, В. Юсуповалъул, М. Мух1амадовалъул, В. Далаковалъул-Гьоц1алъ, В. Аликуловалъул, М. Атаевалъул-Хунзахъ, Н. Ермолаевалъул-Гьамущи, Е. Х1асановалъул К1ахъ. Гьезул сиях1 жеги халат гьабизе бегьула.

Халкъияб лъай цебет1езабиялъулъ к1удияб бут1а лъуна 1920-1940 соназул учительзаби Зайирбег Г1алихановас, Мансур Х1айдарбеговас, Асадула Мух1амадовас, Г1умардибир Х1усеновас, Муртазаг1али Х1ажиевас, Маламух1амад Хъайитмазовас, Басир Маликовас, Г1убайдат Дибировас, Мах1ач Атаевас ва бат1и-бат1иял соназ райОНОялъул заведующияллъун х1алт1арал М. Локаловас, М. Къебедовас, Ш. Гьиматовас, М. Г1амирхановас, М. Насух1овас, Г1. Х1амзаловас, М. Саг1идовас.

Социалистияб Зах1маталъул Бах1арч1ужу, Ленинил ва Баг1араб Байрахъалъул орденазул кавалер Хажа Локаловалъул ц1ар районалъул г1адамаз рек1елъ к1удияб ч1ух1игун ва рокьигун рак1алде щвезабула.

Гьабсаг1атлда районалъул лъай кьеялъул отделалъулначальниклъун х1алт1улев вуго Г1умаров Залумхан. Гьесул нухмалъиялда гъоркь районалъул т1олалго муг1алимзаби х1алт1улел руго жидерго т1адег1анаб налъуе рит1ухълъигун ва хадубккунги х1алт1и лъик1 г1уц1изе таваккалгун. Амма гьезда гьоркьосанги к1удияб реццалъе ва х1урматалъе мустах1икъаллъун рик1к1уна Лъаг1илухъ гьоркьохъеб школалъул директор Къурамух1амадов Мух1амадбег Къурамух1амадович ва Ц1ияб Буц1ра гьоркьохъеб школалъул директор Г1умаров Мух1амадбег Мух1умаевич.      

Лъай кьеялъул х1алт1ухъаби кидаго г1ахьаллъула республикаялда т1орит1улел педагогазда гьоркьосел къецазда ва кидагоги цересел кьералъ рук1уна. Нилъер учительзабазул команда ахираб  к1иго соналъ т1ат1алаго бахъана республикаялъул педагогазул  спартакиадаялъул чемпионлъун. Гьез цебесеб бак1 цогидазухъе биччаларо бат1и-бат1иял конкурсаздагун олимпиадабазда.

Просмотров: 504 | Добавил: NiGMaT | Рейтинг: 0.0/0

by NiGMaT © 2024 ВНИМАНИЕ!!! ПРИ КОПИРОВАНИИ МАТЕРИАЛОВ САЙТА, ОБЯЗАТЕЛЬНА АКТИВНАЯ ССЫЛКА НА ИСТОЧНИК!!!
Хостинг от uCoz